Рахьдал мацIалъул къоялде

Миллияб адабият цIунулеб аслияб китабхана

Лъималазе рахъулел тIахьазул тираж дагьаб букIуна, гьел хираго чIолел рукIиналда бан

Латин мацI бицунел гIадамал тIагIаниги, гьеб цIунун хутIана. Гьелъие гIиллалъун ккана гьеб мацIалда гIелмиял тIахьалги художествиял асаралги рахъун рукIин. Рахьдал мацIал цIуниялъул мурадалда гьабулеб хIаракаталъул хIакъалъулъ нижее бицана Дагъистаналъул тIахьазул басмаханаялъул (ДКИ) директор Марям ГIумаровалъ.

— Ахираб заманалда гIемер бицуна, миллияб мацIалда газеталги журналалги рахъизе хIажат гьечIин, гьел электронияллъун гьаризе заман щун бугин абун. Дур пикру кинаб бугеб?
— ХIакъикъаталдаги, гIемер бицунеб буго мацIал цIунизе кколин. Амма гьеб харбил хIасилго бихьуларо. Миллиял басмабазул масъалабиги, цIикIкIун гурони, дагьлъулелго гьечIо.
Мисалалъе, босилин тIахьал рахъи. Республика тун къватIирехун лъица рахъизе ругел тIахьал дагъистаниязул мацIалда? Лъихъа бажаризе бугеб гьел хIадурун? Кин цIунилеб мацI, гьеб мацIалда тIахьал рахъулел гьечIони? Гьединлъидал Дагъистаналъул тIахьа­зул басмаханаялде бугеб бербалагьиялъго бицуна нилъер хIукуматалъул гьелде бугеб балагьиялъул. Миллиял мацIазда тIахьал рахъи буго гьел миллатазул маданиябги рухIиябги нахърател цIуни гуребги, мацIал цIуниялъе квербакъиги. Гьел мацIазда тIахьал рахъиги бащалъула нилъер хъвадарухъабазулги шагIирзабазулги адаб ва къимат гьабиялда.
Дагъистаналъул хъвадарухъабазул рес гьечIо жидерго гIарцухъ тIахьал рахъизе. Хъварал тIахьазухъ гьезие кьола мукъсанаб гонорарги. Пачалихъияб басмаханаялда хъвадарухъабазул асарал рахъулел гьечIони, лъикIаб даражаялъул миллияб адабият тIагIине буго.
— ЛъагIалида жаниб чан тIехь бахъулеб миллияб мацIалда?
— Ахирал соназда пачалихъалъул кумек дагьлъана. Гьединлъидал рахъулел тIахьазул къадарги соналдаса соналде дагьлъулеб буго. 2014 соналда басмаялда бахъана 78 тIехь, 2015 соналда – 59, 2016 соналда – 40 ва 2017 соналда – 20. РакIалда буго исана 60 тIехь бахъизе.
— Гьезда гьоркьоб чан тIехь букIине бугеб магIарул мацIалда?
— Нижер буго гIемерал соназ тIатIалаго риччалел тIахьазул сериял: «Дир гьитIинаб ватIан», «Дагъистаналъул халкъал», «Машгьурал дагъистаниязул гIумру», «Дагъистан: заман ва къисматал», «Дагъистаналъул лирикал: классикалги гьанжезаманалъул авторалги», «Ирс» ва гь.ц. РакIалда буго, ЦIадаса ХIамзатилги, Расул ва ХIажи ХIамзатовазулги байрамазда бан, «Дир гьитIинаб ватIан» абураб сериялда, ЦIадаса ХIамзатил «ЦIада, мун дир кини» абураб тIехь бахъизе. Рахъизе руго шагIирзаби-юбиляразул тIахьал. Гьезда гьоркьоб – ХIажи Гъазимирзаевасул мажмугIги.
— Школазда хутIунго гьечIо миллиял мацIазда лъималазе хъварал асарал…
— Лъималазе тIахьал рахъизе тIадаб гьечIо нижеда. Дагучпедгиз къаралдаса нахъе лъималазе асарал басмаялде рахъунгутIи хIисабалдеги босун, нижеца хIаракат гьабула цо-цониги тIахьал рахъизе.
2018 соналда байбихьизе буго «Дагъистаналъул цIалдохъанасул серия». Рахъизе руго Дагъистаналъул классиказулги, гьанжезаманалъул авторазулги халкъиялги асарал. Масала, «Дагъистаналъул халкъияб эпос», «ГIакълуялъул дандерижи» абураб магIарул биценазул мажмугI. Амма лъималазе рахъулел тIахьазул тираж дагьаб букIине буго, щайгурелъул гьел хираго чIола. Гьезда рукIине ккола берцинал ва кьер-кьерал сураталги, чIахIияб шрифтги, цогидал хаслъабиги. Гьелъие хIажалъула гIемер гIарац.