МагIарул газеталъул ункъабилев редактор

МухIамад-къади Дибиров гьавуна 1875 соналда Гъуниб округа-лъул Къарахъ мухъалъул Гьочоб росулъ (гьанжесеб ЧIарада район) гIалимчиясул хъизаналда. Гьесул эмен ДибирхIажи вукIана эркенлъиялъе ва чияда рачIолъиялъе гIоло имам Шамилил бетIерлъиялда унеб букIараб рагъул гIахьалчи, гIолохъанго хIеж борхарав гIалимчи ва росдал дибир. 1877 соналда букIараб багъа-бачариялда, къокъаб шаригIаталъул заманалда, пачаясул хIукуматалде данде дагъистанияз гьабураб восстаниялъул гIахьалчи хIисабалда ДибирхIажияс щуго сон бана Сибиралде витIун.

 

МухIамад тIоцеве цIалана инсуда цеве. ГьитIинаб къоялдасаго пагьму-гьунар бергьарав, гIакълу-тадбир бугев чи вукIана гьев. Инсудаса щваралде тIаде къаралазулгун гIандалазул росабалъ рукIарал машгьурал гIалимзабазда цеве цIалун МухIамадие гъваридаб лъай щола.
АнцIила анлъго сон барав чи, Шурагьиб имтихIанги кьун, магIарухъе тIад вуссуна ва цо соналъ ГIурухъ-СотIа росулъ дибирлъи гьабула. Хадубккунги жиндирго лъай камил гьабизе Дибиров МухIамад Да-гъистаналъул тахшагьаралде Темир-Хан-Шураялде уна. ГIалимзабазухъе хьвадун, живго жиндаго чIун цIалун, камил гьабуна жиндирго гIараб мацI лъай, лъазаруна астрономия, физика, логика, риторика, философия, математика гIадал гIелмаби. Шурагьиб гьесул лъай-хъвай ккола ЧIохъа МухIамадмирза Мавраевасулгун, Гъоркьагъазданущиса Абусупян Акаевасулгун. Цо соналъ Гъоркьагъазданущиб дибирлъиги, мадрасаялда мугIалимлъиги гьабун, гьев витIула Яхсай росдал мадрасаялде дарсал кьезе. МухIамадица гьединго лъикI лъазаруна гIурус мацI, география, экономикаялъул, даран-базаралъул кьучIал.
1902 соналда МухIамад-къади Дибиров тIад вуссун вачIана Шурагьиве. Гьениб рагьараб цо классалъул училищеялда Дибировас цIалдохъабазда малъулаан дина-лъул ахIкамалги лъарагI мацIги. Гьединго гьес лъазаруна Да-гъистаналъул халкъазул цогидал мацIалги. Гьев вищула Темир-Хан-Шураялъул къадилъун. Гьелдаса хадуб МухIамадил цIаралде тIаде къади жубана ва гьесде МухIамад-къадиян абизе лъугьана.
Гьебго заманалда МухIамад-къадица гьоркьоб къотIизе течIо халкъалъе лъай кьеялъул хIаракатчилъиги.
1915 соналда басмаялде ра-хъана гьесул «НасихIаталъул» ва «Этикаялъул» тIахьал. 1922 соналда МухIамад-къадица магIарул мацIалде буссинабуна Л. Толстоясул «Кавказалъул асир» къиса («Кавказский пленник»), 1927 соналда бахъана авар мацIалда «Букварь». Россиялда Февралалъул инкъилаб бергьун хадуб – МухIамад-къади лъугьана Кавказалъул даражая-лъул политиклъунги пачалихъияв хIаракатчилъунги.
1917 соналъул 9 марталда Темир-Хан-Шураялда губернаторасул минаялда цебе гIадамаз митинг гьабуна ва гьенибго бищана Дагъистан областалъул исполком. Гьеб идара лъугьана нухмалъиялъул гIуцIилъунги. Дибиров вищана исполкомалъул членлъунги, Гъуниб округалъул комиссарлъунги. Гьелде щвезегIанги Кавказалъул бусурбабазда лъикI лъалаан МухIамад-къади. Гьев гIахьаллъана Тифлисалда ва Бакуялда тIоритIарал Кавказалъул бусурбабазул съездазда.
Бакуялда кIалъазе вахъарав МухIамад-къадица Къуръаналъул аяталги цIалун, киналго бусурбаби вацалги яцалги рукIин ракIалде щвезабураб лъикIаб кIалъай гьабуна. ГIадамазе цIикIкIараб асар гьабураб гьеб вагIза бахъана Бакуялъул газеталдаги.
1917 соналъул 2 августалда Шурагьиб тIобитIана шаригIаталъул судазул рахъалъ гIалимзабазул съезд. Гьелъул председательлъун вищана МухIамад-къади. Съездалъ хIукму гьабуна гражданиялги уголовниялги делаби шаргIалдалъун тIуразаризе. Дибировасул хIаракаталдалъун Шурагьиб рагьана Дагъистаналдаго тIоцебесеб педагогикияб техникум, хIалтIана гьелъул директорасул заместительлъун.
1917 соналъул сентябралда Дибировасги Сайпудин Куваршаловасги гIуцIана Дагъистан областалъул Милли-комитет. Гьеб политикияб партиялъ учредительнияб Собраниялде рищизе кандидаталлъун рихьизарун рукIана: МухIамад-къади Дибиров, ХIайдар Бамматов, Зубаир Темирханов, Ибрагьимбег ХIайдаров, Сайпудин Куваршалов, ХIоцоса Нажмудин, Гъарабудагъкенталдаса Жамалудин-къади.
Социалистазул кандидатал кколаан: МахIач Дахадаев, Жалалудин Къоркъмасов, МухIамадмирза Хизроев, ГIалибег Тахо-Годи, ГIабдулмажид Зулпукъаров.
1918 соналъул март моцIалда азербайжаназдаги эрменияздаги гьоркьоб рагъ ккана. Бусурбабазе квербакъиялъе ва маслихIаталъе Бакуялде ритIарал гIалимзабаздаги рагъухъабаздаги гъорлъ вукIана Дибировги.
Дагъистаналда большевиказ кверщел гьабизе бокьичIого, гьезда данде чIезе Турциялъул кумек гьарун 1918 соналъул марталда Стамбулалде ана М.-Къ. Дибиров, ХI. Бамматов, Т. Чермоев ва З. Темирханов. Гьезул хIаракатчилъиялъул хIасилалда, турказул квербакъиялдалъун, 1918 соналъул октябралда Северияб Кавказалда гIуцIана МугIрузулаб Республика. Гьелъул парламенталъул членлъун вищана М.-Къ. Дибиров. 1919 соналда Деникинил хъазахъаз биххизабуна гьеб республика.
Гьесул цIалдохъанлъун вукIана хадувккун машгьурав политикияв хIаракатчилъун вахъарав, лъебергогIан соналъ Дагъистаналъул нухмалъиялда вукIарав ГIабдурахIман Данияловги.
1920-1929 соназда Дибиров хIалтIана Буйнакскиялъул педагогикияб техникумалда.
Гьанибго абизе ккола 1926 соналда Самурскиясул, Къоркъмасовасул, Тахо-Годил къокъаялъ Дагъистаналъул халкъалъул гIаммаб мацIлъун тюрк мацI гьабизе кколин абураб ахIиялъул рахъ кколевлъунги щаялиго М.-Къ. Дибировги вукIанин. Амма, талихIалъ, халкъалъ гьеб пикру къабул гьабичIо.
1924 соналда МухIамад-къадица Буйнакскиялда гIуцIана «Дини-Комитет». Гьеб цолъи къеркьана мадрасаби къаялде, вакъфуялъул ракьал пачалихъалъе рахъиялде, колхозал гьариялде, кулакал ралагьиялде дандеги.
МухIамад-къадица жиндирго пикру загьир гьабулел макъалабигун, лъай кьеялда, бугеб ахIвал-хIалалъе къимат кьурал макъалабигун цеве вахъунаан «Джаридату Дагъистан», «Мусават», «Аваристан» газетаздасанги.
МухIамад-къади жанив тIамуна 1929 соналда ва 1930 соналъул авалалда чIвана.
РитIухъ гьавуна 1956 соналда.