Статус гьечIолъиялъул квалквалал

Хасавюрт районалъул гочинабун гIи-боцIи хьихьизе кьун рукIарал ракьазда буго ЛъаратIа районалъул росабалъа рачIарал гIадамаз гIуцIараб Журмут росу. Гьеб росдал гIадамазе гIумру-магIишат гьабизе ругел захIмалъабазул, жамагIаталда церечIарал масъалабазул, тIуразе кколел суалазул хIакъалъулъ бицун, нижер мухбир Нури Нуриевас гара-чIвари гьабуна рехсараб росдал бетIерасул ишал тIуралев ва гьеб росдал СПКялъул председатель МухIамад МухIамадовасулгун:

— МухIамад, росдае кьураб Журмут абураб берцинаб цIар киса бачIараб? Чан чияс гьениб гIумру гьабулеб бугеб, щиб миллаталъул чагIи гьел кколел?
— Цебе гьаниб букIана 40-45 цIараки, ай дагьа-макъал чагIаз гIумру гьабулеб лъаратIисезул хъутан. 1990-1995 соназда гьанире гочун рачIана ЛъаратIа районалъул Гъерел, Бетелда, Гъоркьнол, ГорцIноб ва Улгеб росабазул гIадамал, гьез гIуцIана росу. МагIарухъ тIадехун рехсарал росабазда цебеса эхебе чвахулеб буго Журмут гIор. Киналго разилъун, гIагарал росабазулгун гьоркьоблъи-бухьен тIечIого букIиналъеян, нижеца росдада лъуна Журмут абураб цIар. Росулъ буго 280 цIараки, гIумру гьабун вуго 1300 чи.
— Колхозалъул бакIалда гьаниб СПК гIуцIун бугоха…
— Цебе гьаниб букIана районалда бищунго бечедазул мухъилъ рехсолеб букIараб Ленинил цIаралда бугеб колхоз. Гьелъул букIана анлъ­азаргоялдаса цIикIкIун гIи-цIцIани, 170 бечIчIулеб гIака, бекьулеб ракьул 480 гектар, харибакIазул 700 гектар, 1800 гектаралда гIалах, складал, МТФ, ОТФ ва гIемераб техника. ГIезарулаан могьолал культураби, хъарпуз, люцерна… Колхоз биххараб 2003 соналда, росдал щибаб цIаракиялъе кьуна бекьулеб ракьул 1,5 ва харибакIалъул 1,5 гектарал. Гьеб соналда колхозалъул бакIалда гIуцIана СПК. Цебе колхозги, гьанже СПКги ккола тIадехун рехсарал росабазул магIишатал цолъун гIуцIараб.
— Росдал гIадамазул аслияб ма­гIишат щиб кколеб, сундаса бе­тIер­бахъи гьабун гьел ругел?
— Гьезул аслияб магIишат ккола гIи-боцIи гIезаби. Жалго бетIергьа­нал чагIазул буго бакIалдаго хьихьулеб 800 чIегIерхIайван ва 1200 гIи-цIцIани. Гьединго гьез гIезабула пихъ, овощал, руго бича-хисиялда ва ралел бакIазда хIалтIулел чагIиги. 
— СПКялъул председательлъун хIалтIулаго, щиб гьабун бажарараб духъа?
— СПКялъул буго ракьул 2140 гектар, гьелдаса 408 гектар ккола бекьулеб ракь. Ижараялъул къотIи-къаял­ги хъван, росдал 280 магIишаталда гьоркьоб бикьун буго гIалахги, бекьулеб ракьги. 40 гектаралда рекьула могьолал, 20 гектаралда гьабун буго бахча, 134 гектаралда хьан буго суданка, 32 гектаралда цIоросаролъ, лъабго гектаралда охцер ва помидор, хутIараб ракьалда – люцерна.
Хаслихъе Гъизляралъул базар овощаз цIун букIуна, гьединлъидал гьениб нижерго бачIин бичизе ккола цIакъ учузаб багьаялда. БачIин гIезабиялдаса захIмат буго гIадамазе гьеб бичизе.
СПКялъул буго 980 гIи-цIцIани, 194 чIегIерхIайван, гьезда гьоркьоса 105 бечIчIулеб гIака ва хадур гIолел жал.
СПКялда хIалтIулев вуго хIу­ку­маталъе налог кьолев анкьго чи: кIиго доярка, кIиго вехь, кIиго тракторист ва дун – председатель.
Ахираб кIиго соналда жаниб дихъа бацIцIун бажарана магIишаталда жанисан унеб каналалъул 15 кило­метр ва 12 километралъул сангар. Гьединго кьолболъа рахъана хIухьдул ва бацIцIад гьабуна ракьул 10 гектар. Гьелъул хIасилалда бекьулеб ракьалда, харибакIазда ва гIалахазда гIураб къагIидаялда чIезабуна лъалъалеб лъим.
Ракьул хважаин ккола ДРялъул Мулкалъул министерство. Гьелъ ни­жее изну кьоларо росулъ КФХ гIу­цIизе. Гьединлъидал СПКялъ хIисабалде росула жалго бе­тIер­гьа­нал магIишатал ва гьезухъа хIуку­ма­та­лъе бакIарула ижарахIакъ.
— ХIукуматалъул кумек щолищ СПКялъе?
— СПКязе кумек гьабиялъул мурадалда хIадурарал гIемерал проектал-программаби руго ХIукуматалъул: мелиорациялъе, гъутIбуздасагун хъархъаздаса ракь бацIцIиналъе, пиринчIалъул чекал хIадуриялъе, ахихъанлъиялъе, гIухьбузул рукIа-рахъин лъикIлъизабиялъе, артезианалъул лъим бахъиялъе абун. Амма хIукуматалдаги СПКяздаги гьоркьор руго Росдал магIишаталъул управлениял (УСХ). Гьез жидеего босула рехсарал проектазе биччараб гIарцудаса 50 процент.
Районалъул росдал магIишаталъул управлениялъул аслияб хIалтIи ккола ижараялъе кьураб ракьалъухъ, каналал рацIцIиналъухъ, лъалъалеб лъехъ гIарац бакIари, гьезухъа СПКязе щолеб кумек щибго букIунаро.
— Токалъул, газалъул, нухазул рахъалъ гIадамазул кинал гIарзал ругел?
— Бабаюрталъул токалъул сетазул хIалтIухъабазул аслияб иш ккола нижехъа гIарац бакIари. ГIадамазул гIемерал гIарзал руго, бухIараб токалъухъ гIарац кьуниги, 20-30-50 азарго гъурщиде гIунтIун гьез тIад гIакIаби къотIулел ругилан.
2019 соналда бачана 50 цIараки­ялде газ, хутIаразул минаби газалдалъун хьезариялъе хIалтIи гьабулеб буго.
Росдал жанисел нухал гьаруна ва къачIана жамагIаталъ, къватIисан нухал гьариялъул иш Бабаюрталъул ДЭПалъ хадуб бехъерхъун тун буго.
Росдада аскIоб буго щуго артезианалъул буругъ, гьениса бачIуна гьекъезе ва лъалъазе жамагIаталъе гIураб лъим.
— Росдал гIолохъабазул щиб хIал­тIи бугеб? Гьекъел-мехтелалъул хIасилалда гIадлу хвезабиялъул хIужаби рукIунищ?
— Контрактникал хIисабалда, нижер росулъа гIемерал гIолохъаби рагъулаб хъулухъалда руго. Росулъ ругезул руго жалго бетIергьанал магIишатал, гьез гьарула СПКялъул сезоналъулал хIалтIаби.
Гьекъел-мехтелалъул, наркотиказул, цIогьалъул гIарзни киб гурин, хъалиян цIалев чи росулъ гьечIилан абизе бегьула. Гьеб ккола ислама­лъул баракат.
— Росулъ хIалтIаби гьарулаго, дуце лъиде мугъчIвай гьабулеб?
— Гьаб зонаялда ругел ЛъаратIа районалъул росабазул хехаб кумекилан абула ГIумаров Муртузида. Республикая­лъул ва районалъул идарабазухъе ун, жамагIатазул бокьараб къваригIел тIубазабула хIалчIахъадица. Къвари­гIараб бакIалда цере рахъунел росдал жамагIатчагIи ккола Имамов ТIагьир, ГIумаров КъурбанмухIамад, ГIалиев АсхIабгIумар, ГIалиев Юсуп ва МухIамадов МухIамад.
— Хъутабазда лъугьарал росабазул жамагIатазул лъугIиго гьечIеб гIарз буго росабазул статус гьечIолъиялдалъун жидее гIемерал квалквалал рукIунин абун…
— Гьелъул бищунго кIудияб квалквал буго дие. ЖамагIаталъул гIи-боцIул къадар тартибалде бачине кIолеб хIал гьечIо. Масала, низамалда рекъон, цо гIака кваназе къваригIуна гIалахалъул цо га, жакъа росдал 800 гIакаги гьезул бачалги (гьанир киданиги гьеб къадаралда гIачи рукIинчIо) кваналел руго 460 гектаралда.
Гочинабулеб гIи-боцIухъанлъия­лъул ракьалин абун, цIакъ мукъсанаб гурони кумек щоларо районалъул ва республикаялъул хIа­ким­забазухъа, хасго токалъул, ну­хазул, лъел масъалаби тIуразаризе тIадал хъулухъчагIазухъа. Къокъго абуни, нижер зона хIукуматалъ рехун тун буго.
— Росу къачIазеян абун хIу­ку­маталъ биччалеб гIарац букIу­на­гу­ри…
— Зонаялъул росаби къачIазе би­ччараб гIарац гьанибе щоларо, гьеб уна ЛъаратIа районалда ругел нижер росабазул администрациязде. Дол росабазул бутIрузухъа нижее щибха щвелеб? Нижее щолеб жо букIуна рищиязда цебе депутатлъиялде вихьизавурав бечедав кандидатас кьурал гъурщал. Масала, арал рищиязда цо кандидатас нижер росдал школалъе кьуна 300 азарго гъурущ.
Нижер росабазе статус щвеялъе ЛъаратIа районалъул администрациялъ килщида килищ кIутIулеб гьечIо. Рищиязда гьаркьал кьезе гурони, лъозие ниж къваригIунаро.
Гочинабулеб гIи-боцIу­хъан­лъия­лъул ракьалда ругел росабазул статус чIезабуни, нижер гIадамазул гIумру-магIишат лъикIлъизе буго киналго рахъаз. Жакъа ниж ккола нелегалазул статусалда ругел чагIи. Масала, гьанив гьавурав ва 50 соналъ гьаниб гIумру гьабун вугев дир рукъалъул я «зеленка» гьечIо, я рукъалъул книжка гуро, гьединлъидал, законалда рекъон, бокьараб мехалъ дун рокъоса къватIиве ва росулъа нахъе гъезе бегьула.
PS. Гьебго хIалалда буго гочинарун гIи-боцIи хьихьизе кьурал ракьазда гIун бачIунеб нусгогIан росулъги ахIвал-хIал. РакIалде ккола гьеб ахIвал-хIал рукIалиде бачIинабиялъе республикаялъул нухмалъиялъ тадбирал ургъилин.