Туристал рачIинеги бегьула…

КIочон тараб тарих, рехун тарал памятникал

 

Глобализациялъул гIасруйин абулеб гьаб заманалда киса-кирего нухалги рагьараб, бокьараб пачалихъалде щвезе ресги бугеб мехалда, гIадамал унел руго батIи-батIиял улкабазде, цогидал халкъазул гIумру бихьизе, тIабигIиял, культуриялгун тарихиял памятникал рихьизе, гьединго хIухьбахъи гьабизеги. Туризм цебетIолеб буго тIолабго дунялалдаго. ГIемерал улкаби руго туризмалдаса щолеб хайиралъ экономикаялда кIудияб бакI кколел. Масала, ГIарабазул Цолъарал Эмиратал, Турция, Греция, Египет, Таиланд, Италия, Грузия ва гь. ц.

Дагъистаналда туризм цебетIезабизе кколин, гьелъие ресал ругин абулеб, бицунеб буго республикаялъул нухмалъиялъги туризмалъул идараялъги. ХIакъикъаталдаги, къватIиса рачIарал гьалбадерида, туристазда бихьизе чанги тIабигIиял, культуриялгун тарихиял бакIал руго нилъер гьанир. Амма…

Республика байбихьула
тахшагьаралдасан

Дагъистаналде вачIунев турист тIоцеве рещтIуна МахIачхъалаялда, гьенисан уна тIасабищараб маршруталда рекъон. РачIана туристал тахшагьаралде, щиб бихьизе бугеб гьезда респуб­ликаялъул аслияб шагьаралда? Нилъе­цаго рехселин гьоболасда, вачIарав туристасда бихьизе бугеб тахшагьаралъул «хIикматал»: — гвендахарал, чорокал къватIал, киса-кирего кьишни-къулалъул гъунал, чияс гьава цIазецин рес гьечIеб хIалалда цоцалъ гъункун рарал гIемертIалаял минаби, лъелго унесецин нухги къварид гьабун тротуаразда рарал тукаби, киоскал. Изну букIунги гьечIогоги, кинабгIаги архитектурияб магIна-гIин гьечIого цадахъго ралел руго нус-нус гIемертIалаял минаби. Кидаялиго Северияб Кавказалда бищун гIурччинаблъун букIараб шагьаралда минаби ралаго къотIун лъугIизарурал гъутIби. МиллионгIан чияс гIумру гьабулеб шагьаралда гIураб къадаралда гьечIел хIухьбахъиялъе санагIатал паркал, скверал, газонал. ГIадамаз гIумру гьабулел гIемертIалаял минабазда цун рарал заправкаби. Нухазда хьвадиялъул низам цIуничIого, нух къотIун унев чиясе рес кьолареб хIалалда къватIахъан хъамулел машинаби. Шагьар бакьулъ ругел базарал, гьел сабаблъун лъугьунел хIалкъаял, сверухъ квешаб махI. Ралъдал рагIалда тIибитIун бугеб МахIачхъалаялда эркенго ралъдахъе инецин рес гьечIо. Каспийск шагьаралъул рагIалдаса ЧIегIерал ганчIал абураб бакIалде, гьенисаги Сулахъалде щвезегIан рагIаллъаби ккун руго, абухъего, дагьабго бугониги горбода рухI речIчIарал цIиял дагъистаниязул минабаз-хъулбуз. Каспий ралъдалъе чвахулеб шагьаралъул канализациялъул бицинего ккеларо. ХIасил, республикаялъул тахшагьаралъул «берцинлъабазул ва тIокIлъабазул» бицун хIалкIвеларо. Къокъго абуни, хIалкъараб, нечараб ва намусаб сурат буго республикаялъул гьумерлъун букIине кколеб тахшагьаралъул. Гьеб кинабго бихьарав туристасе кинаб асар гьабизе бугеб, вачIинадай гьев нахъеги нилъехъе, щибдай гьес бицина тIадвуссарабго?

Дербенталдаса тарих кIудиял
росаби руго магIарухъ

ГIодоблъиялъул Дагъистаналда туристал, гьайгьай, тIоцере Дербенталде щвела. КIиазарго сон тIубаялъул юбилеялде федералияб ва республикаялъул бюджеталдаса таманабго гIарацги харж гьабун Дербент шагьарги Нарын-хъалаги къачIана. Юнескоялъ тIолгодунялалъул культурияб кIваралъул памятниклъун лъазабураб бакI къачIайги, гьеб нилъер букIинги лъикI буго. Дербенталда руго гьалбадерие гостиницабиги, культуриял идарабиги, хIухьбахъизе бакIалги, гьанжесеб къагIидаялъ абуни, хIажатаб инфраструктура.
Республикаялде рачIарал туристазе бокьила мугIрузде, магIарул росабалъе щвезеги, Дагъистан цохIо Дербент гурелъулха. МагIарухъ ругелъулха росаби жидер тарих Дербенталдасаги кIудиял.
Рахъана туристал магIарухъе ине нухда. Гьанибги абизе кколеб буго гъобго, «амма» абураб рагIи. МагIарухъе рачIунел туристазул нухда тIоцебе бер речIчIула ЧIикIаб, Рихьуниб, ГьоцIалъ, Гъуниб ГЭСазул хIоразда. Рорхатал мугIрузда гьоркьор циндаго цере рехун рачIунел гьел хIораз сверухълъиялдаго гугьар базабун буго. Гьел хIорал рихьидал лъугьараб лъикIаб асар циндаго ссун уна хIорида тIад лъедолел ругел пластикалъул шушбиги, щибали батIабахъизе лъалареб ришни-къулги бихьидал. Гьеб бихьарав туристас кинаб къимат кьезе бугеб нилъер «культураялъе», рацIцIа-ракъалъиялъе. Нухда рачIунаго кIиябго рахъалъ гIодоре ран ругел кванил хутIелазул, пакетазул, батIи-батIиял шушбузул рехсечIого толеб буго.
Квешги лъикIги щвана туристал магIарухъе, масала, КIаратIе, МелъелтIе, ЦIурире яги Кидероре. Гьел рещтIине, щуго цIваялъулин абиларо, хIатта гIадатиябниги гьалбадерил рукъзал – гостиницаби ругищ? Гостиницаби ругеб кIиго-лъабго райцентралдаги ругин абун цIар букIин гурого, багъилал бакIал гьенир гьечIо. Кинаб районалда бугеб дагьабниги ярагьунеб инфраструктура? Гьалбадерида цебе рехун бачIине буго нилъер мискинлъи, рухIияб хъарцинлъи. Районазде рачIарал туристал росабалъе, тарихиял бакIазде кин ине ругел, лъица гьезие бакIалъулаб тарихалъул бицине бугеб?

ЧIунтулел памятникалги рихьила

Тарихиялгун культуриял памятниказдалъун бечедаб буго магIаруллъи. ЦIакъго хашаб буго гьел цIуниялъе гьабулеб тIалаб-агъаз, букIине кколеб бербалагьи гьечIолъиялъ гьел чIунтулел, тIагIунел руго. Гьанжеялдаса лъеберго-кIикъого соналъ цебецин Авар ва ГIанди гIурул жанирлъабаздагун щобазда, Гуржиязул гIорхъоде щвезегIан рукIана анцI-анцI хъаравуллъиялъулгун ахIиялъулал сиял. Гьанже цIунун хутIун руго Анцухъ, Мусрухъ, Муни, анкьго си букIараб басрияб Гьоориб хутIун буго гIицIго кIигояб. Чанги тарихалъе кIвар бугеб, культураялъулгун искусствоялъул памятникал, цIулада ва ганчIида гьарурал накъишал, жеги жидер магIна баянлъичIел хъвай-хъвагIаял, эпиграфикиял памятникал лъалкI течIого тIагIине тана жакъа чIунталиде руссун ругел магIарулазул кIикъогоялдаса цIикIкIун росулъ! Гьеб жо тарихалда цебе гьабураб такъсир кколарищ?
НекIсияб сипат лъугIулеб буго гьанжесел магIарул росабазул. НекIсияб архитектураялда рарал минабицин къанагIатги хутIулел гьечIо. Щай бегьулареб жаниса гIадамалги ун чIунтIизе тарал, мисалалъе Шамил районалъул КъахIиб Бакъда, ЦIумада районалъул Ангъида, Акнада, Гъуниб районалъул Гъамсукь росаби цере рукIараб хIалалда къачIан, цебесеб умумузул архитектураги росабазул сипатги цIунун памятникал гIадин чIезаризе. IХ-ХI гIасрабазда гуржиязул миссионераз магIарухъ насранияб дин тIибитIизабулелъул бараб гьатIан (килиса) буго Шамил районалъул Датуна росдада аскIоб. Дагъистаналда цого-цо бугеб гьебги, тарихиял памятникал хIисабалда къачIани, къватIиса рачIарал туристазеги гьелъул интерес букIина. МахIачхъала-ХIебда нухдаса нусго метр гурого килисаялде аскIобе гьечIелъул, гьенибе гIадамал ине квегIенаб нухги гьабизе бегьула.
Цересел памятникал цIуниялда цадахъго цIиял памятникалги разе ккола.
Нилъер тарихалда кIвар бугел лъугьа-бахъинал ккарал ХицIиб майданалда ва АхIулгохIда аскIор рагьун руго мемориалал. Гьеб лъикI буго, тIаде рачIарал туристазеялдаса гьезул асар цIикIкIараб букIина нилъер гIолеб гIелалъе патриотикияб тарбия кьеялъе.
Кавказалъул рагъул заманалда кьалул майданлъун букIана магIаруллъи. МагIарулазул тарихалда хасаб бакI ккола ХIХ гIасруялда букIараб халкъалъул къеркьеялъ. Щай бегьулареб гьеб рагъул заманалда магIарулаз бахIарчилъиги къохIехьейги бихьизабурал цо-цо бакIазда кинаб бугониги ишара, хъвай-хъвагIайгун памятникал лъезе? Гьел лъезе бегьила Аргъвани, Хьаргаби, Уллухъала букIараб бакIалда, ТIарада Инхело, ТIелекь, ЧIохъ, КIитIури….
Кавказалъул рагъ лъугIун хадуб пачаясул Россиялъ рана хъулби Болъихъ, Гъуниб, Хунзахъ, Къородисезул кьода. МагIарулазда тIад кверщел гьабиялъе гIоло ран рукIаниги, гьанже гьел ккола заманалъул, тарихалъул бутIа лъун. Жакъасеб къоялда гьезул расги лъикIаб хIал гьечIо, чIунтун унел руго. Памятникал хIисабалда къачIазеги къачIан, гьенир рагьизе бегьилаан музеял.
Къокъаб шаригIаталъул заманалда, ай 1877 соналъул багъа-бачариялда хурхун­ги гьечIо бараб цониги памятник.
ХIасил гьабун абуни, туризм це­бе­тIеялъе республикаялда ресал руго хIал­тIи гьабуни.
ГIицIго хIажат буго республикаялъул даражаялда мухIканаб планги бахъун, некIсияб тарихалъул памятникал цIунизе. Гьеб мехалда такрарлъи гьечIеб нилъер тIабигIаталде, беричал мугIрузде рачIунел туристалги гIемерлъила.

Пайзула Пайзулаев