Нилъерго ракьалде гьалдолеб рокьи

Жанисеб туризмалъул бачIина­хъего лълъар ккурав чи вуго Хунзахъ районалъул Харахьиса Шамил Шангереев. Турфирма гIуцIарав чи хIисабалда гуревги, Шангереев машгьурлъана ни­лъер мугIрузул улкаялъул бер­циналщинал бакIал, миллияб хаслъи цIунарал гьайбатал­щинал гIадамазул жинцаго рахъарал суратазул выставкаби тIоритIиялъги. Живго гьев гIуна Дубки поселокалда, гьесул лъимерлъудаго эбел-эмен рачIана ЧIикIаб ГЭС балеб бакIалда хIалтIизе. Советияб заманалъго рукIарал батIи-батIиял заводазда хIалтIун гуреб цебеккун творчествоялъулгун щибго бухьен гьечIев чи вукIана гьев. Соназул завалалде вахигун квербараб иш гьанжесел тIалабазда рекъон нухда бачинелъун, Шамилица цIалун лъазабуна «менеджмент по туризму» абураб махщел.
«ХIа­къи­къат» газеталде гьоболлъухъ щварав Шангереевасулгун букIараб гара-чIвари кьолеб буго гьаниб гъоркьехун.
— Турфирма рагьулев чи­ясда тIоцебе жиндаго лъазе кколеб батила тIа­бигIаталъул тIокIаб берцинлъиялъул, тарихиял ва цебесеб архитектураялъул хаслъи цIунарал бакIал. Дуца сундаса байбихьараб?
— «Одноклассникал» абу­леб жам­гIиял гьиназул бутIаялда батана кIиго гIо­лиласул къец, цояв дагъистанияв, цогидав эрменияв. Дагъистан Армениялдаса цIа­къаб бугин жиндирабго чIезабулев нилъерасда эрмениясе гьикъулеб бугоан нужер дунялалдаго машгьурал бакIал, гIадамал рех­сеян. Нилъерасул сихI къотIана. Гьезул харбида гьоркьовеги жувачIого дунгоги ургъана, гьеб суалалъе жаваб кьезегIанасеб жо дидагоги лъалеб бати­чIолъиялдаса намуслъана. Гьелдаса нахъе тIадчIун бай­бихьана лъазабизе ни­лъерго ракь, тарих. Интернеталда хъирщардилаго тIа­де ккана Камил Чутуевас церего рахъарал Дагъистаналъул берцинлъи рагьулел суратазде, гъира бижана гьел бакIазде щвезе. Цо гIадатияб фотоаппаратги бо­сун къватIиве вахъана. ЛъикI лъугьарал суратал жамгIиял гьиназда лъуна. Гьел рихьидал, жидееги бокьилин гьел бакIал рихьизеян абулелги камичIо. Газель машинаги ижараялъе бачун байбихьана нилъерго республикаялдаса 7-8 чи вачун хьвадизе. Басриял маршруткаби санагIат гьечIел ругин абулев чи кколароан, сапаралде бугеб гъираялъ разиго рукIана тIоцересел туристал.
— Дагъистаналъул рахъалъ чанги батIияб пикруялъул чи ву­кIунев ватила къватIиса ра­чIарал туристазда гьоркьов..
— КIиго-лъабго соналъ цебе букIараб туристазул къокъа ракIалдаса унаро. Нилъер гьаниб букIана Москваялъул «Спартак» ва нилъер «Анжиялъул» футболалъул хIай. Гьеб байбихьилалде чанго къоялъ цере кIалъан рачIана «Спартакалъул» болельщикал, мачт байбихьилалде жидее Дагъистаналда экскурсия гьабиларищан. ТIаде балагьун согIаб рагъа-рашариялъул, 9-10 гIолохъанчи вукIана. Спорталъул фанаталги батIи-батIиял чагIи рукIунелъул, гьел цо кIалъазаризе дица ни­лъерго къагIидаялъул махсара гьабулеб букIана. Гьеб бичIчIулел гIадал чагIи гьечIилан тана. Дагъистаналда рукIарал кьвагьа-гIанхъиязул, чIвай-хъвеязул суалал рукIана гьез кьолел. Гьезда бихьана тIубан батIияб Дагъистан, халкъалъул гIаданлъи, миллияб хаслъи. Балхаралда оцбая­лъул байрамалде щвана байбихьуда гьелгун. КIудияб хIурмат гьабуна щванщинаб бакIалда гьезул.
КIиго-лъабго къоги гьаниб бан тIадруссунелъул, Дагъистаналъул рахъалъ тIубан батIияб пикругун, къвалал ралаго церего лъалел гьудулзабазулгун гIадаб букIана къо-лъикI гьаби. Гьединал мисалал чанги ккана…
Дагъистан бихьарал ча­гIазул нилъер рахъалъ кве­шаб пикру букIине рес гье­чIо.
— Байбихьизе захI­мат букIа­нищ? ХIалтIу­хъабазе харжалги кьезе, цIиял, машинабиги росизе ккани, гIезе­гIан харжал гьаризе кколел ратила. ХIакъикъаталдаги хайир кьолеб иш бугищ гьеб..?
— Коммерциялъулаб иш цебетIезе гIарацги гьечIого гIелищха. Дир пикру кидаго буссун букIуна фир­маялъул хIалтIул даража лъикI­лъизабиялде. Ни­лъер ракьалъул, гIадамазул ра­хъалъ лъи­кIаб пикругун тIад­руссун унел туристал рихьидал ракI бохула, жеги лъикI хIалтIи гIуцIизе гъира бала. Дагъистаналде унго-унгоги рокьи бугев, ни­лъерго ракьалъул хIурмат гьабулев чиясдаса гьоболги разиго хутIула. ГIицIго щолеб хайиралде ургъун гьеб рахъ цебетIоларо. Дир хIисабалда, нилъерго ракьалде гьалдолеб рокьи букIине ккола.
— Нуж сапаргун рачIараб ба­кIалъе щиб хайир бугеб туризмалъул?
— ХIалтIи гIуцIизе лъарал бакIазда хайирги буго. Туристаздаса жидеего пайда щолеб хIал гьабизе рес буго щибаб районалда.
Гьелда ургъуларо нилъер гIадамал. ТIоцебесеб иргаялда дица налогал кьолел руго, хадубги 15 чиясе хIалтIи буго, ниж щванщинаб бакIалда туристаз жидеего хIажатабщинаб босун даран гьабулеб буго, кафеязда кваналел руго. Гьеб гурищ хайир?

Мадугьалзаби — чачаназ ва цогидал ниж щварал республикабазда, хIукуматазда кутакалда лъикI гIуцIун буго гьеб иш. Нилъер гьаниб гьединаб даражаялде туризмалъул иш бахин анищазулъ хутIулеб буго жеги. Гьелъ республикаялъего кьезе бугеб пайдая­лъул тIубараб бичIчIи щун гьечIо гIадамазухъе.
— Шамил, гьеб ишалъул анищазулъ цойги щиб бугеб дур?
— Къасд буго гьалбадерил рукъ базе. Гьебги нилъер магIарул цебесеб архитектураялъул къагIи­даги цIунун. Киб гьеб балебали жеги цойиде ккараб пикруги гьечIо.
— Сунца вохизавулев би­щун­го? Сапаралъ араб ме­халъ сурукъ щиб бихьулеб?
— Вохула, чIухIула ни­лъер хал­къалъу­л гIадан­лъи­ялдаса, гIа­датлъиялдаса. Ту­ризм, бизнесинги абун, гIа­дамазулъа гьеб гьобол хи­ралъи, ракIазул сахаватлъи билун инин хIинкъун ву­кIуна.
Пашманлъула гьайбатаб тIа­би­гIаталда тIибитIараб чороклъи, росабазул рагIалда ратулел рищниялъул го­хIал рихьун. Сапаразда хIухь­бахъулеб бакI ниже­цаго бацIцIад гьабула. Ба­кIа­лъулал хIакимзаби, ран галстукалгун, хъахIал гурдалги ретIун рукIуна балагьун, къватIиса рачIарал дир туристазин абуни гьезул сверухълъи бакIарула. Гьедин лъазарурал акциязда гIахьаллъи гьабизе бокьанщинал туристал рачун хIалкIоларо. Рищния­лъе къандалъабиги, кверда­хе­лал­ги дицаго росула, гьеб сапарги къадеквенги чIо­бого букIуна туристазе. «Ра­цIцIалъи цIуне» абун гьел бакIазда нижеца чIван тарал игIланал рухIун ратула, нахъеги щвелалде гъобго чороклъи гьабун батула. Гьеб гьечIищ нилъ намуслъизе ккараб жо…