ГI. Мирзабеков гьавуралдаса — 80 сон

…Премьер-министрасде щвезегIан

 

Заманалдасаги цеве унев вукIана гьев

ГIабдуразакъ Мирзабековасул цIаралда бухьараб буго араб гIасруялъул 1987-1997 соназда Дагъистаналъул экономика цебетIей. Гьеб заманалда цIарги журналистаз ва аналитиказ лъун букIана «Мирзабековасулин». Дагъистаналъул цIияб тарихалда гьесул цIаралъги ккола цо хасаб бакI. Гьев мустахIикъав вуго республика цебетIезабиялъулъ жидеца бутIа лъуразул цебесеб кьерда вукIине. ХIалбихьи бугев нухмалъулев, республикаялъул жамгIияталъ жиндир адаб гьабулев вукIарав, гIадатиял гIадамалгун кIалъазе лъалев — гьединав вукIана Мирзабеков. Доб захIматаб, политикаялда ва экономикаялда кIудиял хиса-басиял кколеб заманалда, гьев ритIухъавлъун хутIана Дагъистаналъеги, дагъистаниязеги, жиндирго ишазеги. Гьесие хасияталлъун рукIана гIагараб халкъалда цебе жиндаго тIадаб борч тIубай, божилъи, яхI-намус цIуни гIадал гIамалал.

ГIабдуразакъ Мирзабековас захIма­талъулаб нух байбихьана 1961 соналда Каспийскалъул «Дагъдизель» заводалда инженерасул хъулухъалдасан. 1972 соналъул байбихьуда Мирзабеков хIалтIизе лъугьана МахIачхъалаялъул приборал гьарулеб заводалъул директорасул заместительлъун, гьебго соналъул ахиралда тIамуна Гъизляралъул электромеханикияб заводалъул (КЭМЗ) нухмалъулевлъун. Гьениб загьирлъана гьесул гIуцIарухъанлъиялъул махщел. Гьелго соназ гьесие щвана кIиабилеб тIадегIанаб лъайги. Гьес Москваялда лъугIизабуна КПССалъул ЦКялда цебе бугеб жамгIиял гIелмабазул академия. Ва гьенибго цIунана экономикиял гIелмабазул кандидатасул диссертация.
1986 соналда 46 сон барав заводалъул директор тIамуна Дагъистаналъул Министрзабазул советалъул председателасул заместительлъун ва хадуб, 1987 соналда — Дагъистаналъул Министрзабазул советалъул председательлъун. Республикаялъе захIматаллъун рукIарал гьел соназ Дагъистаналъул хIукуматалъул бетIерлъуда вукIарав Мирзабековас ракIбацIцIадаб хъулухъ гьабуна дагъистаниязе.

Заманалдасаги цеве унаан гьев

Мирзабековасда цадахъ дун хIалтIана 11 соналъ. Ва дица нугIлъи гьабула Дагъистаналъул промышленность ва росдал магIишат базаралъулаб экономикаялде бачине гьес гьабунщинаб хIалтIуе. Абизе ккола, гьелъул рахъалъ гьев заманалдасаги цеве унев вукIанилан. Россиялъул цохIо субъекталъе гьеб букIана цIакъго кIудияб хIалтIи ва цебетIей.
1991 соналъул 21 декабралда букIараб ДАССРалъул Верховный Советалъул иргадулаб сессиялда «Дагъистаналъул кадрабазул политикаялъул хIакъалъулъ» абураб докладалда гьес абуна республикаялъул цебетIей ине бугила капитализмалъул нухдасан.
— Дида кколеб буго киназдаго гурин бичIчIулеб бугеб республикаялъул политикияб ва экономикияб гIумруялда кколел ругел хиса-басиязул магIна. ЖамгIиябгун политикияб гIуцIи хисулеб буго цоги батIияб гIуцIиялъ, ай капитализмалъ. Гьединго кIудиял хиса-басиял ккезе руго гIадамазул гIумруялъулги. Нилъ гьелде рачIунел руго. Ва гьелде хIадураллъунги рукIине ккола, — ян абуна гьес.
Гьеб киналъулго хIакъалъулъ гьес хъванги букIана «Регионы. Экономика. Стратегия. Безопасность» абураб тIохьода.

ЦIирагьиял

Мирзабековасул жигараб байбихьиялдалъун 1989 соналда гIуцIана респуб­лика гIарцудалъун жинцаго хьезабиялде ва самоуправлениялде бачIиналде хIадур гьабиялъул хасаб комиссия. 1992 соналде щвезегIан гьесухъа бажарана Россиялъул бюджеталдаса гIарац босичIого, нилъерго налогазул кьучIалда Республикаялъул экономика хIалтIизабизе.
ГIабдуразакъ Мирзабеков вукIана цIакъго гIадатияв инсан. Данде ккарал гIадамазда гьев кIалъалаан гIодове виччан, цIехолдулаан, гIенеккулаан бицунелъухъ, кьолел гIакълабазухъ. Гьелъ квербакъулаан гьесие хIалтIи цебе бачиналъе. ГIабдуразакъ Мирзабековас хIукуматалъе нухмалъи гьабулел соназ МахIачхъалаялда рагьана «Адам-Интернешнл» абураб реччеб гьабулеб завод, Дербенталда риччазе байбихьана «Филлипс» телевизорал. ГIуцIана «МугIрул», «Юг», «Переселение» социалиябгун экономикияб цебетIеялъул программаби, балеб букIана Рихьуниб ГЭС. Гьединго щулалъана Турциялъулгун, Италиялъулгун, Испаниялъулгун дармилал бухьенал. Гьебго заманалда байбихьана республикаялда щуго эркенаб таможенияб зона рагьиялъе гьарулел хIалтIаби: аэропорт, ралъдал порт, «Дагъдизель», «Радиотовары», «КЭМЗ». ГIабдуразакъ Мирзабековасул жигаралдалъун, Россиялъул батIи-батIиял ремонтазда байбихьана рагьизе ДРялъул вакиллъаби. Жакъа къоялде гьел руго 50-ялдасаги цIикIкIун. ХIадур гьаруна Дагъистаналда халкъазда гьоркьосеб эркенаб экономикияб анкьго зона рагьиялъе документал: «Дагъистаналъул юг ва Азербайжаналъул север», «Ралъдал дармил порт» ва цогидалги. Мирзабековасул жигаралдалъун бана Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялъул мина.

ХIалтIуца берцин гьабураб гIумру

Доб заманалда хIукуматалда кIвана Дагъистаналъул халкъазда гьоркьоб гьудуллъи ва цоцалъ рекъон хIалтIи цIунизе. ГIабдуразакъ Мирзабеков киданиги лъугьинчIо рецц-бакъалда хадув, къваригIинчIо гьесие тIадегIанал хъулухъалги, гьелъул гIаксалда, гьесие бокьун букIана хIалхьиялде ине. Гьелъул хIакъалъулъ гьес лъазеги гьабуна 1991 соналъул 31 августалда тIобитIараб ДАССРалъул Верховный Советалъул сессиялда. Гьединаб мисал, БакътIерхьул улкабазда цебего гIадатлъун букIаниги, Россиялда, хасго Дагъистаналда, 42 соналъ хIалтIулев вугониги, дида дандчIван букIинчIо. Амма депутатаз гьеб гьари къабул гьабичIо.
Мирзабековасухъа бажарана респуб­ликаялъул экономикаялъулъ кколел ругел хиса-басиял, цIилъаби гIумруялде рахъинаризе, кигIан захIматаб заман бугониги. ЧIорогоял тукаби, базарал, мискинлъарал колхоз-совхозал — сунцаниги квалквал гьабичIо гьесие.
1992 соналъул 21 маялда букIараб ДРялъул Верховный Советалъул сессиялда гьес абуна заман щун бугин президентас республикаялъе нухмалъи гьабулеб къагIидаялде рачIине.
— Раккила цIиял цIарал, цIиял программаби, гIолохъанал кадраби, аналитикияб бажари бугел гIадамал. Гьединлъидал цIилъабиги къваригIуна нилъее», — йилан абуна гьес.
Гьес кIвар кьолаан цIиял кадраби хIадур гьариялде. 1992 соналъул сентябралда ДРялъул Министрзабазул советалда ишазул Управляющиясул заместительлъун хIалтIулев вукIарав дун щвана гьесухъе республикаялда пачалихъиял хъулухъчагIазул кадраби хIадур гьаризе ккеялъул суалгун. Партиялъул идараби риххаралдаса нахъе, гьеб суалалде кIвар кьолеб букIинчIо, гьединал хъулухъчагIазул махщел камил гьабулеб бакIги букIинчIо республикаялда. Гьединлъидал 1992 соналъул ноябралда Дагъистаналда Министрзабазул Советалда цебе гIуцIана пачалихъияб ва муниципалияб хъулухъалъул кадраби хIадур гьарулеб бетIераб управление. Гьелъ рес кьуна къватIисел пачалихъазулгун бухьенал щула гьаризе. Гьединго ГIабдуразакъ Мирзабековас байбихьана конкурсалда рекъон пачалихъиял хъулухъазде кад­раби хIадуризе. Кадрабазул аттестация гьаби байбихьана Министрзабазул Советалъул ишазул Управлениялъул аппараталъул хIалтIухъабаздасан. Гьеб иш дагьабги цебетIуна Дагъистаналъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиевасул заманалда.
Дагъистаналъул диагностикияб центр­­­ги рагьана Мирзабековасул жигаралдалъун. Доб заманалда унтарал цIакъго гIемерлъун рукIана, больницабазда регизе бакIал гIолел рукIинчIо.

ГIадатиял гурел ишазул
гIадатияв дагъистанияв

ГIабдуразакъ Мирзабековасул гIу­­цIа­ру­хъанлъиялъе бугеб мах­щел­­ги хIалбихьиги бихьун, Россия­лъул хIу­куматалъ гьев тIамуна Балтиялъу­л улкабазда Россиялъул вакиллъун. РакI­ба­цIцIадаб хIалтIухъ гьесие щвана «ЗахI­маталъул БагIараб Байрахъ» ва «ХIур­маталъул гIаламат» орденал, ДРя­лъул ХIурматалъул грамота, медалал.
ГIабдуразакъ чIвазе къасд гьабуна лъабго нухалда. Гьев гIумруялдаса ватIалъана 2008 соналъул 17 июлалда.
Зикрула Илясов