МагIарул бечелъи рагьулеб байрам

Халкъазда гьоркьосеб рахь­дал мацIазул къоялда хурхун гьабулеб иргадулаб фестиваль букIана араб шамат къоялъ МахIачхъалаялда. Авар­театралъул миная­лъуб тIо­битIараб, тIолалго магIа­ру­лазе гIахьалаб гьеб байрамалъ исанаги данде ракIарана нилъер халкъалъул миллиябщинаб бокьулел. 
 

МагIарулазул регионалияб миллиябгун маданияб автономиялъ, мугIалимзабазул ва магIарул басмабазул ассоциацияз гIуцIараб гьеб тIобитIизе квербакъана Авартеатралъги. Санайилго гIадин, гьениб гIахьаллъи гьабуна магIарул мацIалда рахъулел газетазулгун журналазул коллективаз, басмаханабаз, жидерго кверзул махщалил къайигун рачIун рукIана Унсоколо, Хунзахъ районазул махщел­чагIи, магIаруллъиялъул берцинлъи рагьулел суратал рихьизе лъун рукIана Шамил Шангереевасул турфирмаялъ. Фестиваль тIобитIизе байбихьаралдаса гIадатлъун билълъухъе, миллияб ратIлилъ рачIун рукIана киналго гIахьалчагIи ва гIемерисел гьалбал. 
Байрамалъул майданлъун лъугьараб театралъул жа­нахIалъур дандчIвалел ру­кIана, магIарулазул байрам гIа­гараблъун лъугьарал, батIи-ба­тIияб миллаталъул вакилзабигицин.
 
Фестиваль рагьиялъул бутIа­ялдаги гIахьаллъун, Дагъистаналъул тIалъиялъул рахъалдаса баркиялъулаб кIалъай гьабуна ДРялъул миллияб политикаялъул министр Энрик Муслимовас. 
Дагъистаналъул кинал­го миллатаз жидерго ма­цIал цIуниялъе гьабулеб хIа­ракатчилъи цIикIкIун кIвар кьезе мустахIикъаб бугин абуна байрам баркулаго Ма­гIарулазул автономиялъу­л нух­малъулев МухIамад Му­хIа­мадовас. 
Хадубккун, бакъанил заман щвезегIан, гьитIичал, цIал­дохъаби ва мугIалимзаби гIа­хьаллъараб жиде-жидер программа бихьизабуна  «Ава­рал» абулеб гIолилазул  гIу­цIиялъ ва Авар мацIалъул му­гIалимзабазул ассоциациялъ. 
Фестивалалда гIахьал­лъия­лъухъ баркалаги загьир гьа­бун, МагIарул басмабазул ассо­циациялъул рахъалдаса Му­хIамадрасул ГIумаровас сай­­гъатал кьуна магIарул ма­цIал­да рахъулел газетазулгун жур­налазул редакторзабазе.
ТIубараб къоялъго халатбахъараб гьеб тадбиралъ жанибе бачана магIарулазул адабияталъулгун маданияталъул хаслъи, миллияб бечелъи рагьулеб чанго батIияб рахъ. 
Араб соналъул хIасилалги гьарун, МагIарулазул милли­ябгун маданияб автономиялъ шапакъаталгун сайгъатал кьу­на миллаталъе пай­даял ишал гьарурал жамгIиял хIа­ра­катчагIазе, маданияталдагун адабияталда, тарихиябгун лъай кьеялъул бутIаялда лъи­кIаб лъалкI толезе (45 чиясе). 
 
Шапакъатал щваразул мухъилъе исана ккана «ХIа­къи­къат» газеталда хIал­тIулел ункъоялги: къокъаб за­маналда жаниб халкъалъе загьираб чIаголъиялда газеталъул хIалтIи гIуцIиялъухъ  — бетIерав редактор ГIумахан ГIумаханов; гIемерал соназ гьоркьоб къотIичIого «Сугъралъ» газеталъул редакторлъиялъухъ — ГIабаш ГIабашилов; магIарул журналистикаялда лъолеб бутIаялъухъ — ПатIимат СултIанмухIамадова; «Ба­тIияв вукIине изну букIинчIо» тIехьалъухъ — ПатIимат Гьи­тIи­нова. 
МагIарулазул регионалияб автономиялъ бихьизабураб бищунго тIадегIанаб «Миллаталъул чIухIи» шапакъат исана кьуна Россиялъул мустахIикъав артист ХIусен Казиевасе, ДРя­лъул Халкъияб Собрания­лъул депутат, меценат Му­хIамад СагIадулае­васе, тари­ха­лъул гIалимчи ШагIбан ХIа­пи­зовасе (Мар­къо ШагI­ба­нов). 
Шапакъатал кьолеб бутIа бер­цин гьабуна гьунар тIокIал магIарул кочIохъаби, кьурдул ва фольклоралъул коллективал программаялда гIахьал­лъиялъ.
ТIубараб къоялъ халатба­хъа­раб гьеб байрамалъе ахир лъуна «Булбулалъул кечI» спектаклялъ. Киназего хирияв ХIусен Казиевас аслияб роль хIалеб гьеб спектакль букIана Авартеатралъ фестивалалде рачIаразе гьабураб унго-унгояб сайгъат.