Умумузе ритIухъаллъун рукIинин

Анкьабилеб февралалда Агъвали росдал маданияталъул кIал­гIаялъуб тIобитIана районалъу­л гIолилазулгун студентазул данделъи

 

Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул ГIолилазул ишазул министерствоялъул, республикая­лъул муфтияталъул, «Ас-салам» бас­маялъул, цо-цо жамгIиял идара­базулгун цолъабазул вакилзабаз, райо­налъул нухмалъиялъ, студентаз­гун интеллигенциялъ ва Агъвали рос­дал гимназиялъул цIалдохъабаз.
«Районалъул гIолилазе патриотикияб тарбия кьей ва динияб экстремизмалде дандечIей» абураб суалгун кIалъазе вахъарав районалъул бетIер АнвархIажи Вечедовас кIварбуссинабуна жакъа пачалихъалъ кьучI щулияб жамгIият гIуцIиялде ва гьеб гIуцIиялъулъ гIолохъанаб гIелалъул жигарчилъиялде кIварбуссинабулеб букIиналде.
— Районалъул гIолилазул ишазул отделалъе, МахIачхъалаялда бу­геб цIумадисезул гIолохъабазул цо­лъигун цадахъ хIажат буго социалиябгун экономикияб рахъ це­бетIезабиялъул программаби гIу­цIун, хIукуматалъул грантал щвея­лъе къеркьезе. КIинусгогIанасев студент вуго Дагъистаналъул ва Россиялъул регионазул тIадегIанал цIалул идарабазда цIалулев. Гьеб буго нилъер къуват. Руго росу-ракьги улкаги дунялалдаго рагIизабурал спорт­сменалги. БахIарчиял умумузул цIар борхатго, къадру-къиматалда цIунизе ккола нилъеца, — ян абуна А. Вечедовас.
— ВатIан бокьи иманалдаса кколин буго хIадисалда, — ян байбихьана гIолилаздехун вагIза-насихIатгун кIалъазе вахъарав Агъвали мажгиталъул имамасул заместитель Шамил ХIажиевас. — ВатIаналде рокьи, эбел-эмен разилъи, жамгIияталъе пайдаяб лъай тIалаб гьаби — гьеб ккола нилъеда Аллагь разилъи. Шамилица киналго ахIана, кинаб хъулухъалде кканиги, гIадамазе ва жамгIияталъе пайдаяллъун, Аллагь рехсолеллъун ва Аварагасул нух кколеллъун рукIине.
ДРялъул муфтияталъул респуб­ликаялъул мугIрузулаб территориалияб округалда вугев вакил ХIасан МухIамадовас бицана щивав чияс лъай тIалаб гьабизе кколеблъия­лъул. Динги дунялги цадахъ бачи­не кколеблъи бичIчIизабулаго, гьес гIо­лилал ахIана цадахъ рекъон хIал­тIизе, вацлъиялда рукIине, тIад вугев хIакимасе квербакъи гьабизе.
Дагъистаналъул бетIерас гьабулеб политикаялъул цIумадисезги рахъкквезе букIиналда божилъи загьир гьабуна терроралде дандечIараб республикаялъулаб комиссиялъул мугIрузулаб территориалияб округалда вугев вакил Сайпудин Сайповас. ГIолохъабазде хитIаб гьабулаго, гьес киналго ахIана намус бацIцIадаллъун рукIине, шаргIалъги къануналъги гьукъаралдаса рикIкIад чIезе.
— Нилъерго тарих лъазе ккола гIолилазда ва бичIчIизе ккола бахIарчилъиялъе бакI кибго ва кидаго букIунеблъи. Дунялалъу­л хIисаб гьабун, нусил бутIалъун кко­леб Дагъистаналъе кьечIеб «нигI­мат» гьечIо Аллагьас, хIатта са­лул авлахъалде гIунтIунцин. Дуня­лалдаго лъаялъул къебелъилъу­н рикIкIуна Дагъистан. Мадрасабазулги халкъалъулги хIисаб гьабун, дагъистаниязул лъай цебетIураб бугин европаялъулазде дандеккунилан абун буго кIинусгогIан соналъ це­бе этнограф Петр Усларица. ГIа­лимчи ГIабдурахIман Ансарил тIехь­ги цIалун, Мадина шагьаралъу­л тарихалъул музеялъул директор, гIалимчи ГIабдулбасирица абун бу­го дагъистаниял кколин диниял гIел­мабазул, тарбия-лъай кьеялъул рахъалъ цогидазе мисалияб халкъ, цохIо гьаб тIехь цIаларасда гьеб якъин­го бихьизеги бугин. Нилъеда нахъа руго дунялалдаго цIар рагIарал бахIарчиял нилъер умумул. Гьезие ритIухъаллъун рукIинин нилъги, — ян кIалъана республикаялъул АТКялъул экспертазулаб советалъул член МикагIил МикагIилов.
Данделъиялъул ахиралда районалъул бетIер АнвархIажи Вечедовас баркалаялъул кагъталгун гIарцулал сайгъатал кьуна цIалулъ ва спорталъулъ тIокIлъи бихьизабурал студентазе.
Хадижат Залимханова