ГIалимзаби-бусурбаби

 
 
Физика 
Ал-Хазинил хIакъалъулъ нилъеда гIемераб жо лъаларо. ХI-ХII гIасрабазда гIумру гьабун вукIарав гьес хъвараб «Мизанул ХIикмат» абураб тIехь цIакъго машгьураблъун рикIкIуна. Гьесухъа бажарун буго гIемерал веществабазул бакIлъи борцун. Бируницайин абуни (978-1051) 18 веществоялъул гурони бакIлъи борцун букIинчIо. Гьесго борцун букIана гьаваялъул массаялъулги объемалъулги гьоркьоблъи. 
Атомалда гъорлъ кутакаб къуват бакIарун букIин ва гьелъул ядро бихх-биххун ине рес бугеблъиялъул тIоцебе хъварав чи ккола Жабир бин ХIаян (721-805). 
ХIII гIасруялда гIумру гьабун вукIарав КъутIбудин Ширазица, Декартидаса 300 соналъ цебе, гIелмияб къагIидаялъ баян кьун букIана нур чIеялъе букIунеб гIиллаялъе. 
ЗагIипал электромагнитниял къуватазул хIалтIи рагIал­де бахъинабизеги кIвечIого хварав Эйнштейнил (1879-1953) гьеб иш гIумруялде бахъинабуна бусурбанав гIалимчи ГIабдусаламица. 1979 соналда гьев мустахIикълъун вукIана Нобелил премиялъул лауреат абураб цIаралъеги. 
 
Астрономия 
Щибаб исламияб улкаялда букIанин абизе бегьула обсерватория. Гьенир хIалтIулез нахъе тарал гIелмиял хIалтIабаздаса пайда босулаан гьанже нахъаги. Парангазул машгьурав профессорас абун буго: «Математикиял гIелмабаздаго гIадин, бусурбабазул астрономазги тана цIакъго кIудияб лъалкI», — ан. Гьедин абиялъе гIиллаги ккола тIоцебе бусурбабаз ургъараб букIин астролябия. Гьеб гIелмуялъул кумекалдалъун кIола цIваби ругеб бакI, гьезда гьоркьоб бугеб манзил борцине. Гьеб гIелмуялда тIасан тIоцересел хIалтIаби хъварав чиги ккола Маша­аллагь абураб цIаралда гъоркь машгьурлъарав бусурбанчи. Астролябиялъул цIияб тайпайин абуни ургъана аз-Заркалица (1029-1087). Дунял шар гIадинаб гургинккараб формаялъул букIинги бусурбабазда лъалаан, гьелъул хIакъалъулъ европаялъулазда щибго лъалеб букIинчIеб заманалдаго. Дунял гургинаб букIинги ва гьеб жиндирго хIосалда ва бакъуда сверун сверулеб букIинги чIезабун букIана Бируница (973-1051). Гьебгиха, гьединаб цIирагьи Коперникица гьабилалде 500 соналъ цебе. Гьединго Бируни ккола ракьалъул диаметр борцарав гIалимчиги. Гьебго заманалда ракьул горсверуда бугеб манзил борцарав ккола Х гIасруялда гIумру гьабун вукIарав МухIаммад бин Муса. 
Ал-Ферганицайин абуни чIезабуна бакъуда тIад тIанкIал ругеблъи. 
Цогидав астроном Ал-Баттаница (877-929), европаялъулазда гьев лъала Албатегнус абун, Х гIасруялдаго гIуцIун рукIана астрономиялъулал таблицаби. 
Халифлъун ва гIалимчилъун вукIарав Улугбекица (1394-1449) Самаркъандалда бан букIана кIудияб обсерватория. Гьелъул ва гьединалго цогидалги обсерваториязул кумекалдалъун исламиял гIалимзабазда лъалаан бакъ-моцI кида кквезе бугебали ва гьеб кквеялъе гIиллаби. Гьезул хIалтIабаздаса жакъаги пайда босула астрономаз. 
 
Ботаника ва зоология 
Гьоркьохъел гIасрабазда гIумру гьабун вукIарав цIар рагIарав ботаник ва фармацевт ибн БайтIарил (1190-1248) хIалтIабазулъ батула 1400 чIахI-хералда цIар ва щиб унтуе гьел хIажалъулелали хъван. Гьесул тIахьаздаса пайда босулаан 300 соналъ. 
ХIV гIасруялда гIумру гьабун вукIарав Демирица хъван буго 1069 рухIчIаголъиялъул хIакъалъулъ ва гьев рикIкIуна зоология цебетIезабиялъулъ бергьун кIудияб бутIа лъурав гIалимчилъун. 
 
История ва архитектура 
Философиялъул тарихалда ибн ХIалдун (1332-1406)  машгьурлъана «социология» абураб гIелмуялъе кьучI лъурав чи хIисабалда. Гьесул хIалтIабазулгун лъай-хъвай гьабун хадуб, Европаялъул гIалимзабаз гьесда абулаан гьев кколин «ГIарабазул Монтескье» абун. 
Жиндир заманалда дунялалдаго машгьурав ва жинде вахарав цогидав чи гьечIев архитектураялъул гIалимчи вукIана Хважа Синан (1489-1588).