МагIаруллъи хисун батана

ЦIияб соналда цересел къоязда «ХIакъикъат» газеталъул редакциялде вачIун вукIана, турист хIисабалда Дагъистаналде щварав, Гуржиязул Тушетиялдаса Земо-Алвани росулъа ГьерекIли Арабули. Дагъистаналде вачIиналъул хIакъалъулъ гьес бицана: 

 

— 1957 соналда Типлисалда букIараб Закавказьеялъул аэрогеодезикияб предприятиялъ (АГИ) Грозный шагьаралда чIей букIараб 82-абилеб номералда гъоркь хIалтIулеб экспедициялда цадахъ Типлисалъул топографиялъул техникумалъул ункъабилеб курсалда цIалулел ниж альпинизмалъул ва геодезиялъул производствияб практикаялъ ритIана Дагъистаналде. Гьеб букIана май моцI. Альпинизма­лъул практикаялъ ниж ритIана Хунзахъе. Гьаниб нижер рещтIен букIана школалъул минаялъуб. Экспедициялъул гьениб букIараб партиялда цадахъ хIалтIун хадуб, геодезиялъул практикаялде нижер цо къокъа битIана КъахIиб районалъул ГIурада росулъе. Экспедициялъул полуторка машинаялда Хунзахъа ГIураде унелъул кьурулъан бахъараб квешаб нухдасан ана Авар гIурухъе. Гьелъул квегIаб рахъчIван эхеде унелъул нухда батана лъикIго цIунараб гуржиязул православияб килиса. ГIурада рещтIун букIана украинав Вельяминица нухмалъи гьабулеб геодезистазул партия. Гьезул чIей букIана росу тIарада бугеб школалъул физкультураялъул учителасул бакIалда. Дида мухIканго лъаларо гьесда цIар, ГIалибулатищ, ГIалиасхIабищ букIарабали. Гьесул мухьдахъ ккун бачараб чугун, кIиабилеб къоялъ вачIана геодезистазул партиялъул начальник Вельямин. Нижер аслияб хIалтIи букIана 1942 соналъ рахъарал рагъулал топографиялъул картаби мухIкан ва цIи гьари. Мухьдахъ ккурал чуязда рекIунги, лъелгоги ниж сверана КъахIиб, ЧIарада, ЛъаратIа районазул мугIруздагун щобазда.
Нижехъ кагътал рукIана районазул, росабазул партиялъулгун советиял идарабаз нижее хIажатаб кумек гьабизе тIадаблъун гьабурал. Гьел кагътал цIехолев чи кколароан, кире щваниги гIадамаз ниж лъикI къабул гьарулаан, кумек къваригIун бугищин, хIажатаб жо бугищилан гьикъу­лаан.
РакIалда буго, ГIурада ниж рещтIун вукIарав учителасул васасе лъимер гьабиги, гьеб тепсиялде ниж ахIун рукIараблъиги. Гьанже гьеб лъимадул (васищ, ясищ букIарабали кIочон буго) 62 сон букIине ккола.
Нижеца хIажатал нигIматал росулаан колхозазул складаздаса, цо-цо мехалъ бакIалъулал гIадамазухъа.
Гьанже МахIачхъалаялде щведал таксиялда рекIун тIоцеве дун ана Хунзахъе. МахIачхъалаялда дун дандчIвана Хунзахъа гIагараб ракьалъул тарихги лъикIго лъалев Хъазанбиев ГIалибег абурав чигун. Гьесулгун гьуинаб, халатаб накъитги букIана нижер. ГIалибегица витIана дун нужехъе, редакциялдеги. ГIалибег ватана магIаруллъиялъул тарих лъикI лъалев чи. Дунгоги вуго тарих лъазабиялда тIад чIарав чи. Гьесдасан дие тарихалъул рахъалъ цIеханщинаб жоялъе мухIканал жавабалги щвана. Бицана магIарулазул некIсияб тарихалдаса Кавказалъул бахIарчи имам Шамилиде щвезегIан заманалъул тарихалъул. Баркала гьесие.
— Кинаб асарха дуе гьабураб гьелщинал сонал ун хадуб щвараб Хунзахъ росдаца?
— Огь-гьой. Дун гIажаиб­лъи­завуна гьеб хисун бугеб куцалъ. Цебесеб Хунзахъ росдал бакIалда дида батана мугIрузда бугеб берцинаб ва кIудияб шагьар. ГьечIо дол ракьуца тIокъарал тIохазул минаби, къваридал къватIал. Гьанже замана­лъул минаби, тIохазда махх, шифер, къватIазда хъил. Хунзахъе щвезегIан нухда буго хъил, гьенибги гьенире щвезегIан ругел росабиги рихьараб мехалда, бихьулеб буго Россиялда гьоркьоб дагъистаниязул, магIарулазул гIумру «эркенаб» Гуржистаналдаса лъикIаб ва ресалда бугеб букIин. Цере магIарухъе рукIана чIедерал хIурул цIурал нухал. Хунзахъе щвезегIан нухда тIун буго хъил, нухал руго гIатIидал, ран руго кьоял. Дун хIикмат гьавуна нухда батараб халатаб туннелалъги.
РетIа-къайги хисун буго магIарулазул. Цониги чи дандчIвачIо некIсияб умумузул букIараб ретIел ретIарав. Лъаларо ГIурада кин бугебали. Гьениб букIана дида цIакъ берцин бихьараб, хасго руччабазул форма: халатал, тIад гIарац букъарал гордал, ботIрода бухьараб кIаз, гIундузда тIаде рачарал гIарцул «наушникал» гIадинал жал.
— ГIураде ине ракIалда бугищ?
— Сапаралъул заман лъугIулеб букIун, цIияб соналде дун ро­къо­ве унев вуго. Аллагьас чIаго хутIани, дунял хинлъарабго, Дагъистаналде вачIинеги ра­кIалда буго.
Бокьун буго ГIураде ва ЦIумада районалъул Хушетиве щвезе, 1958 соналда Чачаналъан мугIруздасан рачIун Хушетибги рещтIун чанго моцI бана нижеца гьениб геодезистазул экспедициялда.
— Дуца гIезегIан рацIцIадго рахъулел руго магIарул мацIалъул рагIаби. Экспедициязда вугеб мехалъ лъарал рагIабийищ гьел?
— Гьедин лъикI дида магIарул мацI лъаларо, абухъего, чед-цIамалъе гIураб жо гурони. Гьебги лъана жеги лъимерлъиялдаго, доба Тушетиялда. Рагъул заманалда ва гьелдаса цебе ЦIунтIаса, ЦIумадаса, ЧIарадаса, ЛъаратIаса гIемерал магIарулал рукIана Гуржиялъ бетIербахъиялъе рачIун. Цебегосеб заманалда гьенир чIаралги рукIана. Гьел рукIана нижер Земо-Алвани росулъги. ГьитIинал чагIи ниж, магIарулазул лъималгун цадахъ, рукIунаан. Дир гьудулзабиги гIемерисел магIарулал, дир кьерилал рукIана. Гьездасан лъалаан магIарул мацIги. Гьанже кIочон тун буго.
— Бихьулеб букIахъе, мун гIемер дандчIван вуго ма­гIа­рулалгун. Гьезул рахъалъ дур кинаб пик­ру бугеб, кинал чагIи ругел магIарулал?
— Къокъго абуни, ракI рагьарал, хIилла-макру гьечIел, гьудуллъиялъе, гьобол-гьудуласе рахъун чIарал, божарал, кумекалъе кидаго хIадурал, жидерго ватIан, ракь хириял, щулаго жидерго дин ккурал чагIи руго. МагIарулал руго цоцалъ гъункараб халкъги. Гьелъие мисаллъун бачина нижехъ кIудияздасан рагIараб цебесеб биценги. Тарихалдасан нилъеда лъалаха магIарулаз Гуржиялъе чабхъенал гьарулел рукIараблъи. Чабхъенал гуржиязги, нижер тушазги, гьарулел рукIун руго гIорхъода ругел магIарулазул росабалъе. Гуржиялъе лекIал (магIарулал) кIанцIани, Гуржистаналда гьеб кватIун лъалаанила, лъаниги жидерго мал-мулк цIунун чIолаанила. Гуржиял чабхъад магIарухъе кIанцIани, магIаруллъи цадахъго къватIибе бахъунаанилан.
Хадусеб сапаралда Дагъистаналде вачIунелъул дица цадахъ росизе руго дол соназда магIарухъ дандчIварал, лъалел рукIарал гIадамазул, лъугьа-бахъиназул, магIарухъе дун щварал росабазул, гьезул гIумру яшавалъул хIакъалъулъ гьарун рукIарал интересал хъвай-хъвагIаял.