«Мурад — гIолилал такъсиралдаса рикIкIалъи»

 Ахир заманалъул квешлъабаздаса гIолилал рикIкIад гьари, гьезулъ сабругун иман щулалъи — тIоцебесеб къоялдаса нахъего гьеб мурад буго «Шамил районалъул гIолилал» жамгIияб гIуцIиялъул. Киналго соназ гьабунщиналъул бицинчIого, гIицIго 2019 соналда «Шамил района­лъул гIолилал» гIуцIиялъ гIа­хьаллъи гьабун буго 200-ялдасаги цIикIкIун исламиял, тарбия-лъай, бичIчIи кьеялъул, спорталъул ва цоги батIи-батIиял тадбиразда. Гьедин гIахьаллъун гуребги гIемерал тадбирал, къецал жидеца­го тIоритIиги гIадатияб иш­лъун буго тIолабго района­лъул гIолилал цоцалъ гъун­караб гьеб гIуцIиялъе. Са­найилго гьел тадбиразда гIа­хьаллъулезул къадар 100 азарго­ялдаса гIодобе кколаро.
— Кин, кида бижараб гьеб гIуцIи ва сундуе гIоло цо­лъарал «Шамил районалъул гIолилал»? 
— Гьеб рагьулеб буго, кIудияб кIваралъул жамгIияб ишалъе байбихьи лъурав, Зивуриб росулъа ГIабдулхIамид ХIажиевасулгун гьабураб гара-чIвариялъ. 
— Цебеккун Дагъистаналда букIинчIеб гIолилазул гIу­цIиялъе кьучI дуца лъуна. Кин гьеб пикруялде мун вачIарав? 
— Нилъеда ракIалда буго 2014 соналда Шамил районалда букIараб ахIвал-хIал. Дагъистаналда бищунго гIемерал такъсирал кколеб районлъун рехсолеб букIана гьеб. Доб мехалъ гьениб букIана чIвай-хъвей, терактал, рес букIана гIемерал гIолохъаби вагьабиязул рахъалде ине. Гьелъие аслияб малъилъунги букIана нилъер муфтий АхIмад-апандиясул ишара. Байбихьана щибаб росулъа бажари бугел гIолохъабиги ракIарун, бугеб масъала гьезулгун гьоркьоб лъеялдаса. Аллагьасе рецц буго бичIчIи бугел гIолохъаби, росу-ракь къиматал чагIи гIемер рукIин. Цогиги масъала босани, ракьцоязул бухьен букIинчIо цIакъ гIемерал ракьцоял росаби рахун къватIир гIумру гьабун рукIиналъ. Лъалеб букIинчIо кинаб ишалда, щиб чвахиялда гъорлъ бугеб къватIиб гIолеб нилъер наслу. Цо росулъа гIадамалгицин цоцазда лъалареб бакIалде ккун букIана иш. Мурад букIана районцоял цоцазде гIагар гьари, ккаралъур гъункун данделъулеб цо жамагIат лъугьинаби.
— ГIабдулхIамид, сунда мугъ­чIвай гьабураб ва лъица квербакъараб байбихьуда? 
— Щибаб росдал имамзабазде, бегавулзабазде ва жамагIатчагIазде букIана ракIбай. Гьеб заманалъ районалъул имамлъун вукIана ГIасаса ХIасан-хIилми. Гьесиеги цIакъ къабуллъана нижеца байбихьараб иш. ГIемерисел тадбиразулъ живгоги гIахьалъун кумек гьабуна хIалтIи гIуцIиялъе. Районалъул бетIерлъуда дол соназ вукIарав МухIамад Асиятиловасги кутакалда рахъ ккуна нижер. Амма бищунго кIудияб мугъчIвайги божилъиги Дагъистаналъул Муфтиясда букIана.
— Жакъа къоялъ чан чи гъорлъе вачунев «Шамил районалъул гIолилал» гIуцIиялъ?
— Районалда буго 43 росу, гьел киналго росабазул руго жиде-жидер гIуцIаби, спорталъул командаби, гьезул рахъ кколел. ГIахьаллъи гьабичIого батIатIун чIарал гIолохъаби нагагьги ратиларо. Щибаб росулъ вищун вуго гIолилазул цевехъанги. Гьел кураторал данделъун цере лъола масъалаби, гIуцIула хIалтIи, гьабула хIукму.
— Гьенир гIахьаллъизе гIо­ли­лазул гъира бижизабизе захIмат букIанищ?
— ТIоцебе дагьаб божилъи гьечIолъиги букIун батизеги бегьула. Кинаб бугониги политикаялъе гIоло гIуцIараб иш батилин ракIалде ккезе рес букIаралъул. Амма нижер хIалтIи бихьидал, киназдаго бичIчIана ният бацIцIадаб букIин. 
— Санайил цIияв цевехъан хисиялъ щиб кьолеб? 
— Щивав чиясе хасиятаб буго цо бакIалда гIемераб заман бани, гьев гьелда ругьунлъи. Щуго соналда жанив нижеца хисана анлъго нухмалъулев. Гьел киналго жакъа лъикIаб нухмалъиялъул хIал­би­хьиги щварал, бокьараб да­ражаялда хIалтIи нухда бачине бажарулел гIолохъаби руго. Росабазул кураторазда гьоркьор лъикI хIалтIарал ча­гIазул цоясда цIар чIван вищула.
— Тадбирал тIоритIулаго данд­чIвалел захIмалъаби ру­гищ?
— Гьаниб абизегIанасеб захI­малъи нижеда бихьичIо. Ро­сабазул бутIрулги имам­за­би­ги рекъон гьабулеб бугони хIалтIиялъул захIма­лъиги батичIо. 
— Нужедаса мисал босун цогидал районаз гьабулеб бугищ гьединабго хIалтIи? 
— Дагъистаналда гIемерисел районазда гьединал гIуцIаби нижер мисалалдалъун гьаруна. Гьел киналго районазул гIуцIцIаби данделъун гьабуна жакъа киса-кибего машгьураб, «Ас-Патриоты» ассоциация. Гьеб буго Россиялъулго даражаялда гIолилазул пикру загьир гьабун цебе бахъунеб жамгIияб гIуцIи. Гьелъул нухмалъудаги вуго Унсоколоса ГIабдулхIажиев Шамил.
— Щуго сонил хIалтIул хIасилаздаса рази вугищ?
— Аллагьасе рецц, нижеца цебе лъун букIараб масъала гIемерисеб рахъалъ тIубана. Росабазулъ ва къватIир ругел жамагIатазда гьоркьоб гьабураб хIалтIул хIасил — диналъ ва законалъ гьукъараб такъсирияб нухде унев чи районалда гьечIолъи бугин абизе бегьила. Цере цоцазда лъаларел рукIарал гIолилал гъункун цо жамагIатлъун лъугьана. ГIицIго цо-кIиго чиясда гьабун бажарулеб хIалтIи гьеб гуро, лъикIалщинал гIолохъабиги гъорлъе журайдал, батIияб рухI лъун цебетIуна гьеб иш.