Заниялъул бакIалда шприц лъе хабада

 
Щибаб соналъ уна дун эбелалъул хабаде щвезе. Иргадулаб нухалда гьение щведал, батана «цIияб» хоб. Гьелде тIаде къулун йигоан чIегIер барай гIадан. Дун лъалхъана ва цIалана зонода хъварал гьадинал мухъал:
ГIумруялдасаги бокьула дий мак.
Нагагь дие хвезе хъван батани,
Лъоге хабада щибго – лъе шприц,
Хабалъги уколал гьарила дица…
Заниялдаса дихъ ралагьун рукIана гIолиласул цIик-цIикарал берал. Разияб, аваданаб гьимиялъ гвангъараб гьумер. Ва дол кочIол мухъал…
* * *
Артур вукIана цо вугев вас. ГьитIинго хъвалаан гьес кучIдул, рахъулаан суратал. Эбел-инсуцаги хIаракат бахъулеб букIана гьесул гьунар цебетIезабизе. Гьев витIана суратал рахъиялъул школалде, хьвадизавуна литературияб клубалде. Амма балугълъиялде ваханагIан, хисулеб букIана хасият… 
* * *
Цо къоялъ бахъана бетIергьанчиясул гьаракь. Гьес цояб квер лъун бугоан рекIеда. Гьурмал кьерги тIун, гIазухъахIлъунги вугоан гьев.
— Щиб ккараб? РакIищ? — янги абун, аскIое йортана гьей.
— Йилълъа, — янги абун, васасул рокъоре ана гьел.  
 Добе-гьанибе бан бугоан васасул рокъоб къайи, столалда тIад тIиритIун ругоан киналалиго къучIби.
— Гьале, гьесул компьютералъул системникалда жаниб батараб магIдан! Дирго ноутбукги хIалтIуларого, досулалда хIалтIизеян щун вукIана гьаниве. Рагьана… гьесул гьумералда батараб жоялъ хвезе дагьав хутIана. Балагье… — янги абулаго, хIалихъего бицунеб букIана росас.
Компьютералда рагьараб васасул гьумералдасан гьелъухъ балагьун букIана бидул кIал цIураб рокьукъаб сипат. Васасул цIаралъул бакIалдаги хъван букIана «БецIлъи» абун. 
— БукIине рес гьечIо! Гьав чи дир вас гуро! Божуге гьалда мун! — ян лъугьана эбел. 
Васасул эмен, рекIеда кверги лъовухъе, къватIиве ана. Амма нуцIилкIалтIе щведал, гIощтIоца къотIараб гъветI кинниги, шапун ана.
* * *
МагIирукъ лъугIана. Бусадаса яхъинеги бокьулеб букIинчIо. АскIове вачIана Артур. «ТIокIалъ киданиги, рагIулищ, баба, киданиги дун гьезда аскIове къаларо! Гьедула дун дуе!» — янги абулаго гIодана гьев. Цин гьей гьесде ахIдана, цинги «хирияв василан» каранде къана. 
Унеб букIана гIумру. Дос бухIулаан, уколал гьарулаан, гьерсал рицунаан, гьаб ахирисеб нухалъин гьедулаан. Амма нахъеги добго рахъниве кколаан. Цо къоялъ Артурил компьютералъуе яккидал, «КучIдул» абураб папка рагьана. Гьениб батана сон хъвараб кечI:
«…Дие гIумруялдасаги бокьула мак…
Дагьабги гъоркьегIан хъван бугоан: «Гьале гьадинаб хъвай-хъвагIай бокьилаан дир заниялда букIине…», — ян.
* * *
…Больницаялъул чIарбида лагIараб жоялъул махIцараб хIориниб батана кидаялиго гьалъул ракI чIухIизабурав васасул къаркъала. Гьесда сверухъ жидерго ишалда ругоан тохтурзабигун медсестраби. Гьай йортана васасде аскIое, амма лъицаялиго ккуна ва нуцIихъа къватIие ккезаюна. Бащдаб сагIаталдаса гурони нуцIаги ричIичIо, кигIан гьараниги. ЧIарбидасан гье­­лъухъ ралагьун рукIана хIинкъиялъ гIа­тIи­лъарал хирияв васасул берал. Интернеталда «БецIлъиян» цебе лъураб сипаталда релълъун букIана гьакIахъего хутIараб кIалги…
* * *
…КъобухIарай эбелалъул ракI батизабиялъе щибго абун бажаричIо дихъа. Йигелъуй гьейги тун, бигьа гьабун нахъе ана дун… 
Аллагьас цIунаги гьединал балагьаздаса.