КвенчIелалдаги лъун, наслу хьихьарал

 

Школазда гIуцIула батIи-батIиял тадбирал. РукIуна гьел байрамкъоязул хIурматалда гIуцIулелги. Гьел тадбиразде хIадурлъулаго, цIалдохъабазухъе кьезе кучIдул ратизе захIмалъулеб бугин абун букIана нижеда учительзабазулгун тIобитIараб цо мажлисалда. Гьединлъидал редакциялъул хIукму ккана байрамкъоязул темаялда кучIдузул гьурмал рахъизе. Гьаб нухалда кьолел руго чIужугIадан, эбел кIодо гьаюн хъварал асарал.
 
ГIайшат ХирамухIамадова, Шамил район, ГIурада росу
 
Эбелалде
 
Эбел, тIаса лъугьа хъачIал сардазухъ,
Свакан, киниялде къулун рогьарал.
Гьуинаб макьу тун, хинаб бусен тун,
Хинлъи нижее кьун, арал соназухъ…
 
Эбел, тIаса лъугьа къартIаб черхалде
Чвахун щолеб херлъи чIезабичIелъухъ.
КIарчамаб гьурмаде рехун рачIунел
РукIкIалаби кквезе гьунар гIечIелъухъ…
 
Цере квералги ккун, дуца гьабураб
ДугIаялъ руго ниж цIунун ракьалда.
ТIинкIулеб магIугун гьарараб гьари
БетIергьанас къабул гьабизе хьулгун.
 
 
 
 
Наби ГIисаев, ЦIунтIа район, Гьинухъ росу
 
Эбелалде
 
Эбел, дида ккола киналго тIугьдул
Дур гьимиялдаса гьарун ратилин,
Гьелъ гурищ ракI-ракIалъ гIадамазе гьел
ГьадигIан ракьалда рокьулел ругел.
 
Дур бералин ккола сардида цIваби,
ЦIуне лъималилан кIалъай гьабулел.
Ва амма васазул аслияб мурад
Мун цIуни, мун цIуни, мун цIуни буго.
 
Щибаб их бачIингун рорчIарал лъараз
Лъиде кечI ахIулеб? Дир эбелалде.
Дицаги, как гIадин, киве щваниги,
Щурула, угьула эбел, эбелан.
 
Мун кий йикIаниги – рикIкIад, гIагарда,
ГIумруялъ нижеда цадахъ хутIула.
Хадубккун, нух къосун, ниж мекъи ккани,
Кидаго хIадурай, хIалай ячIине…
 
 
 
 
ГIайшат Малачиева, Унсоколо район, Унсоко-ло росу
 
Эбелалъул сураталъухъ
 
Эбел, дур суратгун гаргадулей дун,
Гьаний дидасаги гIолохъанай мун!
Дие насиблъичIеб берцинлъиги дур,
Дие ирслъун щвечIеб чIаголъиги дур!
 
Эбел, мун йикIинчIо кIвахIалъе яцлъун,
Сваказе ургъичIеб урхъарал къояз.
Эбел, мун лъугьинчIо ургъалий лагълъун,
Унтизе регIичIел регIана сонал.
 
ГIодобкъо хIалхьичIей хIалтIул гъазияй,
ХIарамлъи квинчIелъул баркала лъанищ.
ЗахIматкъо алхинчIей, инсул бахIарай,
Бикъизе лъачIелъул рукъ бечелъанищ.
 
МагIида херлъарал хириял гурдал –
РетIун къачIадизе къо дуе кьечIел,
ГIункIкIаца кванарал китай-явлухъал –
ГIадатIе рехизе заман батичIел.
 
Дида рухI лъелалде бахIарлъи арай,
Гьадинго гьайичIо дунялалда мун.
Дун гIун йихьилалде херлъи бихьарай,
ГIадада йикIинчIо гьаб ракьалда мун.
 
 
 
 
МухIамад Рамазанов, ЦIунтIа район, Сагьада росу
 
КIодол кверал
 
Рикьуда риххарал гIорал кинигин,
Бидурихь халлъулел дир кIодол кверал.
Хаслихъе сасарал лъарал гIадинан,
Накабазда лъурал дир кIодол кверал.
 
ТIолго нижер наслу квенчIада лъурал,
Лъавукълъи хъамизе чанги зинкIарал,
ЧIахъаги дир кIодол гIадлуял кверал,
Кверазда бахунеб кремго бихьичIел.
 
ТIатIуда рецIцIулел мичIчIихинкIазул,
Хасаб тIагIам жеги мацIалда буго.
Лъабго килщикье ккун, мочIуги бекун,
Нах дихъе бегьарал къуватал кверал.
 
Дир берталъ кьурдизе цее ячIиндал,
РухIдаллъана гьелда тIолго мусудул;
Гьава къотIун унеб лочнол куркьбаллъун
Гогьдарана кIодол гьайбатал кверал…
 
 
 
Сабигат МухIамадова, ЦIумада район, Инхокъвари росу
 
Эбел
 
… ГIумрудул хазина, хирияй эбел,
Мун гьечIони, дунял – чIобогояб рукъ.
Дуда бараб буго ракIалъул хинлъи,
Хирияй, дуегIан рокьулел лъие?..
 
Мун гьечIеб ракьалда бакъ кин баккулеб,
Дунял тираниги, батулареб ракI.
Эбел, мун цо йиго, дир берзул канлъи,
Кидаго налъукьа ниж рорчIуларел.
 
 
Такрарлъизе гьечIей, жий хисуларей,
Лъимал кьижичIони, макьу щоларей,
Лъимал кваначIони, хIалхьи лъаларей,
Лъималазе гIоло бахъун рухI кьолей.
 
 
 
 
Рамазан ГIабдулмуслимов, Беж-тIа участок, Гьунзиб росу
 
Эбел – зобал цIураб моцI
 
Бищунго берцинай, бищунго лъикIай,
ЭбелгIан хирияв цоги чи гьечIо.
ГIакъилай, гIедерай, гIагарай эбел,
Гьей кIодо гьайизе гьунар гIеларо…
 
ГьитIинав чиясе кIудияб рикъзи
Эбел гурищ кколей Аллагьасдасан.
Щивав инсанасе Бичасул баркат
Эбел гурищ кколей? Божуларищ нуж?
 
Чан лъикIал къояца къалъараб гIумру,
Рохелги талихIги гIемер батараб?
Нилъ руго ракьалда гIисинал цIаял,
Киназего эбел – зобал цIураб моцI!
 
РакI бакъвараб мехалъ, эбел ятула,
Рохел баркизеги гьей гIедегIула.
ГIадамал – гIакъилал, гIалимал, ханал,
Нусабго махщалил хазина – эбел!
 
ТIогьоца гIадинан, бетIер борхула,
ГIадамалъе лъимер бахъунеб бихьун.
Бакъ гIадин, къалъула, къватIие яхъун,
КъоцIул лъималазул цIаралги щурун…
 
 
 
 
Хъистаман Султанбегова, Гумбет район, ЛъаратIа росу
 
Эбелалъул кунчIи
 
Дудаса кIанцIарал меседил чIорал,
ЧIван рукIана дица ирсалъул ахикь.
Замана бахъидал, кьалбалги лъугьун,
ТIаде загьирлъана загIипал чIорал.
 
Гьездаса йохиялъ хекко барщизе,
Дица гьелде тIуна тIагIамал лъинал.
РакIалдаса тIураб тIегь бижун бугин,
ТIолалго рачана кунчIи бихьизе.
 
Дун гьелъий хIелана, хIалимай гIадин,
ХIалакун елъана, налъулай гIадин.