МагIарул гъасда — иргадулаб цIа

МагIарулаз гIумру гьабулел районазде «ХIакъикъаталъ» гьаризесел сапарал газеталъ байбихьана Казбек районалдаса.
Гьедин 16 марталда Дилималда тIобитIана «ХIакъикъаталъул» къо.
Гьелда гIахьаллъана Казбек районалъул нухмалъулел, хъулухъча­гIи ва гIемерал соназ газеталъулгун бухьен тIагIине течIел гIадатиял гIадамал.

 

«ХIакъикъаталъул» бетIерав ре­дак­торасул ишал тIуразарулев ГIу­махан ГIумахановас бицухъе, ре­дакциялъул мурад буго газета ракI-ракIалъ гIадамаз цIалулеблъун гьаби. Гьелде цIикIкIун гIолилалги цIай, щайгурелъул интернеталде машгъуллъарал гьез аслияб заман соцсетазда тIамулеб бугелъул. Гьединлъидал газета цIалулел аслиял чагIилъун ригь арал гIадамал хутIулел руго.
БетIерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовас байбихьуда дагьа-макъабго тарихги ракIалде щвезабуна. Масала, 1917 соналъул апрелалда гьанжесеб «ХIакъикъат» бахъизе кьучI лъурал чагIилъун МахIач Дахадаевги гьесул хъизан имам Шамилил васасул яс Написатги рукIараблъи.
Гьеб нусго соналда жаниб газеталда цIар хисун буго 12 нухалъ. 14 редактор вукIун вуго гьанжелъагIан. ГIицIго щуго моцIиде гIагарун заман балеб буго 15-абилев редакторлъун ГIумахан ГIумаханов тIамуралдаса.
Гьединго Зикрула Ильясовас абуна жакъа нилъер миллаталда цебе чара гьечIого тIубазе кколеб масъа­ла лъабго батани, гьелъул цояб бугин рахьдал мацI цIуни. Амма дагь-дагьккун тIагIунеб бугила миллаталъул аслуялъул цояблъун кколеб гьеб гIаламат. Масала, ро­къобги къватIибги дагь гурони бицунеб гьечIо гьеб. Гьединго республикаялда бугеб 1500-ялде гIагарун школалда гьоркьоб ункъо-щуго гурони школа хутIун гьечIо рахьдал мацIалда предметал малъулеб.
Гьединаб ахIвал-хIалалда мацI цIуниялъе «ХIа­къикъат» газеталъ чIаголъи гьабизе букIиналда ракIчIолеб буго Зикрула Ильясовасул. Амма квеш ккараб жо буго газеталъе подписка гьабулел чагIи дагьлъулел рукIин.

Почалъул хIалтIуда ракI рекъечIолъиялъги хъвачIого толел ругин гIадамаз газеталин абуна цояс залалъусан. Гьеб буго казбекалъулаз гуребги, цогидал магIарулазги загьир гьабулеб пикру. Гьелда тIад рекъана Ильясовги. Гьесул рагIабазда ре­къон, анкьица гуребги, моцIаз газета щоларел бакIалцин руго. Амма жалго почалъул хIалтIухъаби гIинде квер щвезе чIоларо гьединал бадирчIваял гьаруни.
Кин букIаниги, жибго газеталъулгун бухьен тIезе биччагеян гьарана заместителас ракьцоязда.
Хасго «Заман» абураб цIаралда гъоркь газета биччазе байбихьаралдаса гьанже нахъалъагIанги макъа­лаби хъвалел гIадамазул бищун кIудияб къадарги гьединабго подпискаги Казбек районалдаса рукIанин бицана гьениб «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевасги. Газеталъул тарихалда тIасан гьес хъвараб тIехь кватIичIого басмаялда бахъизеги буго. Абухъего, рагъда цересел ва гьелда хадусел соназда Казбек район газеталда Гъазибег районин хъвалебги букIун буго. Гьединго газеталъул бетIерал редакторзабазул цояв кколаан салатавияв — АхIмад Мансуров. КIиго нухалда гьабун буго гьес редакторлъи.
Дагьабниги хъвадаризе махщел бугел гIолилазе нуцIа рагьарабго бугин «ХIакъикъаталдеян» кIалъана данделъиялда газеталъул жавабияв секретарь МухIамад-ХIабиб МахIатIов. Живгоги гьениве 18 сон барав чи вачIун вукIанила, гьенивго херлъизехъинги вугила.
МахIатIовас бицухъе, ДГУялда журналистазул отделение рагьун гIезегIан сонал аниги, гьеб лъугIарал гIолилал къанагIатги рачIунаро миллиял СМИязде. Гьезие бокьула телевидение – «жалго рихьизе».
Салатавиязул гIун бачIунеб гIелалъ газеталъулгун кколеб бухьеналъул бицана лъай кьеялъулгун социалияб гIумруялъул отделалъул редактор Кавсарат Сулеймановалъ. Гьелъие асар гьабун бугоан росабалъ харибакIазул, кулабазул, иццазул цIарал лъаялда хурхун газеталъ тIобитIараб конкурсалда гIахьаллъарал гьезул лъималаз.
Газеталъул рухIияб хазинаялъул отделалъул мухбир Шамай Хъазанбиевалъул кIалъай маданияталдагун адабияталда хурхараб букIана:
«Абула щибаб миллаталъул бугила кIиго кваркьи: адабиятги мацIги. Ниж – газеталъул хIалтIухъаби уна-рачIуна. Амма газета кидаго цIалдолелгун хутIула. Миллаталъул гIаммаб бечелъиялъе гIоло гьелъул мацIги цIарги бечелъизабизе кIола, бажарула гIицIго магIарулазда. Миллат цIидасанги цIубазе, дагьабги берцинлъизе кканани, гьелъие къваригIуна берцинаб мацIги берцинго гьеб лъалел цIалдохъабиги. Гьединал цIалдохъаби куцазе ккани, къваригIуна гьединалго учительзабиги. Жакъа мацI цIуниялъулъ учительзабазулги буго кIудияб кIвар. Амма гьезде рехун тун гьеб тIубаларо. Гьеб буго нилъер гIаммаб унти. Гьеб унтигун нилъ къеркьечIони, метер кватIун ккезеги бегьула», — ян бицана гьелъ.
Рахьдал мацIалдехун гьаб­сагIаталда гIадаб тасамахIлъи нилъеца хадубккунги бихьизабулеб бугони, 30-40 соналдасан гьеб тIагIун ине букIиналда хIинкъи загьир гьабуна шагIир ва хъвадарухъан Париза Гереевалъ.
«Дие бокьилаан хадусеб гьадинаб данделъи подписка гьабизе ккея­лъул гуреб, арал соназда дандеккун, «ХIакъикъат» хъвалезул къадар 30-40-50 нухалъ цIикIкIун бугилан рохел загьир гьабизе нуж рачIиналда бан тIобитIизе», — ян абуна Паризаца.
Амма гьеб подпискаялъулги газета жиндир заманалда цIалдолезухъе щвезабиялъулги суал редакциялъ роцIинабизе кколин почалда цере тIалабалги лъунилан абуна МухIамад-Апанди Дадаевас. Гьев ккола лъай кьеялъул хIалтIухъабазул профсоюзалъул Казбек районалда вугев нухмалъулев.
Гьес бицана 1990 соналда имам Шамилил цIаралда Халкъияб фронт гIуцIидал, гьелъ къватIибе биччалеб газеталда цIар букIанила «ХIакъикъат» абун.
Гьеб мехалда «БагIараб байрахъги» нахъе бахъун, гьеб цIар лъун буго республикаялъул газеталдаги.
Гьеб рекIее гIечIел фронталъул вакилзаби, жидер газеталъул цIар щай лъурабилан, жаваб тIалаб гьабизе редакциялдецин ун рукIун руго.
«ХIажи МахIачевги, ХIажи ГIариповги, Муса Азаевги, дунги, цогидалги рукIана гьенир. Гьеб мехалда Мусаца абуна нилъер газеталъул ахIи бугила «РитIухълъи ва цолъи». Нужецаги ритIухълъиялда ва цолъиялда бачейила гьеб иш.
Дица нужер редакторасе сайгъат гьабила доб заманалда нижеца биччалеб букIараб «ХIакъикъат» газеталъул номер», — ан ракIалде щвезабуна Дадаевас.
Гьеб суал баян гьабуна хадув кIалъазе вахъарав Дилималда бугеб спортшколалъул директорлъун вукIарав, гьанже жамагIатчи хIисабалда лъалев Муса Азаевасги.
Гьесул рагIабазда рекъон, «ХIакъикъат» абун цIарги лъун Халкъияб фронталда цебе гьез газета биччазе лъугьун буго 1990 соналъул 2 сентябралда.
«БагIараб байрахъалъе» бокьун бугелъул гьеб цIарилан, нижеца гьезие тана гьеб. Нижер газеталдасаги цIикIкIун чиясги цIалулелъул, даражаги гьелъул кIудияб букIинилан», — бицана Азаевас.
Жибго газеталъул подписка кин борхизабилебали бицунаго, Муса Азаевас кIвар буссинабуна гьереси бицани, сундулго къимат холеблъиялде («къимат гьечIел чагIазул къимат борхизабизе лъугьани, гьединазулги къимат хола»).

Гьединлъидал гьеб нухдасан ани, кинабго, ай подпискаги холин абуна гьес. Хадубго гьарана газеталъул подписка цIикIкIиналъеги, гье­лъул къимат борхизабиялъеги хIалтIи гьабизе коллективалъе сахлъи кьегиянги.
Гьенир кIалъана жамагIатчи Гъа­йирби Гъайирбиевги, Калининаулалдаса газеталъул цевегосев гьудул Шиявдин Яндаевги, цогидалги.
КечI-бакъанги камичIо гьениб. «Арбабаш» къокъаялъул руччабазул хоралъги, Авар театралъул гIолохъанав артист МухIамад Дудуевас цIалараб «Авар мацI» кечIалъги, ГIаркьухъа СайгидахIмад МухIумаевасул тIармида ахIулеб кечIалъги хинаб асар гьабуна данделъаразе.
«ХIакъикъаталъул» коллективалда цадахъги вукIана шагIир ва кочIохъан — гIемерал соназ ОМОНалда хIалтIулаго чанги командировкаялъ Казбек мухъалде ккарав шагIир ва кочIохъан ГIалихIажи МухIамадов.
Жинца Казбек районалда кваначIеб пихъги, жаниб сордо бачIеб рохьги, хIетIе чIечIеб бакIги хутIун батиларин ракIалде щвезабуна гьес. Цинги пандурги хъван, ахIана магIарухъ кидаго гьоболасе нуцIа рагьараб букIиналде гьабураб кечI.
Хадуб ГIумахан ГIумахановас ХIур­маталъул Грамотаби кьуна «ХIакъикъаталъулгун» бухьен тIезе толарел цо-цо салатавиялъулазе.
Цинги газеталъул хIалтIухъаби къокъана Казбек районалъул «Чапар» газеталде» — коллективалъулгун лъай-хъвайги гьабизе, гьелъул цIияй бетIерай редактор Жамиля ГIабдулвахIитовалда хъулухъги баркизе. ГIезегIан квегIенаб, берцинаб минаялъуб бугоан редакция. Гьенирго ругоан цогидал идарабиги. Масала, искусствабазул школаги, спорталъулгун культураялъул управлениялги, халкъияб махщалил центрги.
ТIадруссуда сверана Ленин­ау­лалдехунги. Вихьана «ХIакъи­къ­а­талъул» гьудул, чанго соналъ гьенив хIалтIарав ГIалиасхIаб ГIу­мар­асхIабовги (Доктор Ватсон). Перо хисун рахан-белги кодобе босун, тIуванго магIишаталда гъорлъе лъугьун вугин ккана гьев…
…Швейцариялдасаги берцинабин абулеб Салатавиялъул мугIрул-щобазул гьайбатлъиялъ хIайран гьарурал нижецаги нух босана МахIачхъалаялде.

Ассалам гIалайкум, Казбекалъул ракь!

Ассалам гIалайкум, Казбекалъул ракь,
Рокьи ккун буго дир дур гьал мугIрузухъ.
Гьезда бер чIварабго чIаголъана черх,
Чанги хинаб асар бессана лугбалъ.

Квелъ бахъун биччараб чулъунги лъугьун,
Бергьун буго хIасрат тиризе гьенив.
Гьорое гьелчолел беричал тIугьдуз
ТIаде буго цIалеб ургьиб гьинал ракI.

РагIал бихьуларел дур гьал щобазда
Щват битIун вегизе къасд буго дир ккун,
Кина-кинабги ракь гуро бокьулеб –
Бокьун ракIалъ духъе вуго ахIулев.

КIкIалабахъ чвахулел чабхилал лъарал
Лъималилан ккола бакъуй гьимулел,
Гьезул цо недегьлъи! Гьезул чилчили!
Чвахукь буго дица гьумер чурулеб…

Чанги жо бихьарав, чанги жо лъарав,
Лъай босана дирни духъ валагьидал –
Дур берцинлъиялъги дур кунчIиялъги
Кверде восана дун духъе щваравго.

Ассалам гIалайкум, Казбекалъул ракь,
Рокьи ккун буго дир дур гьал мугIрузухъ,
Хасго гIадамазухъ… Бихье, квер кьея,
Каранда гьебги лъун, икрам гьабизе.

Багъатар ХIажиев,
1973 сон