Гьалбадерие рагьараб каву

Бисал, туристал, цIиял маршрутал ва шартIал

 

24 марталда «Дагъистан» РИАялда пресс-конференция кьуна туризмалъулгун халкъияб махщелчилъиялъул рахъалъ министр Расул Ибрагьимовас. «Открытая власть» абун щибаб министерствоялъ журналистазулгун тIоритIулел дандчIваязул цояб ккола гьеб.

Расул Ибрагьимовас бицана жидер идараялъ гъоркьиса гьабураб хIалтIулги исана гьабизе хIисабалде босаралъулги хIакъалъулъ. 
Гьесул рагIабазда рекъон, гIемерал туристал рачIунел руго гьанже республикаялде, гьел цIикIкIине рес буго коронавирусалъ къватIисел улкабазде сапарал гьаризе рес щвечIел туристаздалъунги. 
 
БитIараб, битIарабилан, гьес абуралда разилъун бетIер гьанкIезабулев данделъи бачунев МухIамад МухIамадовги вукIана. Гьелдаго цадахъ министрас тIаде жубана гьездалъун нилъер гьаниб гьеб унти тIибитIиялдасаги цIуна-къаялъул тадбирал хIисабалде росун ругин жидер идараялъилан. Киналниги санаторияздагун гьалбадерил рукъзабазда лъазабун бугин, мухIканаб хал-шал гьабун гурони, цо инсанги къватIиса вачIарав гьобол къабул гьавугеян. 
Гьесго тIад цузабун гьикъана Москваялда ва цогидал бакIазда Туризмалъул министерствоги гIахьаллъун тIоритIарал выставкабазулги. Гьел выставкабазда рагIа-ракьанде щун рес кканин къватIиса гьалбадерие нилъер ракьалъул берцинлъиги бечелъиги рагьун бицинеян абуна министрас. 
 
МугIрул бисазде гьабулеб «туризм»
 
Гьесул рагIабазда рекъон, хасго гьабсагIаталда гIемерисел туристазул гъира-шавкъ бижулеб буго чанахъанлъиялъул туризмалде: 
«Нилъер гьанир гьелъие гIемерал ресал руго. Масала, росилин лъебелазул, цIунтIадерил мугIрузда рукIунел мугIрузул бисал. Цогидал регионазда гьезде чан гьабизе ихтияр кьолеб лицензия щвезе захIматго буго. Гьел халкъазда гьоркьосеб «БагIараб ТIехьалде» росарал гIалхул хIайванал кколелъул». 
 
«БагIараб ТIехьалдеги» росарал мугIрузул бисазде чан гьабизе ту­ристал нилъехъего къабул гьари кин­ха бичIчIизе кколеб? Туризма­лъул министр хIисабалда, дуцаго кинаб къимат гьелъие кьолеб? МугI­рулги тIабигIатги берцин гьабун, эркенго тира-сверулел течIого, гIумруялдаса махIрум щай гьел пакъирал гьарулел?» — гьеб суал кьуна «ХIакъикъаталъул» мухбирас Расул Ибрагьимовасе. 
Гьес гьелъие гьадинаб жавабги кьуна:
«БичIчIизе ккола чан гьабизе гьукъарабги, гьелъие изну кьолебги заман букIунеблъи. Бисазде чан гьабизе изну кьолеб лицензия щвезе нилъер гьаниб квалквал гьечIо, республикаялда гьезул къадар гIемераб букIиналъ. Гьеб бакI битIун бичIчIизе ккола».
 
Чанахъанлъиялъул цIар бахъарабго, гьеб чара гьечIого гIалхул хIа­йванал чIвазе гIоло гьабулеб туризм гIадин бичIчIизе кколарилан баян гьабуна «Дагъистан» РИАялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадовасги:
«Чундузул, бисазул суратал ра­хъизе бокьарал туристалги гIемер рукIуна. ТункIица гурел, фотокамераялъ гIужие росиго лъикI гурищха гьезиеги». 
 
ЦIиял сапарал ва магIаруласе туристасул бугеб сабаб
 
Цебехун бицен гьабураб, Москваялда тIобитIараб выставкаялда гьеб министерствоялъ хIадур гьабун букIана «Легенды Дагестана» абураб цIияб проектги.
Гьеб ккола туризмалъул бренд. 
«Гьеб маршруталда гъорлъе ине буго республикаялъул 16 муниципалияб гIуцIиги лъабго шагьарги. Гьенир гьоркьорго нусгоялдасаги цIикIкIун тарихиял бакIал, заповедникал ва гьеб гуребги гIемераб жо буго туристазда бихьизе. МугIрузул мухъазда къачIалел руго туристазул рукъзал. Бокьарав сапарчиясе хIухьбахъиялъе ва квана-гьекъеялъе санагIатал шартIал ругел рукъзал ккола гьел. Гьелъул кIудияб пайда буго жалго бакIазда гIумру гьабун ругел гIадамазе. Гьеб ккола бизнес, магIарухъги вукIун, тIаде гъурущ гьечIев чиясе рес буго гьединал туристазул рукъзалги хIалтIизарун, жидеего гIарац гьабизе», — ян бицана министрас. 
 
Туристал рачIунеб бищунго маш­гьурал бакIазда гъорлъ Расул Ибрагьимовас рехсана Дербенталъу­л На­рын-хъалаги, Сулахъалъул къвари­лъиги, Сарыкумалъул салул ме­гIер­ги, Гъуниб магIарда имам Шамил гIодов чIараб гамачIги, хъалаги, гьединго хунздерил Тоботги. Гьеб сияхIалде жинцаго тIаде жубачIого телароанин Шамил районалда ругел некIсиял сиялгиян бицана министрас. 
 
— Гьел киназдаго лъалел бакIал гурони, тIокIал гьечIелищ республикаялда тIоцеве вачIунев туристасда рихьизе гIадал берцинал бакIал? 
— ГIемерал руго нилъер республикаялда гьел, щай рукIунарел, — ин жаваб кьуна министрас «ХIакъикъаталъул» суалалъе. — Гьединаб 40-ниги бакI рехсараб сияхI буго нижер сайталда лъун. Гьеб гуребги, нижеца хIадур гьабун буго «Даг Туризм» абураб мобильнияб приложениеги. Гьенивеги ваккун, бокьарав чияс тIаса бищизе бегьула жиндаго берцин бихьараб росу яги мухъ. Районазул нумалъулезулгун дандги бан, гьез ритIун рачIарал туристаз сапар бухьине бегьулел бакIал нижеца сайталде рехула».
ХIасил-калам, республикаялде рачIунел туристазул къадарги гьезие хIадур гьарурал сапаразул сияхIги соналдаса соналде цIикIкIунеб, бечелъулеб бугилан абуна Расул Ибрагьимовас: «АнцIго соналъ цебеги нилъер гьаниб парахатаб ахIвал-хIал букIинчIолъиялда бан хIинкъулел рукIун ратани туристал нилъехъе рачIине, гьанже гьеб сурат кьучIдасанго хисанин абизе бегьула».
 
Гьебни гьедин батила, амма къватIиса рачIунел гьалбадеридасаги гьабсагIаталда нилъее рокъоб парахалъи буго бищунго къваригIун. Гьединлъидал туристалги, тира-сверизе хIалакинчIого, жидерго гъасде руссаян абе. Дида гурхIарасда тIад вугевги гурхIагиян дугIаги гьабун.