Занал руго цIикIкIун нухлул рагIалда

 
 
Цоги магIирукъ, машинаялъ авария гьабун хварал рукъизе гьаругьин рачIунел машинаба­зул чи­­­тIир.Шагьаралдаса росулъе арай юссинчIо эбел, хIалтIул сордо-къо лъугIун, хъизан-лъималазда аскIоб хIухьбахъизе анищгун вачIунев гIолохъанчи ана абадияб хIалхьуде, бертаде хIадурлъулел гIолилал ккана гъура-чункун чурхдулгун больницаялде…
Жидер лъималазул гIайибалдалъун хваразул рокъор накабазда чIун эбел-эмен, полиция гьоркьобе лъугьине биччагеян маслихIаталъе кIалъалел хараби… Анкьида жаниб рагIараб анцIго авария, агъазго гьечIого хъамулел машинаби, гьезул хъаравуллъуда харж кьун таразе гьечIеб ургъел. Щибалъул батIа-батIа хъвазе хIужабазул гIемерлъи! 
Хъил тIурал, гIатIидал шагьранухал руго магIарухъе. Гьездасан лъикIлъи буго, хехго щолелги руго, ракIбагъаризабулеб кIанцIейги гьечIо, машинабиги жагъаллъуларо. Квешлъиги буго лъикIлъи кIоченабулеб, занал руго цIикIкIунел нухлул рагIаллъабазда. Аллагьасул къадарин абун тезе бегьила. Гьелда разилъунгутIи, божунгутIи гуро. БетIергьанас инсанасе гIакълу щай кьун бугеб, хирияв аварагасул хIадисаз нух щай бихьизабун бугеб? Нилъее гIумру гьабиялъе бигьалъиялъе гурищ? ХIукуматалъул гIуцIи, законал сундулъго тартиб цIунизе гурищ ругел? 
ГIала-гъважаялде сверараб гIумру! Къуръангун хIадисал гIадахъ росулареб, хIукуматалъул тIалабаз чангит бан чIолареб пахрулъи буго инсанасулъ согIлъун. 
Щибго квалквал гьечIого, ричун росулел руго машина бачине изну кьолел документал, документго кодоб гьечIелги руго рулалде гIунтIизе гIурабго кодобе машинаги кьун. Ругелщинал хIалкъарал мисалал сверухъ, бицун хIалкIвеларо.
Эмен тохлъаравго, гьесул машина хъамулеб буго васас къватIахъе. Эбел, васасдаса чIухIун, аскIой рекIуней йиго. 13 сон барав васасухъе машина кьезе бегьилищин абулеб якьадалъул хабаралъе нусалъ жаваб кьолеб буго «гьедин ругьунлъичIони, гьесда машина бачине кин лъалебилан». «Шоферлъиялъе цIализе гьесул эмен Шураве витIун вукIана дица», — ян къварилъахъдулей йиго якьад. «Гьанже лъимал цIодорал руго», — ян кьвагьулеб буго данде нусалъ. Хадусел къоязго инсул чIухIараб машинаялъул чухIараб банка гIадаб жо гьабуна гьанжесев «цIодорав» васас, живго цо бох бекун хвасарлъана…
Эмен гьечIолъи лъазе теларин, васалги гIоло­хъаби гIолел ругинги абун, налъукье лъугьун гIарацги гIезабун, босун буго эбелалъ школалда цIалулел лъималазе машина. ЦIалунгIаги рахъинчIел васазда машина бачине божилъи гьабизе бегьилищин абулезулги рагIи къотIизабулеб буго гьелъ: «КIудияб квегIенлъи буго магIишаталъе рокъоб нижерго машина букIун, чияда гьардезеги кколел гьечIо», — янги абун. Эбелалъул рохел къокълъана панкъ гIадаб машинаги нухлул рагIалде рехун, лъукъа-къотIун вас больницаялде ккараб къоялъ. «АлхIамдулиллагь, вас чIаго вуго. ГIадамаздаса намус ккана. Аллагьасул къадар гьадин букIун бугоха», — ян бецIцIулеб буго гьей пакъиралъул магIу. Мискинаб хъизамалда бесдаллъун руго лъимал гьелъул васасул гIайибалдалъун. Гьеб кин бецIилеб?! Гипсалъулъ лъурав васасул къаданийги чIун щурулеб буго эбелалъ: «Я, дир вас, бегьилищ гьалъал сверабалъан машина хъамизе? Сверуда нахъа гIадан, хIайван, машина, гIодобе тIун кьуру батизе рес бугелъул». КватIун йиго эбел васасе вагIза гьабизе.