«ХIакъикъаталъул» гъасда ЧIАРАДА

ЦIи гьарулел руго
нухалгун кьоял

 

ЦIуриб-Арчиб нухлул тIоцебесеб километралда къокъаб заманалда жанир гьарун рагIалде щвана хъил тIеялъул хIалтIаби. Гьеб ишалъе цебехъанлъи гьабуна районалъул нухазул идараялъул нухмалъулев ИсмагIил Мусаевас. АнцI-анцI соназ районалъул гIадамазе ва гьалбадерие кIудияб хIинкъи букIана гьеб нухдасан хьвадиялъе. Ахир-къадги тIубана киназего гIахьалаб анищ. Жакъа къоялде гьел нухал гIатIид гьаруна, тIун лъугIана хъил, цIигьаруна лъим чвахиялъе рогIрал ва щулалъиялъул къедал.
Районалъул захIматчагIаз ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабулеб буго гьеб ишалъе гIарцул сурсатал риччарал «Дагъавтодоралъул» нухмалъулезе, ремонтал гьаризе бажари бихьизабураб районалъул нухазул идараялъул нухмалъулезе. Къарал гIурудаса бан рагIалде щолеб буго цIияб кьо. Гьеб ккола ЧIарада росдада аскIосан унеб ЦIуриб-Гьочоб нухазда гъорлъе.

Лъим бачиналъе хIаракат

Дагьаб цебе ЧIарада росулъ гьарун рагIалде щвана цIияб лъим бачина­лъул хIалтIаби. ЗахIматал тIабигIиял ва хасалил шартIазде балагьичIого, росдал администрациялъ лъикIаб жигарчилъи гьабуна гьел хIалтIаби рагIалде рахъинаризе. Гьеб баракатаб хIалтIуе гIарцул кумек гьабуна ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат М. СагIадулаевас.
Гьединабго манзилалда Гьочоб росулъги цIияб лъим бачиналъул хIалтIаби рагIалде щвана. ГIарцулаб кумек гьезие гьабуна Дагъистана­лъул хIукуматалъ. Районалда хадур­ккунги гьаризе хIисабалде росун руго нухал гьариялъул ва лъим бачина­лъул хIалтIаби.