ЦIиял тIалабалги «херлъараб» магIишатги

Минаби, хасго гIемертIалаял, рай расги бигьаяб хIалтIи гуро. Техникиялгун санитариял тIалабалги цIунун гьабизе кколеб хIалтIи гьеб бугелъул, гьениб гъалатI ккезе бегьуларин рикIкIуна махщелчагIаз. ДРялъул Ралел бакIазул ва ЖКХялъул министерствоялъул «Госстройнадзор» управлениялъул бетIерав специалист ГIабдулварис Ибрагьимовасдаги гьеб иш цIакъ лъикI лъала. Гьал къоязда гьесулгун тIобитIана нижеца гара-чIвариги.
 
 — ГIабдулварис, кина-кинал хIал­тIа­би тIуразарулел нужер уп­рав­лениялъ?
— Мина базе изну кьола ракьалъул бетIергьанас, ай муниципалиял гIуцIабазул идарабаз. Гьеб щун хадуб мина балев чи вачIуна нижехъе, нижеца гьесул хIалтIуе кьола код, хIадурула гьеб хIалтIи нухда бачиналъе документал ва гьелдаса нахъе бан  лъугIизегIан мина букIуна нижер халгьабиялда гъоркь. Гьеб бан лъугIидал, проекталда рекъон бан бугищали хал гьабула. Кинабго хIалтIи ракIбацIцIадго тIубазабун батани, гьеб хIалтIизе биччаялъе изнуги кьола. Гьеб изнугун гьев уна шагьаралъул администрациялде ва гьениб гьесие кьола мина хIалтIизе биччаялъе документ.
— Жидерго гIарцухъ ралел минабазул тIалаб гьабулищ нужеца?
— Нижер хIалтIуе аслияб документ  ккола «Градостроительный кодекс». Гьелда рекъон, нижехъе кколаро цо хъизамалъ гIумру гьабулеб, лъабго тIалаялде щвезегIан бугеб мина. Гьелдаса тIаде араб кинабго мина-карталъул тIалаб нижеца гьабула, лъил гIарцухъ гьеб бан батаниги.
— Нужехъ букIунищ божизе бегьулел минаби ралезул (застройщиказул) сияхI?
— БукIуна, гьел руго нижер сай­тал­­даги, баян гьарула гьикъу­н ра­чIаразеги. Нижехъ рукIуна тIо­лаб­го Дагъистаналдаго ралел бакIазул мухIканал баянал. Гьединлъидал ни­жеда абизе кIола гьав застройщикасул рукъ босизе бегьулин,цогидасулаб босичIого тейин абун.  
— Гъоркьиса Дагъистаналда ра­рал гIемертIалаял минабазул гIа­ммаб гIатIилъи кигIанасеб бу­кIараб?
— Гъоркьиса рарал гIемертIалаял минабазда гьоркьоб цониги гьечIо пачалихъалъул гIарцухъ бараб (бюд­жеталъул харжалда рана гIум­ру гьабизе хIинкъи бугел минабахъа гочинарурал гIадамазе минаби). ГьабсагIаталда Каспийск шагьаралда байбихьун буго аскариязе гьединал минаби разе (бюджеталъул гIарцудалъун), амма гьезул тIалаб нижеца гьабизе кколаро. Ралел минабазул къадарги соналдаса соналде дагьлъулеб буго. Мисалалъе, 2018 соналда нижер халгьабиялда гъоркь букIана 850 объект, гъоркьиса — 700, исана гьеб жеги дагьлъилин ккола. Гьелъие аслияб гIиллаги ккола законалда гьарурал хиса-басиял. Цебе щивав застройщикасул букIана жиндирго счет, гьенибе бакIарулаан гIарац ва гьелда рекъон гьес балаан мина, кьолаан гьелъул жаваб. 2019 соналдаса нахъе гьезухъ гьечIо гьединаб ихтияр, кинабго хIалтIи гьабизе ккола банкалдасан, гьелда рекъон хиралъана хIалтIи ва гIемерал гIадамаз рехун тана гьеб иш. 
— Социалияб объект гъоркьиса чан ба­­раб? Цересел соназда дандеккун ки­наб къадар гьеб кколеб?  
— Бана 160 гьединаб объект. Гьединал объектазул къа­дар цIикIкIунебги буго. Гье­лъие гIиллаги ккола гьел пачалихъалъу­л гIарцудалъун (10-15 процент республикаялъул бюджеталдасан, ху­тIа­раб — федералияб бюджеталдасан) ралел рукIин.
— ЖКХялъул  буго гIадамазул гIарзал камулареб хIалтIи. Ки­наб къимат дуца кьолеб гьаб­са­гIа­талда гьеб хъулухъалда бугеб ахIвал-хIалалъе?
— ЖКХялъул хIалтIуда гьоркьоре унел лъел рогIразул, токалъул подстанциязул, канализациялъул, нухазул 80 процент буго басралъараб, капиталияб къагIидаялда хисизе,  къачIазе ккараб хIалалда. 
Ралел руго цIиял минабиги, «херлъулеб» буго ЖКХялъул магIишатги. Гьелъул цо-цо бутIаби руго бетIергьабазда кодорги. Гьеб кинабго низамалде бачине ккани, хIажалъизе буго гIемераб гIарац. Гьелъие къваригIуна хасаб программаги. Гьеб рахъалъ Дербенталда гьабулеб бугебго гIадаб хIалтIи гьабизе ккола МахIачхъалаялдаги.
— Ахирал соназда МахIач­хъа­лаялда гIемертIалаял минаби раялъулъ гьечIо низам, нагагьлъун тIабигIияб балагь ккани, гьезул гIемерисел риххун иналдацин хIинкъи буго… 
— Минабиги цогидал бакIалги разе изну кьола ракьул бетIергьанас, ай шагьаралъул администрациялъ. Щай гьединаб ахIвал-хIал лъугьарабин абураб суалалъе жаваб буго цо – гьеб ккола ришватчилъия­лъул хIасил. Гьезул бугеб ахIвал-хIал, гIумру гьабизе бугеб (ялъуни гьечIеб) хIинкъи загьир гьаби мурадалда нижеца гьабун буго щуго тIалаялдаса тIаде араб мина-карталъул гIатIидаб сияхI (тIолабго республикаялда буго 410 мина, гьезда гьоркьоса МахIачхъалаялда — 354).
Гьезул халгьабизе гIуцIун буго хасаб комиссия, гьеб хIалтIи тIу­базабизе федералияб бюджеталдасан биччан буго 210 млн гъурущ (гьелдаса цо процент буго республикаялъул бюджеталъулги). Халгьаби лъугIидал (октябрь моцI), къотIизе буго щибаб объекталда бан хIукмуги.
— ГIемер бицуна законалъул тIа­лабал тIурачIого рарал минаби судалъул хIукмуялдалъун риххизе рукIиналъул. Бугищ гьединаб план, гьеб гIумруялде бахъинабизе ресго?
— Цебе лъураб мурад бугони, тIубазабун бажарула. КIиабизе, баялдаса захIматаб масъала буго биххи. Гьединал ва цогидал гIиллабаздалъун гьабсагIаталда гьединаб план гьечIо. Гьеб буго нижги цогидал идарабиги цадахъ рекъон тIад хIалтIи гьабулеб бугеб кIудияб масъала.