ТалихIалъул лъалкIал

РухIияб берцинлъиялъ хвасар гьабула дуниял

 

КигIан бокьаниги руго дунялалда лъикIал гIадамал. Ралагьея сверухъе. Унго- унгоги ракI бохуларищ, гьезда берчIвайдал? Гьезул баракатцин гуребдай щибаб радал нилъее гьимулеб бакъги бакъул чIоралгун нилъехъе талихI рещтIинги. Рогьалил щубилъан гIурччинаб гIидраги гьимула нилъее, гIидраялда рижарал кьер-кьерал тIугьдузги салам кьола. РекIелъ рещтIараб савуги биун уна, лъикIал гIадамал рихьидал. ТIубараб къоялъ, кигIан хIалтIаниги, свакги лъаларо, къварилъабиги кIочона, гьезул гьурмада гьими бихьидал. Гьеле гьединал гIадамазул сабруялъги, хIеренлъиялъги, недегьлъиялъги, цогидаздехун бугеб тIалаб-агъазалъги баччун буго дунял. Гьез нилъер ботIролъа хъамула пашманал пикраби, къварилъиги кIочона гьелгун ругебгIан мехалда.
ГIумруялъ диего гьабураб сайигъатлъун рикIкIуна дица ПатIиматгун гIагарлъи. Умумузул гIакъиллъиялдаса ккола гьаб ирсги — рукIуна гIадамал, жал дандечIвани, цогидазе нухбитIи кьолел, цо-цо чиясда берчIвазецин бокьуларо, хасго сапаралъ унел ругони. Гьелда дун божула. Радалго ПатIимат йихьани, дие къо битIулаан. Пашманлъиги аскIоса лъутулаан, гьелъул гьимиялъ салам кьедал. Анкькьераб нургицин рещтIун бугин гьелъухъилан кколеб асар лъугьунаан рекIее. Сундулго агъазалдаги йикIунаан ПатIимат — мадугьалзабазул рокъор лъалъачIого хутIарал тIугьдулги рихьулаан гьелда. Гьезие лъимги босун, тIаде гIунтIулаан ПатIимат, гьезие бадибчIвайги гьабулаго. Ракъарал хIанчIазул чIирчIириги катитIанчIазул мимидиги рагIулаан гьелда, лъехъ гIашикъал маккалги рихьулаан гьелда. Цо къоялъ хIалтIуде инегицин кватIана гьей, рукъ сверун къараб чали тун къватIибехун сардилъ жиндир мимиди рагIараб катитIинчI хвасар гьабулей йикIун. Гьеб къоялъ хъулухъалдасаги махIрумлъана гьей. Доб букIана штатал къокъгьарулеб заман. Начальникасе бокьичIо ва рекIее гIечIо гьей хIалтIуде кватIиялъул гIилла. Гьединал маргьаби жиндие рицунгейилан, гIенеккизецин гIенеккичIо гьев ПатIиматихъ. ЛъикI ургъани, унго-унголъунги щиб жоха кколеб кIудияв хIакимасе, эбелги хун, бакъуца холеб бугеб чиякъаб катитIинчI!? Гьединал ишазухъ гьелъие кьеларо пачалихъияб премияги цогидал шапакъаталги. Конкурсалда бергьанин абураб дипломги кьеларо гьелъие. Амма нижер хIикматай ПатIиматил буго кIудияб сахаватаб ракI. Гьеб гIола гIумру тIегьазеги, ракьалда толел лъалкIал гвангъизеги, сверухъ ругезе талихIалъул къатIраби рикьизеги.
Гьанже, ПатIиматидаса дагьай рикIкIалъидал, араб заманалда хъвазе ккана цеберагIиги. Буйнакск шагьаралда гьей йигеб заманалда, бищун цее гьелъухъ рещтIунаан магIарухъа ячIарай дун. Бокьулаан гьейгун гара-чIваризе, бихьа-таралъул хIакъалъулъ бицине. Заманалдасан къисматалъ ПатIимат ячана Гъизляр шагьаралде. Лъабабго лъимерги каранде къан, гIемер гIодана гьей, бигъараб къисматалъул квачIикье ккедал. Росас цIияб хъизан гIуцIидал, гьей тIадюссана жиндирго гIагараб шагьаралде. Амма ПатIимат къуркьичIо. Гьелъ гIумру цIидасан байбихьанилан абизе бегьула. ГIисинал лъималги жалго тун, унаан гьей рогьалилъ яхъун, базаралде йичаризе, (рогьиналде бачIунаан риидал пихъ базаралде). Къаденахъе цо-цо лъималазде щвезе рокъоеги ун, бакъинегIан базаралда йичарулаан гьей.
— Рокъой дун пашманал пикрабаз квегъулей йикIуна, инсухъ гIашикълъарал лъималазул берал рихьидал, магIуги кквезе кIоларо. ХIалтIудаго бигьалъи букIуна дие, — ян абулаан гьелъ.
Диргоги гIемерлъана сапарал Гъизляралде. Урхъун йикIуна дун гьанжеги дие хирияйлъун ва абадиялъе гIагарайлъун хутIизе йигей хIикматай ПатIиматихъ.
Квеш-лъикI, ТIадегIанасул кумекалдалъун, кIудиял гIуна ПатIиматил лъимал — кIиго ясги цо васги. Гьезул буго тIадегIанаб лъай, гIуцIана хъизамалги. Киналго хIалтIулелги руго. Цо-цо базаралде йичаризеги ун, лъималазул лъималги хьихьун, хIухьбахъиялда йикIана ПатIимат.
Иргадулаб нухалда гьоболлъухъе щведал, ПатIимат ятана, гьанжего гьанже гьабураб чияр лъимерги хьихьизе бачун. Лъимадул эбел ячIун йиго жий Москваялде иней йигила, лъагIалидасан тIадги юссинин, кIиго анкь бараб жиндир лъимер хьихьейилан. ГIолохъанай эбелалъ бицараб талихIкъосараб къисаялда божарай ПатIимат разилъун йиго лъимер хьихьизе.
Долдаса нахъе унеб буго кIигогIаги лъагIел. ТIокIаб хабар лъачIо лъимадул эбелалъулги…
Гьале дун нахъеги ПатIиматихъ гьоболлъухъ. КигIан гIагарлъиялъ абуниги, лъималазул рокъобе лъимер кьезеги разилъичIо гьей.
Дир меседил торгIойиланги абун, гьелъ гьеб пакъир беэдулелъул, рухIарал магIил гараз, изнуги цIехечIого, чурула дир гIанаби.
— Гьаб лъимергун дир рокъобе бачIанщинаб талихI. Щибдай дица гьабилеб букIараб, гьитIинав ГIали веэдизе щвечIевани. Гьесие кинидахъ кучIдул ахIулелъул рекIее бачIунеб рахIатги рокъобго рещтIунеб дунялго цIураб талихIги. Гьасда цадахъ дир рокъоб рещтIанщинаб баракатги. Цо минуталъгицин макьу щвезе гьечIо гьанже дида, ГIалиги лъималазул рокъове кьун. Лъималазул рокъове чияхъеяли киса гурин, жийго гьесул эбел ячIаниги, кIвеларо гьанже дида ГIали нахъе кьезе, — ян абула ПатIиматица.
Жиндиравлъунго лъугьарав чияр васас цIияб, батIияб нуралъул талихI бачIана ПатIиматихъе. Гьеб талихIалъ хIайран гьаюн йиго гьей.
ГIумруялъул тIохьол тIанчал нахъехун регулелъул, ПатIиматида гьенир ратула талихIалъул лъалкIалги — гьел руго гьитIинав ГIалица гьелъул къисматалда угьарал рокьиги, талихIги, сахаватлъиги.