Инсанасул ихтиярал цIуни– жамгIияталъул аслу

Гьал къоязда Дагъистаналъул хIукуматалъул рокъоб араб соналъ гьабураб хIалтIул хIасил гьабуна республикаялъул БетIерасда цебе бугеб жамгIият цебе тIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул Советалъ.

Данделъи рагьулаго, Советалъул председатель Зикрула Ильясовас бицана Россиялъул Президентас Федералияб Собраниялде гьабураб ХитIабалда инсанасул ихтиярал цIуниялде, халкъалъул рукIа-рахъиналъул даража борхизабиялде кьураб кIваралъул ва нилъер республикаялда гьел суалазда хурхун бугеб ахIвал-хIалалъул ва араб соналда Советалъ гьабураб хIалтIул.
Гьес тIадчIей гьабуна республикаялда гIаммаб куцалда инсанасул мурадал тIураялъе гьабулеб хIалтIи, гIадамазул жамгIияб хIаракачилъи тIадеялдаса тIаде борхулеб бугониги, гьеб рахъалъ цо-цо районазда ва шагьаразда ругел гIунгутIабаздаги. Хасго гьел руго халкъалъе медицинаялъул рахъалъ гьабулеб гIей гьечIеб хъулухъалда рарал.
Араб соналда Лаваша, Гъизилюрт районазда, Избербаш шагьаралда Советалъул членаз гIадамал тIаде къабул гьарун, гьезул суалал тIураялъе кумек гьабуна.
Амма гьелдаго цадахъ республикаялда ккана журналист, «Черновик» газеталъул мухбир ГIабдулмумин ХIажиевасул ихтиярал мукъсан гьарун, гьев туснахъалда лъеялъул хIужаги. Жегиги тамихIалде цIан гьечIо вацал МуртазгIалиевал чIварал такъсирчагIиги.
Советалъул данделъиялда гьоркьоб лъуна гьаб соналъ гьаризе ругел хIалтIабазул план ва гьеб къабул гьабуна.