Нилъеда бараб буго мадугьаллъи

КигIан нилъее бокьаниги, гьечIо Дагъистаналда эркенаб ракь

 

Буйнакск районалъул ЧIикIаб росулъе ине ракIалда букIана пихъ барщулъ, цIар бугел мокьрол ахакьеги щун кинабго бихьизе, лъазе ва ахихъабазулгун гара-чIвари гьабизе.
Жакъасеб сапаралда дандчIвай ккана гIияхъанасулгун, «Чиркей 2003» КФХялъул (фермеразулаб магIишат) нухмалъулев Сулайман КъурахI­маевасулгун ва нижер ккана гьадинаб гара-чIвари.

— Щиб магIнаялда магIишаталда цIар «Чиркей 2003» лъураб?
— Киназго фермеразулал магIишатал рагьизе байбихьараб доб заманалда гIи-боцIуда вугев дидаги ракIалде ккана гьеб рагьизе. Рагьулаго, щиб цIар лъолеб бугебин хIалтIухъабаз гьикъидал, гьелда тIад ургъунго вукIинчIев дица, дирго росдал цIарги гIуцIараб сонги хIисабалде босун, ккана гьеб лъей.
— ЧIикIаб, гIемераб цогидалда цадахъ, Дагъистаналда лъала пихъил ватIан хIисабалда. Гьезда гьоркьосаги вахъун, гIияхъанлъиялде свери кин ккараб?
— Цебе гIухьбузул росу букIана нижер. Лъеда гъоркье араб Басрияб ЧIикIаб гIадамазул ункъого проценталъул абуниги букIун буго гIи. Вехьасе гурони кьеларин яс абураб абигицин букIун буго нижехъ. Нижер агьлуго буго гIухьбузул, дир эменги, гьесул эменги рукIана гIияхъаби, гьездаса дихъеги щвана гьеб махщел.
— ГьабсагIаталда щиб гьоркьобе бачунеб дур магIишаталъ?
— Араб гIасруялъул 50-абилел соназдаго нижер росдал гIи-боцIуе ракьал кьун руго Калмыкиялда, нижер анцIгониги къайи (хъутан) букIана доба. Хадуб гьел нижехъа нахъе ана, дун 3 участкаялда ижараялъе 4800 гектар ракьулги босун, вуго доваго. Хаслихъе къинлъизе тола 1500-гIанасеб лемаг-чахъу. Цебе чIикIасезул букIана магIарул тайпаялъул гIи. Гьелъул квас бичун унарого, къимат гIодобе ккун букIиналъ, дица адильбаевская тайпаялъул куйги биччан, гIи сверизабуна жубараб тайпаялде. Квас гIемер кьоларо гьелъ, амма гьеб буго къоги хIехьолеб, гьанги кьолеб тайпа. Гьаниб, росдадаса 10 километралъ добегIан, дица бана киналго шартIал жанир ругеб ферма-комплекс. Гьениб буго, тIасияб соналда бачалги росун, гьанае 150 баси хьихьизе рес кьолеб бокь. Калмыкиялдаса дица гьанибе гьанае хьихьизе баччула бихьинаб хух ва тIокIлъараб, гъая ккараб чахъу, гьабсагIаталда буго гьединаб гIиял 200 бетIерги.
— Ижараялъул кинаб къагIида дур бугеб?
— Дица ижараялъе босараб ракьалъу­л, батIи-батIияб бакIалда бугеб 3 бутIаялъул вуго 3 хважаин. Ракьалде хIал кколаредухъ, гьезул цоялдаса цогидалде гочинабун кваназабула гIи. Гектаралъухъ кьолеб багьа-квара буго гьарурал къотIи-къаязда рекъон чIезабураб.
— ГIияе кIалцIи-хер кин дуца хIадурулеб?
— Калмыкиялда бугеб гIияе къинлъулеб заманалда гурони кIалцIи гIемер къваригIунаро. ЛъагIалие хIажалъулеб гьелъул 20-гIанасеб тонна, бигьаги лъикIги букIун, дица босула Дагъистаналдаса. Харил дие гIола кIиазаргогIанасеб танг, гьебги босула Бабаюрталъул зонаялдаса. Сезоналъул заманалда босани, цо танг дие чIола 120 гъуршиде, хасало босизе тани, гьеб жеги тIаде уна.
– Цо чияс тIубалеб магIишат гьеб гуро, хIалтIухъаби киса дуца рачунел?
— Дова вуго 3 вехь – кIигояв ЧIикIаса ва цояв Рутул районалъул КIусур росулъа. ЛъагIалие щивасе дица кьола кIикъоялда анцI-анцI къинлъизе лемаг. Гьезие буго цо моцIрол отпускги, гьезул рес буго диразда цадахъ жидерго гIи хьихьизеги.
— ЧIагояб гIи, гIиял гьан киб ва кин дуца бичулеб?
— Чахъаби къинлъун рахъарал тIанчIазул букIуна 3 партия. ТIоцебесеб партиялъул, 3 моцIалъул тIинчI (16-17 килоялъул) дица кьола бойниялде. КIиабилеб-лъабабилеб партиязул (гIага-шагарго 500-600 бетIер) цIуяб тIинчI тола диего, лемаг хисизе, бихьинаб тIинчI гьанибеги бачун хьихьула гьанае. Босизе чи ккун хадуб бичула добаги гьанибги.
— Кинаб букIунеб къунцIараб квасул къисмат?
— Дир гIиял цо бетIералдаса, гьоркьохъеб хIисабалда, бахъула квасул 2,6-3 кило. КъунцIарухъаби, къунцIараб лемагалъул цо бетIер рикIкIун 65 гъурушги кьун (гъоркьиса букIана гьеб багьа), рачуна Дагъистаналдаса. Гьанае бугелъул дир гIи, гьелъие букIуна аслияб хIисаб, квасул цIикIкIараб тIалаб букIунаро. Гъоркьиса 20 гъуршихъ кило хIисаб гьабун, кинабго квас босана нижерго росулъа чагIаз. ХIасил гьабун, къунцIарухъабазе кьуралъул бащдабгIан гурони дие нахъе бачIунаро, гьелъ кьолеб хайир гьечIо.
— Дагъистанияв вукIиналъ, Калмыкиялда хIалтIизе кинабгIаги къварилъи бугищ дуе?
— Нилъеда бараб буго мадугьаллъи, нилъ лъикIлъани, гъолги квеш рукIунаро. Дагъистанияв вукIиналъ бугеб щибго къварилъи гьечIо доба – я гIумру гьабизе, я хIалтIизе. Амма жанисанго, кьучIдасанго бугеб рукIа-рахъин, рижи батIияб бугелъул, нилъер гIамал-хасият бичIчIизе дозие дагьаб захIмалъула. БитIараб бицани, дие бокьилаан Дагъистаналда вукIине, гьанивехун гочине, амма кигIан нилъерабго бокьаниги, гьаниб, хасалил мучIдузда, Кочубеялъул зонаялда щоларо ракь, гьечIо эркенаб бакI. Калмыкиялда гьабсагIаталда ракьалъул рахъалъ дие эркенлъи буго. Метерисеб нилъеда гьикъун бачIунарелъул, хIажалъи ккани вуссина нахъе – гьелъие буго дица гъоб киналго шартIалги жанир ругеб ферма-комплексги бараб.
— Бугищ дуего абизе бокьараб?
— Киналъулго хIасил гьабун босани, рецц Аллагьасе буго, дунго дицаго хIебтIун вуго, берцинго, бокьухъе хIалтIизе тун вуго, дихъа щибниги бахъулеб гьечIо, гIакъуба кьолев чи гьечIо. ХIалтIуда рихьулел, дандчIвалел захIмалъаби гьечIого рукIунаро, гьелги кида тIуранги тIурала. Исламияб рахъ, божилъи гьечIони щибниги лъикIлъуларо, гьеб суалалъулъги нилъе­е къварилъи гьабулев, нилъ толарев чи гьечIо. Дица шукру гьабула, дунялалда тIад, чанги захIматал бакIалги рихьулел ругелъулха нилъеда…
ГIабаш ГIабашилов