ГIамирко хIанчIил хIайранал кучIдул

ГIумруялъ рачунел талихIалъул бакъназухъ гьоболлъухъ

 

Мунагьал чураяй эбелалъ гIамирко хIанчIил хIакъалъулъ бицунеб букIа­раб гIажаибго берцинаб маргьа ракIал­дещвана дида, республикаялда цохIого цо бугеб, МахIачхъалаялъул сакъатал лъи­малазул «ТIалаб» интернаталде щведал.
…Киса-кибего боржунеб букIанила гIамирко, гьелъ ракьалде хьалеб бу­кIанила балагьизе бер барахщараб берцинлъи. Гьеб бортаралъур раккулел рукIанила гьеб хIанчIилго гIадаб берцинлъиялъул тIугьдулги. ГIадамазда батIа бахъизе лъалаанила гIамиркоялъул кечIги. Гьелъухъ гIенеккидал, гьезда къварилъаби кIочонаанила. ХIикматаб хIанчIица кваркьи хьвагIидал, дунял дагьабги къалъулаанила…
Гьеб гIажаибаб хIанчIил сипаталда чIана дида цее интернаталъул директор Ума Качалова. Щибаб лъимералъе бицине берцинал рагIабиги ратулел рукIана гьелда, гьелъ къвалакье рачарал гьезул берал кенчIелел рукIана, гьезул къвалбаялъе убачаздалъун кьолеб букIана гьелъ салам.

Чияр лъимал рукIунаро

ГIемерал адабаз сверун ккурал, гIемерал лъималгун гIумру гьабун ругел лъималазда лъалебцин батиларо жидер щивасул букIине кколеб букIараблъи цIа бакараб гъанситоги, гъанситохъ ахIулеб бабал хIасратаб кечIги, гьеб кочIохъе гьуинаб макьуялда кьижарал жалгоги, рорчIилалде аскIов дадаги ватизе кколеблъиги. Жеги бичIчIулеб гьечIо эбелалъул ургьибго къисматалъ талихI бахъарал гьезда ТIадегIанасул тIадкъаялдалъун ракьалда жал цIунизе ритIарал хIурулгIинзабаз жидедаса инкар гьабураблъиги. Бабайилан цIар бугеб бакъул чIоразул хинлъи жидеда киданиги чIвазе гьечIеблъи ва гIумруялъул цIоб гьечIеб квачIикье ккарал лахIзатаз гьеб бакъухъ жалго гIашикълъизе рукIинги.
ГьабсагIаталда гьеб талихIалъул квацIи щибаб къоялъ лъималазе кьолеб буго Умацаги гьелъул хIалтIухъабазги. Нижер гьанир чияр лъимал гьечIоянги абун, гьей цIидасанги лъималазул гурулъе ана. Гьез нижее ахIана, рикIкIана кучIдул. Амма цо чIужугIаданалъухъ даим урхъун хутIизе ругел беразул хIориниб цIер чIван букIана. Гьеб батизе ккола дунялалдаго бищунго йокьулей гIаданалъул хинлъиялда гурони биинабизе кIолареб цIер. РухIдаллъизе бачIана Умада, лъималазде бугеб рокьул цIураб гьелъул гьурмада гIажаибго рекъонккараб талихIаб гьимиялда, гьеб гьимиялде данде кенчIолел лъималазул беразда, гьеб талихIалдаги нур рещтIинабулел интернаталъул киналго хIалтIухъабазул сабруялда.

Интернаталъул гIумру

Гьелъул жанахIалъур рарал стендаз бицунеб букIана интернаталъул гIумруялъул хIакъалъулъ. Киса-кирего рукIана лъималазул суратал ва гьез рахъарал сураталги. Гьениб бугеб рацIцIа-ракъалъиялъги лъималазул чIиргъи-хъуялъги бицунеб букIана интернаталъул хIалтIи кьучIдасанго хисун букIин, Москваялде щунгицин ахIи-хIур бахъараб доб заманалдаса хадуб. Лъималазухъе тIадбуссун бачIун буго талихI. Жиндирго куркьбазда гьебги лъун, сакъатал лъималазул свараб гъасда цIа бакизе, гьезие хинлъи кьезе рещтIун буго доб хIикматаб маргьаялдаса гIамирко хIинчI. Гьелда цIарги буго Ума.
Ума хIалтIизе ячIаралдаса талихI басандана интернаталда. Подвалалъур гIумру гьабун рукIарал лъималазда бихьана цIияб дунял. Щвана гьел гIумру гьабун ругеб рокъоеги. Гьединго Ума Качаловагун цадахъ рес щвана щибаб рокъое яккизеги. Гьале бусадаса рахъине кIоларел унтаразул рукъ. Гьаб цояб рахъалда, мадугьалихъ ругоан цIакъго гьитIинал, коляскаялдаго ругел лъимал. Гьезул къуватги гIолеб букIана щивасе гьимизе. ЦIакъго цIакъ йокьулей йигоан гьезие Ума адаги. Дагьалъ дорегIан ругоан цодагьал чIахIиял лъимал. Киназего — киналго санагIатал шартIал. Лъималаз рихьана жидецаго рахъулел ругел суратал, бихьизабуна кечI рикIкIине бугеб махщел. Киса-кирего — лъимерлъиялъул гвангъарал лъалкIал. Умал рокьиялъ, къвалги бан, сверун ккурал гьезие камураб щибго гьечIин кколеб букIана. Амма эбелалъул кечI… Лъица ва сунца гьеб хисилеб!?
Руго интернаталда цIигьариялги. Рагьун буго ясли-ах. Гьениб буго къоло щуго лъимер. Эбел-инсуца рада-радал гьенире щвезарула лъимал, цинги бакъанида рокъореги рачунел руго. Ругогури ракьалда гьединал лъималазе гIоло гIумруги бичулел, дунялалъул гьайбатлъиялдаса инкарги гьабулел улбулги. ТIадегIанас инсанасул хIалбихьизе кьураб захIмалъи гьез лъималазде бугеб рокьигун цадахъ баччулеб буго.
Гьединго 2017 соналда интернаталда рагьана школаги. ГьабсагIаталда гьениб буго ункъо кIиабилеб классги цо тIоцебесеб классги. Дарсал кьезе гьенире рачIунел руго аскIобго бугеб № 8 школалъул учительзаби.
Гьалдолеб буго интернаталда гIумру. Гьенир гIумру гьабулел, та­лихIгун дандчIвазе къеркьолел лъимал гIахьаллъула республика тун къватIирехун тIоритIулел тадбираздаги. Масала, кIиго нухалда ана Чачан Республикаялде, «Ращадал ресал» абураб фестивалалда гIахьаллъизе. Росана цересел бакIал. Щвана лъималазе сайигъаталги. Гьединго гъоркьиса Владимир областалъул Суздаль шагьаралда тIобитIараб «Божилъи. Хьул. Рокьи» абураб фестивалалда гIахьаллъана ТIагьирбегов Жамбулат, Юсупова Марям, Корниенко Роман, Салманова Дагира. ТIадруссана батIи-батIиял номинациязда щварал бергьенлъабигун. КIудияб кIвар кьолеб буго Москваялъги интернаталъул хIалтIи чIаголъиялде. Гьабулеб буго кIвараб кумекги. Масала, Дадаев Тимурие гьениб бохдузе операция гьабуна. Гьанже Тимурица гIумру гьабулеб буго Москваялъул интернаталда. Ума щвана Москваялъул интернаталдеги, гьелъул хIалтIухъ халгьабизе. Ва хIаракат бахъана, Москваялъул интернаталъул хIалбихьиялда рекъон, жиндирго хIалтIи гIуцIизе. Гьелъ лъикIал хIасилалги кьолел руго.
Лъималазе ракI кьезе хIадурай

Качалова Ума гьаюна Хасавюрт шагьаралда. ЛъугIизабуна шагьаралъул №4 школа. Гьелдаса хадуй цIализе лъугьана ДГПУялъул тарихияб факультеталде.
2002-2005 соназда хIалтIана Ма­хIач­хъалаялъул сакъатал лъималазул реабилитациялъулаб централда, 2005-2016 соназда — МахIачхъалаялда бугеб херазе ва инвалидазе социалияб хъулухъ гьабулеб централда. 2016 соналъул июлалдаса бахъараб жакъа къоялде щвезегIан — «ТIалаб» интернаталъул директор. Умал захIматалъулаб биографиялъул тIанчал регидал, бихьулеб буго гьелъ тIасабищараб хъулухъалъул борхалъиги тIадегIанлъиги. ГIадамазе талихI бикьулей — гьеле Хунзахъа магIарулалъул цIаралда цадахъ рекъараб цадахълъел.

Сахаватал гIадамазул
кумекалъулаб квер

Гьединазда гьоркьов Умаца бищун цебе рехсана ДРялъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министр Расул Ибрагьимовасул цIар. Гьесул жигарчилъиялдалъун рагьун буго къад лъимал хьихьулеб отделениеги, ай, ясли-ах.
— Аслияб къагIидаялда гьесул кумекалдалъун тIоритIула интернаталда тадбирал, гьесго квербакъана лъималаз батIи-батIиял фестивалазда гIахьаллъи гьабиялъеги. Гьев вуго цIакъго гIадатияв хIаким. Амма лъималазухъе вачIиндал, гьев гьездасаги гьитIинлъула. Гьес гьел рачуна шагьаралде экскурсиялъги, гьелгун цадахъ уна кинотеатралдеги, гьайгьай, тIадруссун щвезарулелъулги, сайигъаталги рачIуна цадахъ. Расул гIемер щола лъималазухъе гьоболлъухъ, — илан бицана Умаца.
КIудияб адаб-хIурматалда рехсана гьелъ республикаялъул нухазул агентствоялъул нухмалъулев Загьид Хучбаровасул цIарги. Гьес интернаталъе босун буго лъималазе къваригIунеб гIемераб къайи-къоно.
Гьединго лъималазе кумек гьабулезда гьоркьор Умаца рехсана жиндирго курсцоялги. Гьел щибаб байрамалде рачIунел руго, лъималазе батIи-батIиял сайигъаталги росун.

ХадурагIи

Гьалеха лъугIана интернаталде гьабураб сапар. Лъай-хъвай ккана сахаватаб, кIудияб ракIалъул магIарулалъулгун. ЦIидасанги гIумруялъул хIакъалъулъ пикраби гьаризе тIамуна талихIалъухъ урхъарал лъималаз. Буго гьезул талихI. Амма гьелъул кьер батIияб букIинеги бегьулаан, къойил рагIулеб бабал хIайранаб кочIол гьаркьихъе рорчIулел рукIаралани. Къисматалъ къварид гьарурал гIечIого, эбел-эменги жидедаса лъутарал лъималазе саринал ахIулей йиго доб хIикматаб маргьаялдаса киназего талихI бикьулеб гIамиркоялъул сипаталда релълъарай Ума Качалова…
Шамай Хъазанбиева