«ЛъагIалил инсан»

Эверест квегъарав магIарулав

МахIачхъалаялда хIасил гьабуна «ЛъагIалил инсан–2017» абулеб регионалияб конкурсалъул. Киналго разилъун, жюриялъ гьеб хIурматияб цIар кьуна Эверест квегъарав дагъистанияв, альпинист Рашид ХIажиясуловасе.
Конкурсалъулаб комиссиялъул председатель, ДГУялъул кафедраялъу­л заведующий ХIамид Му­хIамадовас абуна, «Каспий-Медиа» регионали­яб журналистлъи це­­бе­тIе­забиялъул цент­ралъ ва «Море-ТВ» телеком­па­ниялъ конкурс гIуцIун бу­кIанила регион цебе­тIе­забиялда кIудияб бу­тIа лъурал ва халкъалда гьоркьор машгьурал ча­гIи тIатинариялъул, кIо­догьариялъул мурадалда.
Гьес квегъана Эверест ва дунялалъул тIохда (8848 метр) чIвана Дагъистаналъул байрахъ», — ян абуна ХIамид МухIамадовас.
Дагъистаналъул альпинизмалъул федерациялъул президент Петр Леоновас абуна: «Цебе Дагъистаналдаса лъицаниги гIахьаллъи гьабун букIинчIо Джомолунгмаялде гьарулел экспедициязда.
Экспедициязде унел хар­жазул масъала тIубалеб бу­кIарабани, Дагъистана­лъул альпинистаз Эверест це­бего квегъилаан. Рес кка­рабго, Рашидица гьел мугI­рузул тIогьиб гIагараб улка­ялъул байрахъ чIва­на», — ян.
Эверест мукIур гьабурав Рашид ХIажиясуловасе ша­па­къаталъе кьун бу­кIана «Эдельвейс» абураб орденги.
ХIурматияв Рашид, дур бахIарчилъиялъе, къо­хIе­хьеялъе, цебелъураб масъа­ла тIубазабиялъе ба­хъулеб жигаралъе ва яхI-намусалъе мукIурал ру­го киналго дагъистани­ял. 2017-абилеб Рашидил сонлъун кколеб буго: мун вахана дунялалъул тIох­де ва мустахIикълъана «Лъа­гIалил инсан» абураб цIа­ралъе. Дуца дунялалдаго рагIизабуна мугIрузул улка­ялъул цIар. Баркула ду­да тIаде щолеб 2018 сон, гьа­рула дуе ва дур хъиза­малъе талихIаб гIумру, щу­лияб сахлъи.
Нури Нуриев