МоцIидасан гьаб унти танкилилан хьул буго…

Коронавирусалда хурхун бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ

бицунеб буго Дагъистан бахун къватIирехун ругел магIарулаз

Коронавирусалда хурхун бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ

бицунеб буго Дагъистан бахун къватIирехун ругел магIарулаз

 

 

Жалалудин СагIидбегов,

Рималда бугеб Сапиенца университеталъул профессор

(Италия)

Дун гIумру гьабун вугеб Рималда, Италиялъул северияб рахъалде данде ккун, ахIвал-хIал дагьабго

гIодобе биччараб буго. Ахираб 30 соналда жаниб дида тIоцебе бихьулебги буго гьадинаб Рим.

АскIобго бугеб тукаде араб мехалдагицин къанагIатги вихьуларо чи.

Коронавирусалъул эпидемия байбихьилалде туристазул гIемерлъиялъ хIетIе чIезе бакI букIунароан гьаниб. Рималъулаздаса цIикIкIун рукIунаан тIаде рачIарал.

Рималда гIагарлъухъ бугеб Лацио шагьаралда гьадинаб хIал буго: коронавирусалъ унтана 2758

чи, хвана 169 ва сахлъана 337 чи. Госпиталалда регаразул къадар буго 1131 чи. Гьезда гьоркьоса интенсивнияб терапиялъул отделениялда вуго 177 чи.

Рокъорго чIун сах гьавулев вуго 1450 чи.

Интернеталдасан бицунеб куцалда концертал кьолел, релъихъуялдаги гьечIо гьаниб халкъ.

ЦIакъго пашмангоги гьечIо. Божилъи буго унти къезабизе бажарилин абураб.

Гьединго соцсетаздаги цогидалъубги бицунеб рагIула хварал чагIи рукъизе хадур гъолел гьечIин

Италиялда. ГьедигIан гIемерал жаназабиги гьечIо гьанир.

Пачалихъалъ кумек гьабулеб буго хIалтIиги рехун тун, рокъор чIезе ккарал гIадамазе. Цо-цо налогаздаса эркен гьаруна гьел, страхованиялъул гIуцIабазги байбихьулеб буго рецIалил гIарац кьезе.

Дица нилъерго ракьцоязда, дагъистаниязда гьарула унти тIубанго лъугIизегIан парахатго чIайилан. ГIемерав чиги ахIун бертаби гьарулеб, зигараялъ унеб гIадат дагьаб заманаялъ кIочон те. Заманаялъ мажгиталцин къазе бегьилааан, гIарабазул улкабаздаго гIадин.

 

Сайгид Билалов, 

Свердловск областалъул Алапаевск шагьаралъул мэр

Дица нухмалъи гьабулеб Алапаевск шагьаралда жакъа къоялде гьечIо коронавирусалъ гIадамал унтиялъул цониги хIужа.

Карантиналда вуго 44 чи. Улкаялъул Президентасул ва Свердловск областалъул губернаторасул Указалда рекъон, лъазабун буго хIинкъи гьечIолъиялъул хасаб низам. КъватIахъ вукIунаро цониги

чи, хасал хъулухъазул хIалтIухъаби тун батIиял.

Рахан руго тIолалго тукаби, кванил нигIматазул хутIизегIан. Шагьаралде рачIунел чагIазул тIадчIун хал гьабула ва 14 къоялъ карантиналда лъола. Мисалалъе, Москваялдаса бачIараб хъизан 14 къоялъ карантиналда лъуна.

Таксиялда цо чи гурони рекIине виччаларо. Хъизан цадахъ бугони, бегьула.

Тадбирал согIал руго, амма кинабго гьабулеб буго шагьаралъул гIадамазул сахлъи цIуниялъе ва

хIинкъигьечIолъи букIинабиялъе гIоло. Гьединлъидалин коронавирусалъ унтарав цониги чиги гьечIев.

Тукаде жаниве виччаларо щугоялдаса тIаде чи. Гьезда гьоркьобги букIине ккола бащдаб метралъул манзил.

Киналго маскабиги ххун руго. Маскабазул къварилъи гьечIо, щай абуни нижеца хIукму гьабуна ретIел букъулеб ателье маскаби рукъиялде сверизабизе.

Микрофоназдасан гьоркьоса къотIичIого лъазабула къватIиве хIажалъи гьечIого чи вахъунгеян. Нагагь вахъани, хех гьабун щвезавула ГОВДялде.

Бокьун буго «ХIакъикъат» газета гьоркьоб ккун, урхъараб салам битIизе Дагъистаналъул тIолабго халкъалде ва, тIоцебесеб иргаялда, дирго гIагараб ГIахьвахъ районалъул гIадамазде.

Аллагьас цIунаги нилъ балагьаздаса!