Тарбия кьунгутIиги такъсир ккола

МахIачхъалаялъул №40 школалда ккараб пашманаб лъугьа-бахъин ва законалъул тIалабал

 

Гьеб школалде хьвадулел микьабилеб классалъул цо-цо васаз цадахъ цIалулей яс хIакъир гьайиялъе гIиллалъун экспертаз рехсолеб буго рокъоб тарбия кьолеб къагIида дандеккунгутIи. Масала, пуланаб хъизамалда лъималазда малъула гIел бащадалгун рекъон рукIаян. Цогидаб хъизамалда лъимал куцала дурго мурадалъе гIоло щиб гьабуниги бегьулин абураб пикруялъул кьучIалда. Ракълидалъун масъала тIубазе куцараб лъимер парахатго букIуна ва гьеб хасияталда тIадги релъанхъизе бегьула гIолилал. Дарсаздаса хадуб гIемерисел лъимал, хасго васал уна компьютеразул залалде ва гьенир хIалел хIаязулъанги гьезулъ цIикIкIун щулалъула тушманаб къасд, вагъизе гъира. Гьел хIаязулъ бихьараб вахIшияв багьадурасул хасият жиделъгоги куцазе хIаракат бахъула гьез.

Кинаб тамихI гьабизе кколеб?

Школалда яги къватIазда гIелцоял рагъиялъул хIужаби чанги ккола. Инсан хIакъир гьавиги рикIкIуна такъсирлъун. Хасго бакIаб такъсирлъун ккола тIомол кьер, дин ва цогидаб, ай напсалда хъинтIулеб хIужа гьоркьобккун, чи хIакъир гьави.
16 сон бачIеб лъимер жавабчилъиялде цIазе ихтияр кьоларо законалъ. Гьелъие далиллъун рикIкIуна, жидеца гьабулеб иш такъсирияблъун кколеблъиги гьелъухъ жаваб кьезе букIинги лъималазда жеги бичIчIунгутIи. Балугълъиялде рахинчIел лъималазулгун хIалтIулеб хасаб комиссиялде цIех-рехалъул идарабаз битIула уголовнияб дело рагьизе инкар гьабулеб бугин хъвараб кагъат. Гьелда цIар рехсараб лъимер босула полициялъул сияхIалде ва участокалъулав инспекторас зама-заманалдасан гьесулгун гара-чIвариги гьабула. Балугълъиялде бахинчIеб лъимадул эбел-инсухъа бахъула гIакIа – букIине кколеб тарбия лъимадуе кьунгутIиялъухъ. Квешаб гIамалалъул лъималгун хIалтIизе ккола школалъул психолог, гьел рукIине ккола классалъул нухмалъулесул хасаб берзукьги. РФялъул Уголовнияб кодексалъул № 20 статьяялъул тIоцебесеб бутIаялда рекъо­н, жинцаго гьабураб такъсиралъухъ чияс жаваб кьезе ккола 16 сон бан хадуб. Амма гьебго статьяялъул кIиабилеб бутIаялда рекъон, жавабчилъи тIалъула 14 сон барав чиясдаги, хасго судалъ чIезабуни, жиндасаго гьитIинав чиясул рахъалъ цебеккунго ургъун гьабураб такъсир гьеб букIин.
14 сон бараб мехалдаго лъимер ккезе бегьула судалде, гьес цогидав чиясул сахлъиялъе зарал гьаби чIезабун бугони. Сахлъиялъе гьабураб заралалъул даражаялда бараб букIуна гьабулеб тамихIги. ГIисинлъималазул рахъалъ гьабураб такъсирлъун рикIкIуна гьеб бухиги, гIакъуба-зулму гьабиги, сахлъиялъе зарал гьабиги. Гьезда гьоркьоса бищунго тIадагьаб такъсирлъунги ккола лъимер бухи. Лъимер бухаралъухъ судалъ 40 азарго гъуршиде щвезегIан гIакIа бахъула яги бащдаб лъагIелалъ хIалтIизе тIамула, ялъуни лъабго моцIалъ жанив тIамула.
Пуланав чияс балугълъиялде бахинчIеб лъимер гьоркьоса къотIичIого бухулеб бугони ва гьелдаго цадахъ психологияб тIадецуй букIараблъиги загьирлъани, гьесие гьабулеб тамихI къвакIизабула. Лъималазул къокъаялъ цогидаб лъимер бухани, гьеб бухарал лъималазул эбел-инсухъа гIакIа бахъула. Гьел лъималги полициялъулаз хасаб сияхIалде росула.

Щиб гьабилеб лъимадуе
къварилъи ккани?

ЧанцIулго вухун, хIакъир гьавун нужер вас яги яс рокъоре рачIунел ругони, гьелъул хIакъалъулъ чарагьечIого лъазабизе ккола классалъул нухмалъулесда. Ине ккола школалде ва лъазабила лъимер бухия­лъе гIиллалъун щиб кка­рабали. ЛъикIаб бу­кIина, нужер лъиме­ралдехун квешаб яги рокьукъаб бербалагьи гьабулесулгун га­ра-чIвари гьабуни. Накъиталдалъун ре­къел-маслихIаталъе нухал рати буго би­щун лъикIаб иш. Цогидал лъималазе рахIат толарел цIал­дохъабазулгун хIалтIизе тIадаб буго школалъул психологасдаги полициялъул балугълъиялде рахинчIезул рахъалъ инспекторасдаги. Къварилъуде ккараб лъимадул эбел-инсул ихтияр буго, гIарзагун полициялде инчIого, гьесде хитIаб гьабизе. Гьел тадбираздаса хадубги лъимадуе гьабулеб къварилъи лъугIулеб гьечIони, бегьула гIарзагун полициялде ине.
Гьедин кьураб гIарзаялъулги хIасил кколеб гьечIони, ай лъимералъе къварилъи­ги бугони, полициялда такъсирги батулеб гьечIони, гIарза кьезе ккола бакIалъул прокуратураялде. Гьелда хъвазе ккола, полициялъ нужер хитIабалъул сан гьабулеб гьечIилан.
Балугълъиялде вахинчIев чияс тIоце­бе­себ нухалда такъсир гьабун батани, судалъ инкар гьабизе бегьула уголовнияб дело рагьиялъе. Амма судалъ чарагьечIого хIукму гьабула такъсирчиясул эбел-инсухъа гIакIа бахъизе ва къварилъи ккараб лъимадул хъизамалъе зарал бецIизе. Судалъеги судалъулгун медицинаялъул экспертизаялъеги харж гьабураб гIарацги бецIизабула такъсирчиясул хъизамалда.
Муса Азаев