ГодекIан

«ГодекIан лъикIаб жо, хIикматал щвани, хIалихьатал чагIалъ гIодор чIе­чIони». Гьединаб аби буго магIарулазул.

Анкьумуму­лъанго бачIараб гIадатал­да рекъон, годекIан — гьеб кколаан лъикIабги квешабги бицунеб, росдал масъалаби, гIузраби дандралеб, харабаз тIаде гIолеб гIелалъе тарбиялъул дарсал кьолеб, жа­къа­себ мацIалда абуни, жамгIияталъул унго-унгояб институт. Амма жакъа годекIан гьединаблъун гьечIо, хIатта годекIанин абураб рагIицин гIемер хIалтIизабуларо.
Бокьараб росулъе щвани, тIаде вачIарав гьоболас тIоцебе цIехолаан годекIан бугеб бакI. Гьесда лъалаан годекIаниса чи камулареблъи ва цо лъица бугониги жив рокъове вачине вугеблъи. Жакъайин абуни жамгIияталъул гьеб институт тIубанго биххун буго, щиб росулъе щваниги, нус-нус соназ умумул гIодор чIолел рукIарал цIорорал тIалаби гIицIго ратула.
Щайха жакъа годекIаналъул къимат хун бугеб? Кире арал, хьагиниса гелгIанги гьениса камулел рукIинчIел нилъер хараби?
Цере годекIабахъе унаан чIахIияз би­цунеб харбихъ гIенеккизе, росулъ кка­ра-тараб, рагIараб-бихьараб гьени­сан лъалаан. Гьанжейин абуни годе­кIа­налъул гIа­къиллъи лъугIун буго, гьел­де регIарав чи гьечIо. ЧIахIияздаги гIи­си­наздаги гьор­кьоб кьер билун буго. ГIи­синал чIа­хIалъун руго, чIахIиял гIи­синлъун руго. ГIакълу кьезеги чи тIагIун вуго, кьураб босизеги чи гье­чIо. Гьедин букIиналъ лъугIун буго годе­кIабазул магIнаги.
Цебе, ай чехь цIезегIан кваназе жо щолареб, хинкIги хIанги, хинкIги хинкIал рахъараб карщги кванан гIадамал яшавалда ругеб, колхозалдаги хIалтIун, хIалтIаниги гъоркь ккуниланги абун кодобе жого щолареб заманалда годекIан букIана гIадамасул керенги чучулеб, росдал рухIияб рахъги бихьулеб бакI. Нус-нус соназ умумуз гьабулеб букIанщинаб, гьаб ахираб заманалда бицунелъухъ гIенеккидал, кинабго батана мекъи гьабураблъун. РетIелги батана мекъаб, кваналеб квенги батана мекъаб, рагъа-рачариги батана мекъаб. Гьединал хIужабаз годекIабаздаги кьаби щвезабуна ва гьелги чIороголъана.
Умумузул аби буго годекIаниб лъи­кIаб жо бугила канахIехьин абураб. Амма гьелъул магIна жакъасеб гIелалда лъа­ларелъул, гьелъул хIакъалъулъги би­цина. МагIарухъ токги гьечIеб, чирахъ бакизе нартги щолареб заманалда, магIарулаз хIалтIизабулаан кан. Гьеб­ги ккола гваргъун цIа рекIунеб цIул. ГодекIаниб хабар бицунеб мехал­да кверал квалквадизариялъул зарал букIунарелъул, хIатта имам Ша­ми­лил заманалда годекIанир рукIун ру­­го хер чухIулел ражихабицин. Гьединги пайда босулеб букIун буго заманал­даса нилъер умумуз. КанахIехьги гъо­ба букIунила жамагIаталъул гIа­ммаб бетIергьанлъиялда, гъобаса къвари­гIарас гIисинал чIилал, цIулал кескал къотIун рокъоре росизе. ГIемераб хабар бициналдасаги, мунагьал гьариялдасаги ка­нахIехьалде руссун рукIин пайдаяблъун рикIкIунаан. Гьедин бижараб батилин ккола гьеб кици «годекIаниб лъикIаб жо канахIехьин» абураб.
ХIакъикъаталдаги, цебе тIощелги жа­нибе буссараб, хур-херги гьабун лъу­гIа­раб заманалда годекIан букIана ракI­гъея­лъеги хIухьбахъиялъеги гIадамал руссунеб бакIлъун. Гьанжейин абуни ки­навго чи гъурщида хадув лъугьараб, цо­цаде регIулареб мех бачIун бугелъул, го­декIабазулги къимат хвана.