МоцIрохъги балагьун биараб рокьи (Хабар) АхIмад ЧИНАР

«Нилъер тарихалъул тIу-тIурал тIанчал»

 

 «Рилълъинищ Туркалълъ, нилъер магIарул

ГIасру къватIиб бараб наслу бихьизе.

Гьабиларищ сапар Истамбулалде

Инсул ВатIаналъул бутIа цIехезе.

 

…Нилъер тарихалъул тIу-тIурал тIанчал,

ТIолго кIвечIониги данде рачине.

Миллаталъул унти чорхолъ бессарал

Васазухъ балагьун нахъе руссине…»

                                                  (М. ХIамзаев)

ЗахIматал соназ чияр ракьалде гочарал нилъер миллаталъул наслаби — гIажаибаб рекIел бухIи, батIияб цIцIай букIуна гьезухъе щвезе.

ХIикматаб пашманлъиялъул асар гьабулеб бакъан рагIана дида 2015 соналъ Яловаялде, Туркиялъул магIарулазухъе гьоболлъухъ щведал. Кавказалдаса гочун Туркиялъул ракьалде рачIунел умумул ракIалдещун гьеб бакъан хъван бугоан дунялалъул гIемерал фестивалазда гIахьаллъарав, Америкаялъулгун ИзрагIилалъул ракьалда Кавказалъул бакънал рачарав искусствоялъул машгьурав гьунарчи ХIажимурадица.

Черкессазулгун би жубарав вугониги, живго дагъистаниявлъун рикIкIунев ХIажимурадил гъасда гьеб къоялъ данделъараб магIарул наслуялъул горсвериги, рукъалъул хважаинас аргъаналда бачунеб пашманаб бакъаналъухъе киназго бацIцIунеб магIуги дие кIочонареблъун хутIана.

Гьединго рекIелъ къан хутIана Стамбулалда дандчIвазе вачIарав магIарул наслуялъул гIолохъанчи

Шамилгун некIсияб шагьаралъул тарихиял бакIазда хьвадулаго букIараб гара-чIвари. Умумузул мацI, тарих лъазабизе гьес бахъулеб хIаракаталъул батIаго биине мустахIикъаб буго. Гьаниб къокъго абила — Шамилица пикру гьабулеб буго умумузул рухIияб бечелъи цIуниялъе квербакъулев, Туркиялда бугеб магIарул миллат данде бакIарулев, жинда сверухъ гьел гъунки-

зарун бажарулев цевехъан гьечIолъиялъул. Гьединав чилъун гIолохъанчиясда вихьулев вуго Туркиялъул цо провинциялъул губернатор, магIарулав АхIмад Чинар.

Цоги пашманаб асар гьабуна Анкараялда гIумру гьабун ругел дир гьудулзаби Яшарил ва Асиятил рокъоб цIалараб хабаралъ. Туркиялъул магIарулав, кIудияв хъулухъчи, шагIир ва хъвадарухъан АхIмад Чинар рагIун вугониги, гьес хъварал асарал цIалун рукIинчIо

жеги. ГIалимчи АхIмад МуртазагIалиевас турк мацIалдаса буссинабураб гьаб хабаралъул цIализе бакIлъулеб цо чанго предложение дагьабго къачIа-кIатIана. «Меседо» абураб харбида букIараб цIарги «МоцIрохъги балагьун биараб рокьи» абун хисизабуна. (АхIмадица гIайиб гьабизе батиларо, магIна хвезабун гьечIелъул).

                                                                                                                                                  ПатIимат ГьитIинова

                                       

                         МоцIрохъги балагьун биараб рокьи (Хабар)

 
1864 соналъул их букIана. Дагъистаналъул тIогьгIан тIадегIанаб ва къадруяб Гъуниб мегIералъул каранда, квер бегьун моцIрохъе щолеб борхалъуда парахалъараб Гъуниб росулъаги гIадамал ватIан тун рикIкIаде гочунел рукIана.
Меседо ва МухIамад – рокьул цIураб кIиго ракI! МугIрузда гIурусаз кверщел гьабиялъ ва ватIан тун гочине ккеялъ лъугьинабураб пашманлъиялъул асар баян гьабизе захIмат букIана. МухIамад нахъисеб къоялъ жиндирго гIагарлъи-кулпатгун цадахъ ГIусманиязул ракьалде гочине хIадурлъулев вукIана. Сардил цIураб моцIги, квер битIун босизе кIолеб гIадин, Меседол гьумер кинигин гвангъун букIана.
 
ЦинтIаго вукIараб бакIалдасаги векерун Меседол кIалтIе щун ватана МухIамадида живго. Кавуда
кIутIизехъин гьев вугеб мехалъ, мажгиталъуса рокъове вачIунев Меседол эмен гIалимчи ГIабдурашидги тIаде щвана. Гьез цоцазе салам кьуна. Къаси мех букIиналъ, ГIабдурашидида
МухIамад лъачIо.
– Дун МухIамад вуго, ГIабдурашид! Жаватханил вас! — ин абуна гIолохъанчияс.
– МухIамад! Жаниве вачIа, дир вас, — ин абуна ГIабдурашидица.
– Дун жаниве лъугьинарин гьанже. Къо-мех лъикI гьабизе вачIун вукIана, гьабизе жо гIемераб буго.
– Нужер хъизанги унеб рагIулаха… Нух битIаги, дир вас, — анги абун: «ПатIимат! Меседо!» — ян ахIдана гьев.
 
Цин Меседо ячIана къватIие, хадуй гьелъул эбел ПатIиматги яккана.
– МухIамад вуго нилъергун къо-лъикI гьабизе вачIун, — ин абуна ГIабдурашидица.
ПатIимат гIодизе лъугьана. Гьей МухIамадида къочана… «Аллагьасул хIукму, къадар буго гьаб, дирвас. Цоцазе дугIа гьабизин», — ан гьелъ абулаго, Меседо, моцIрол канлъухъе рахчун риччарал бералгун, сихIкъотIун кавудухъ яхъун чIун йикIана. Жанисан тIолабго гIаламалъе нагIанаги кьолаго: «Нилъги рилълъинин, дада!» — илан ахIизе бокьун букIана гьелъие.
Меседое жиндирго рокьиги рагьизе бокьун, рес къотIун вукIана МухIамад. Цо лахIзаталъ моцIрода бер чIвана гьесул ва гьелъул нуралъ тавакаллъи бижизабуна гIолохъанчиясулъ.
– ГIабдурашид, Меседода абизе бокьараб цо жо буго дир, дуца изну кьуни…, — янги абун, жалго цохIо ругеб бакIалда гьейгун кIалъазе изну гьарана гьес ясалъул инсудаса.
– ЛъикI буго, дир вас. Аллагьас нилъее киназего кумек гьабеги, — янги абун, гьев ПатIиматгун цадахъ рокъове ана.
МухIамадица хIасратго абуна ясалда:
– Дун росу тун унезда гьоркьов вуго, мунин абуни хутIулезда… ТIасалъугьа,Меседо.
– Дун тIасалъугьарай йиго… Мунги тIасалъугьа…, — ян захIматго гурони абизе кIвечIо гьелда.
– Нилъеца нилъерго къадруялъе гIоло бажаранщинаб гьабунаха. ГъалбацI цIакъ бахIарчияб хIайван буго, амма жибго цохIо букIиналъ, тIаде бачIараб рехъадаса къуна гьеб.
Гьаб гьайбатаб улкаялда, гьабун бертингун, мунгун кьурдизе кигIанха дие бокьилеб букIараб. НахъегIанав тушманасе нагIана батагиха…
СихIкъотIун чIана гьел дагьаб мехалъ, ва хадуб васас абуна:
– Гьаб сордоялдаса байбихьун, щибаб сордоялъ моцIрохъ ялагье мун, Меседо, дунги валагьила гьелъухъ, — ан.
– Щибаб сордоялъ ялагьила…, — ян гIодилаго абуна гьелъ.
Рогьел гIагарлъулаго, гъугъайгун цадахъ пирхараб пириялъ гвангъизабураб сардилъ, зодил кIамури бихъ-бихъизабун, цIваби инсанасде тIаде рортизехъин ругеб гIадаб асар лъугьинабуна. ТIаде чваххун бараб цIадгун цадахъ дуниял-гIалам гIек-гIекун гIодилеб бугилан кколеб букIана.
Гочун унез нух босараб мехалъ, гIодулел гьаркьаз зодил гъугъайгицин къинабулеб букIана…
…Цоял ракъдадасан, цогидал ралъдадасан – аза-азар чи гочун унев вукIана гIагарал росаби тун.
ГIемерисел ГIусманиязул ракьазде унел рукIана. Гочунезул бащалъиялдаса цIикIкIарасел нухда хвана.
ГIусманиязул пачалихъалъ Кавказалъул халкъал, вацал гIадин, къабул гьарулел рукIана.
Кавказалъул халкъал пачаясул Россиягун цIидасан рагъулел рукIана. Гьеб рагъулъ ГIусманиязул
улкаги гIахьаллъула.
Имам Шамилил вас ГъазимухIамадил чIужуялъул вац ва ГIусманиязул пачалихъалъул генералзабазул цояв, «ГIиракъалъул ФатихI» абун цIар щварав МухIамад Фазил-пашал аза-азар кавказалъуласдаса гIуцIараб «Дагъистаналъул полкалда» вукIана, щибаб сордоялъ моцIрохъ валагьун, жиндирго Меседоде дунялалда бищунго хIасратал кучIдул ахIулев МухIамад абун цо бахIарчияв капитан.
Гьеб букIана 1916 сон. Багъдад шагьар цIунулеб рагъулъ аскаралъул бетIералда, бищун цебесеб кьералда вагъулев вукIарав МухIамад Фазил-паша, тушманасул гуллаги щун, шагьидлъула.
Гьеле гьеб, жиндирго командир шагьидлъараб рагъулъ, лъукъула МухIамадги. Дунялалъул бецIлъигун цадахъ моцIги битIахъе МухIамадил каранда тIад бихьулеб букIана. Гьеб букIана цIураб ва цIакъ гвангъараб моцI. Гьимулаго, гьес абуна: «Щукру буго дуе, БетIергьан Аллагь», — йилан.
МухIамадида лъалаан жив холевлъи. Къаданив чIун вукIарав Закаталаялдаса ХIамзатида гьес гьарана жив цо кьурухараб бакIалдехун вачеян: гьедин гьев Меседоде жеги гIагар вукIине вуго. ЗахIматго рагьарал бералгун моцIрохъ валагьулаго, рекIел гъварилъиялдаса гIицIго Меседода
гурони рагIизе кIолареб гьаракьалъ гьес абуна: «ЛъикIго йикIа, Меседо! МоцIролаб дир гьумер, дир сардазул гъвангъи!» — ян.
…Меседоги щибаб сордоялъ, рукъалъул тIохдеги яхун, моцIрохъ ялагьун йикIунаан. Гьелъул бадиса чвахулеб магIудулъ гвангъараб цIа инагьдилеб бугеб рекIеде тIинкIулеб букIана.
Лъиданиги щибниги жо бицун букIинчIо гьелъ жиндирго вокьулесул хIакъалъулъ. Ахиралдаги каранзул унти ккана Меседода.
Ясалъул рокьи бичIчIарав кIудияв гIалим ГIабдурашидица гьей, МухIамадидаса ятIалъичIого йикIине гIоло, щибаб сордоялъ кодой ккун, тIохде йосулаан ва моцIрое кьолаан.
Рокьуца къоялдаса къоялде загIиплъизаюлей йикIарай Меседое дугIаби гьарулаго, живгоги тIагIун
лъугIулев вукIарав ГIабдурашидица, гьеб сордоялъги Меседо захIматго йосана тIохде.
Ясалда бичIчIулеб букIана жий холей йикIин ва гьеб сордоялъ инсул кверал риччачIо гьелъ. МоцIги ккуна гьеб сордоялъ.
 
ЧIечIого Меседое дугIаби цIалулев вукIарав ГIабдурашидида ахирги бичIчIана ясалъул кверал загIиплъараллъи.
Гьелъул кверги биччачIого, бецIаб, ахир гьечIеб зодовеги валагьун, гьес шурана: «Ле, тушманав залим, ле, ахIмакъ, нижер щивав дур тIолабго аскаргун вагъулев вуго ва нижер щивав дур гьеб
тIолабго аскаралдаса бахIарчиявги вуго. Ле, хъурумсахъ! КIудияб дунялалда нижее щвараб дангъургIанасеб ракь ва нижее гIоло дунялалдаса дагьабги къиматаб ватIан Кавказ – гьебги нижер кодоса бахъизе гIоло гьабгощинаб зулму гьабуна дуца.
Цогояб ракIлъун рукIана ниж, гьебги аза-азар бутIабазде бикьизабун, дунялалъул ункъабго рахъалде щущазабуна дуца. Дуца ниж лъугIизаризе гьечIо ва цохIого цо чи хутIанигицин, нижеца Кавказ я дуе, я батIиязе кьезе гьечIо. Ле, хIалихьат! ТIолабго дунял дур бугонигицин, Меседол багьаяб букIинадай гьеб?»