Унтараб дуниял кумек-кумекин…

Коронавирусалъул кьогIаб ирс. Бихха-хочараб гIаламалде тIа­лъи­я­лъул ва рухIиял церехъабазул хитIабал. Пикраби, суалал ва масъалаби.

 

Щиб цIияб хабарги босундай жакъа газета бачIинаян ратила цIалдолел. ЦIияб хабар абуни гьобо кинигин сверулеб буго цого гIузруялда сверухъ. Гьебги нужеда бичIчIун батила щибали. Коронавирус буго «паччахI» гIадин дунял тирулеб. Гьелъ гьабизеги, гIадамаз хIехьезеги жо лъугIанин абизе бегьила. ГIажалалъукьагIанги гIалам хIинкъизабизе бажарана гьелъухъа. Чанги гучал пачалихъал, тIубараб Европаго буго щиб гьабилеб, кинаб сабаб батилебали лъаларого. ЧIахIи-чIахIиял спортивиял, кечI-бакъаналъул, маданияталъул тадбирал нахъе рахъана. Театрал, музеял, спортивиял кIалгIаби, гIалам жанибе бакIарулел бакIал кIулалги ран рахана. Бечедаб халкъ цоял чIинкIиллъабазде, цоял ралъдахъе, дагьабги рес бугел ракьулъ рарал рукъзабахъе тIерхьана. Гьезул гIадин рес гьечIеб мискинхалкъ гьабизе жо лъаларого аптекабахъе рортана, гьурмада ххолел маскабазда хадур, амма киназухъего гьел щолел гьечIо, лъугIанин абулеб буго. Цогидаб халкъ, маскабиги жалго тун, базаразде, тукабазде рекерана, хIалкIвараб жоялъул нахърател гьабизе. Гьебго сурат буго Россиялдаги, гьебго сипат буго нилъер республикаялдаги. Макарон, пиринчI, ролъ, картошка, нах, ханал хъамихъул гьабун хъамулеб бугин гIадамазилан руго ахирисел баянал.
Нилъер республикаялде коронавирус, Аллагьасул цIобалъ, жеги щун гьечIо. Амма Россиялъул шагьаразда гьеб тIибитIун буго. КIинусгогIан чи унтун вугин гьелъин хъвалеб буго информ­алатаз. Газета къватIибе кьезе ниж хIадурлъулаго, бачIана хабар цо гIадан хваниланги. 89 сон барай, цееги гIузрабаз кIвекIулей гIадан йикIун йиго гьей.
Республикаялъул нухмалъулев, Владимир Васильевас арбагI къоялъ, 18 марталда хитIаб гьабуна коронавирусалде данде гIаммаб хIадурлъи лъазабулеб букIиналъул.
Больницаби, поликлиникал, нагагь унтарав чи ккани, гьев къабул гьабизе киналго сурсаталгун къачIан рукIаян хитIаб гьабуна гьес. Гьединго цогидалги идарабазул нухмалъулездаги абуна цIодорлъи гьабейин, гIадамал цIунейин. Школаздегун ясли-ахазде хьвадиялъул эркенаб низамги лъазабун буго республикаялда.

ДРялъул муфтияталъ хитIаб гьабуна гIадамазде, рихха-хочичIого, сабуралда рукIаян, нилъеда бихьизе хъвараб гурони Аллагьас бихьизабуларин. Кванил нахърател гьабизе рекериялъ нилъее кьезе жо гьечIин, гьелъул бакIалда балагь рикIкIад гьабеян, Аллагьасе дугIа гьабуни лъикI букIинин бичIчIизабуна идараялъул вакилзабаз. Амма, кин букIаниги, гьезги абуна цIодорлъи гьабичIого тогеян. ГIемерал чагIи ракIарараб бакIалде инчIого ва гьединго кверал росичIого тани лъикIаб букIинилан. Коронавирусалдаса цIуна-къаялъул мурадалда, рузманалъул какда цебе гьабулеб вагIза-насихIат кIварабгIан къокъ гьабеян мажгиталъул имамзабаздеги хитIаб гьабуна динияб идараялъ.
ТIадехун абухъе, гIемерисел аптекабазда, гьурмада ххолел маскаби церего лъугIун руго, къанагIатал бакIазда хутIун руго гьел. Гьенирги цIакъго хираго ричулел руго. Амма аптекабазул ричарухъабаз бицана, коронавирусалдаса цIуниялъе щибниги пайда кьоларин гьез. Маскаби ххезе бегьулин гIицIго унтарал чагIаз, цогидазде бахинчIого букIине. Гьеб гуребги, бицен гьабулеб гIадаб хIинкъи бугеб унти гьеб букIиналдаги щаклъизе бачIунеб бугин. Ургъунго гIадамал рихха-хочизаризе ургъун бахъараб жо батизеги бегьулин гьебилан. Гьебго пикру буго цо-цо цогидазулги. Лъалев Аллагь вуго.