МацIалъул къисмат — миллаталъул букIинесеб

КIвар бугеб суал

 

Данделъи нухда бачана «ХIакъи­къаталъул» бетIерав редактор ГIали Ка­маловас. Гьелда гIахьаллъана ДР­я­лъул печаталъулги информация­лъул­ги министрасул заместитель Му­хIамадбег АхIмадовги, Болъихъ РУОялъул нухмалъулев ХIажигIиса ИзмагIиловги, ЦIунтIа РУОялъул нухмалъулев МухIамад Къурбановги, ЧIарада РУОялъул нухмалъулев Шамил МустIапаевги, Унсоколо районалъул рахьдал мацIалъул учительзабазул цолъиялъул нухмалъулев Сулейман МухIамадовги, ЦОДОУ ЗОЖалъул (ТУО) нухмалъулев Шапи ЖахIбаровги.
ГIали Камаловас бицана рахьдал мацIги миллаталъул маданиятги цIуниялъул мурадалда редакциялъ гьабулеб хIаракаталъул хIакъалъулъ. «Дагъистаналда вуго магIарул мацIги бицунев, гьебги лъалев анлънусазаргогIанасев чи. Нилъер халкъ ккола бищун кIудияб миллат. Лезгиязул буго ункъо район. Щибаб районалъул бетIерас кIудияб кIваркьолеб буго миллияб газета хъвазе. Гьезул газеталъул тиражги буго 10000. Гьелъие квербакъана Сулейман-Стальск районалъул бетIерасул хIаракаталъ. Гьес ДГУялъул филологияб факультеталда цIалулел студентазе кьолеб буго стипендияги, рахьдал мацIалъул учительзабазе харжалде тIаде гIарацги.
ГьабсагIаталда миллияб хаслъиги, маданиятги, мацIги цIуниялъул магIна бичIчIулев чилъун рикIкIуна учитель. Нилъер магIарул районазул школазда хIалтIулев вуго гIага-шагарго 9000 учитель. Гьезул щивас жинцагоги цоги чиясда хъвазеги гьабуни, магIарул газеталъул тираж бахинаан I8 азаргоялде. Жакъайин абуни тираж буго щуазарго. Кинха нилъ хIалтIилел? Бугищ гьеб захIматаб суал? Щай нилъер халкъалъе гьечIеб кинабгIаги ургъел жиндирго мацIалъулги миллияб газеталъулги? МацI тIагIунеб бугин, мацI гьечIони, миллатги букIунарин, миллияб хаслъи цIунизе кколин бицун свакан руго ниж. Нижее кумекалъе лъайкьеялъул идараби рахъинчIони, гьеб ахIи гIададисеблъун хутIулеб буго», — ян абуна гьес ва рехсана щибаб магIарул районалда газета хъваялъул хIужаби.
Редакторас бицана Дагъистаналъул парламенталъулги РФялъул Пачалихъияб Думаялъулги данделъабазда кватIичIого цебелъезе бугин миллиял мацIал цIуниялъул масъала.
«ГIицIго газеталъул тираж цIикIкIинабиялда бараб иш гуро рахьдал мацI цIуни. Нижер буго Бабаюрт районалда Шава абураб хъутан. Гьениве щвараб мехалда, гIагарав чияс абуна, жеги ункъо лъагIел бачIеб лъимер гIурус мацIалда гаргадулеб бугилан. Кин гьес гьеб лъазабураб, я рокъоб я къватIиб рагIулебги гьечIони? Лъазабуна телевизоралдасан. Щвана дун магIарухъе – гьенибги бицунеб буго гIурус мацI. Рахьдал мацI лъазабизеян риидал росулъе ритIарал лъималазги дора ругел умумузда малъун батула гIурус мацI. Гьанжесеб кIудияб гIел цебеса арабго, миллияб мацI тIубанго тIагIиналъул хIинкъи буго.
Ниж ун рукIана Татарстаналде. Гьезул школазда киназдаго малъулеб буго татар мацI – гIурусав ватаниги, доба гIумру гьабулев магIарулав ватаниги, батIалъи гьечIого. Гьелде дандечIарав чиги къанагIат гурони вукIунаро. Гьединаб бичIчIи хIажат буго нилъер халкъалъеги.
Газет-журналал хъваялъ иш хвасар гьабуларин абун, кинабго бичча-бихъан тунги данде кколаро. ХIадуризе ккела мацI цIуниялъул программа, цониги документ. Гьелъул кьучIалда гIуцIизе ккела хIалтIиги», — ян абуна Шапи ЖахIбаровас.
«Татарстаналда гIумру гьабулев вуго пуланав даргияв. Гьев ккола Лаваша районалдаса. Гьесда лъала дарги ва магIарул мацIал. Гьесул кIиябго лъимералда лъикI лъала татар мацIги. Гьеб мацIалда кучIдул цIалиялъул къецалдаги гьезие щун руго тIоцересел бакIал. Нилъер гьаниб гIаксалда кколеб буго иш.
Цогидал миллатазул вакилзаби-гIалимзабаз абула, магIарулаз байбихьичIони, мацI цIунизеги, газетазул иш рукIалиде ккезабизеги, миллиял суалазул масъала цебелъезеги цониги чи вахъунарин. Гьединлъидал цогидал редакциязул хIалбихьиялъухъ балагьиялъул жо кколаро. Республикаялъул нухмалъулездаги, халкъиял депутатазулги гьеб масъалаялде кIварбуссинабизеги хIалбихьана нижеца, амма гьелъулги хIасил ккечIо. Халкъалъул хъвай-хъвагIаяздасан бихьулеб буго, соналдаса соналде дагьлъулеб букIин рахьдал мацIалда кIалъалел гIадамазул къадар. Гьебги жакъа нилъер хъизамазда бугеб хIалги хIисабалде босун, ракIалде ккана, вижухъе чи – лъугьухъе чIагIаян абухъего, гьаб иш тезе бегьиларин.
Республикаялъул лъайкьеялъул министрлъун вукIарав Бадави ХIажиев халкъалъул рекIелъ цIунун хутIана миллаталъулги, маданияталъулги, рахьдал мацIазулги цIикIкIараб тIалаб гьабурав министр хIисабалда. ШагьгIабас Шагьовасги рагIи кьун букIана мацIазул тIалаб гьабизе. Я нилъер хIукуматалда, я республикаялъул администрациялда жакъа гьечIо нилъеца бицунеб масъала бичIчIизе хIалгIолев яги гьеб рекIелъан биччалев чи. ХIадурун рукIана мацIал цIуниялда бан хасал программабиги мацIалъул хIакъалъулъ законги.
Миллиял ишазул министерствоялда хIалтIулеб заманалда дун ун вукIана Ригаялде. Гьезул тахшагьаралда букIана гIажаибаб рохалил байрам – найил тIалаялъуб гIадинаб хIал букIана тахшагьаралъул къватIазда. Гьез чIухIун абулеб букIана, жидер хIукуматалъ къабул гьабунин мацIазул хIакъалъулъ закон. Киса-кирего чIван рукIана гьелъул хIакъалъулъ бицунел игIланалги, киос­казда ричулел рукIана брошюрабиги. Гьел рукIана араб гIасруялъул 80-абилел сонал. Жакъа буго 20I8 сон, амма нилъер республикаялда жеги гьечIо мацIазул хIакъалъулъ закон. Доб Ригаялда букIараб гIадаб бичIчIиги гьечIо нилъер халкъазул. ХIукуматалъ тасдикъ гьарурал программабиги тIуразарулел гьечIо. Миллиял мацIазул цебетIеялъул мурадалда бюджеталдаса гIарац кьоларо. Жакъасел цIалдохъабазул умумузги абулеб буго, жидер лъималазе рахьдал мацIалъул дарсил бакIалда химияги цогидабги дарс кьеян. Гьел умумул ккола I990-абилел соназул гIел: улкаги биххулеб рухIияб тарбиялда малги бараб заманалъул лъимал», — ан абуна Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналъул регионалияб бутIаялъул председатель Зикрула Илясовас.
«Унсоколо районалъул школазда магIарул мацI хIажат бугищан абураб масъалаго цебелъечIо киданиги. Дарсалги кьола, умумузги гьелде кIварбуссинабула, умумузул тарихги маданиятги гьеб мацIалда бижараблъиги жакъа цебетIолеблъиги бичIчIуларев чиги ватиларо. Газеталги хъвалел руго аслияб къагIидаялда учительзабаз. Нижер школалъул директор Муса ГIисалаевас данделъиялда цIалана «ХIакъикъаталъул» редакциялдаса бачIараб кагъатги ва абуна газета хъвазе ккелин. Гъоркьисаялде дандеккун, кIицIул цIикIкIун буго исана подпискаги», — ян абуна Сулейман МухIамадовас.
«Районалъул нухмалъулевлъун та­рав­го, МухIамад ПатхIулаевас ди­да тIадкъана, магIарул мацIалде кIвар­кьеян. Гьелдаса нахъе халкколебги буго дарсал кьеялъулги миллияб маданият лъималазда малъиялъулги. Дун нечарав вуго Болъихъ районалда лъабнусго гурони чияс магIарул газета хъван гьечIеблъиялдаса. Программаби ургъулел рукIинчIого, гьабсагIат нилъеца байбихьила газета хъваялдаса. Кье нижее гьелъие кIиго анкь. Дие бокьун буго нуж районалде рачIине, кин кьолеб бугеб магIарул мацIалъул дарс, кинаб хIал бугеб школаздаян балагьизе», — ян абуна ГIисахIажи ИзмагIиловас.
«ЦIунтIа районалда бицунеб буго щуго батIияб мацI. Щибаб росдал рахьдал мацIалде тIаде школалда малъула магIарулги, гIурусги, къватIисел улкабазулги мацIал. Гьединлъидалги захIмат буго жакъа цIалдохъабазе. Масала, Болъихъ районалъул гIадамал цоцалъ кIалъала магIарул мацIалда. ЦIунтIадерида магIарул мацI рагIула гIицIго школалда, дарсида. Дун гIемер къацандизе кколев вуго школазул директоралгун. ГIемерисезе бокьун буго кIиабилеб цIалул планалда рекъон хIалтIизе – гьединаб ункъо школа буго гьабсагIаталда. Гьединаб хIукму гьабуна гьез школалъул коллективалъул данделъиялда. БачIун букIана Республикаялъул хIукуматалъул кагъатги, тIоцебесеб цIалул планалда рекъон хIалтIизе кколин абураб. Дица абула, магIарул мацI буго гIелмуялъул мацI, нилъер динги буго гьебго мацIалда. Амма цIалдохъабазул умумул руго гьелде дандечIарал. ЦIакъ захIмалъун буго гьеб иш районалда. Асахъ мухъалъул цIунтIал лъикI кIалъала магIарул мацIалда, олимпиадабаздаги гьез ккола цересел бакIал. Райцентралде гIагарлъухъ ругезе гьеб захIмалъулеб буго», — ян бицана МухIамад Къурбановас.
«Дир эбелалъул насихIат тIубайлъун рикIкIуна дица магIарул мацI цIуниялъул мурадалда гьабулеб иш. Гьей гIемерал соназ хIалтIана рахьдал мацIалъул учительлъун. Фейсбукалдаги, Твиттералдаги, Инстаграмалдаги нижеде, ай районазул лъайкьеялъул нухмалъиялде балеб буго рогьразул гъегъ: абулеб буго, ниж хIинкъулел ругин республикаялъул нухмалъулезукьа ва школалда магIарул мацI малъунгутIизе хIаракат гьабулел ругин. Гьеб буго гьереси! Дида ракIалде ккола, ЧIарада гуребги, щибаб районалъул лъайкьеялъул нухмалъулесда тIадаб бугин рахьдал мацI цIунизе, гьелъие хIаракатги гьабизе кколин. МацIги, маданиятги, гIадат-гIамалги цIуниялъул рахъалъ чIарадисел кидаго рукIана церехъабазул кьерда.
Жакъа лъикIаб хIал гьечIо магIарухъ. Росаби чIунтулел руго, гIадамал гочунел руго гIатIиракьалде. Шагьаралдаса риидал магIарухъе рачIараб заманги гIолеб гьечIо лъималазе мацI лъазабизеги хасият босизеги. Газета хъваялда гIей гьабун чIечIого, мацI бицине ккола рокъобги, къватIибги, хIакимлъуде вахараб мехалдаги. Районалъул данделъабиги тIоритIизе ккела рахьдал мацIалда.
ЧIарада районалдаги рукIана, рахьдал мацIалъул бакIалда биология ва цогидаб дарс кьезе бегьуларищан. Гьанже гьединаб суал цебелъолев учитель яги директор вукIунаро. Дица халгьабила, «ХIакъикъат» хъварал чIарадисезда гьоркьов чан учитель вугевали», — ян абуна Шамил МустIапаевас.