РакIалдещвеязул щенон балеб цIад

25 январь нилъер улкаялда кIодо гьабула студентазул къо хIисабалда. Гьединго гIурусаз гьелда Татьянал къойиланги абула. Бищун талихIалги аваданалги сонал студенталъул ругеб заман букIанин абулелъул, нижер пикру ккана цо-цоязул ракIалдещвеял кьезе. 

 

ХIусен Казиев, РФялъул мустахIикъав артист:
Дир студентлъун вугеб заман ана берцинаб Типлис шагьаралда. Гьениб щвана дие артистасул лъайги букIинесе­лъе гьунарги. Гьениб дица хIетIе чIечIеб бакIги тун батиларо. Типлисалъул музеялги, театралги, кIалгIабиги гIагараллъун лъугьана дие. ГIемерал гьудулзабиги руго гьениса, гьезул чангиязулгун жакъа къоялъги бухьен къотIун гьечIо.
КIиабилеб курсалда дун вугеб мехалъ нижер группаялъул нухмалъулес бахъун букIана нижги гIахьаллъараб кино. Нилъер республикаялъул телевидениялдасаги бихьизабун букIана гьеб. Гьединго риидал дун рокъове щвезе вачIиндал, Буйнакскиялда театр бугеб заманалда гьениб лъолаан нижер курсалъ хIадур гьабураб студентазул спектакль. Гьединал хинал ракIалдещвеял хутIана Типлисалда цIалулел соназул.
Кепал лъугьа-бахъиналги камилищха студентазул. Цадахъ цIалулел гуржиязул гIолохъабазе интерес букIунаан нижеца бицунеб магIарул мацIалъул. Гьеб жидедаги малъиларищан рукIунаан. Цо рагIи гьезда малъулаго цадахъ чанги къваригIел гьечIеб цо-цо каламги малъулаан нижеца копоего. Хадуб гьелъул магIна бичIчIидал, барщунги рукIунаан гуржиял.
Кванихъ кьезе шагьи гьечIого хутIидал, чIорогоял шушби жанире кьунги гьабулаан гIарац. Цо нухалъ ккараб бицинин. Нилъер аниса гьоболлъухъ рачIунел ракьцояз цадахъ бачIун букIана чемодан цIураб икра. Босун цо гьелъул цIорол банка нижеда цебеги лъуна гьез общежитиялда. Аб щибжоян гьикъидал, икра бугин бицана. Амма дида доб мехалъ икра щибали лъалеб букIинчIо. ТIинчI лъезе унеб мехалъ къоркъоца къватIибе рехулеб жоялда релълъун бихьана дида гьеб доб мехалъ ва кваназе ине инкар гьабуна. Хадуб цадахъ цIалулел гуржиязе кьураб мехалъ, гьел риххун хутIана бокьаниги кодобе щолареб машгьураб деликатес дица гьедин чIобого кьураб мехалъ.

Шамил ХIасанхIусенов: «Гъуниб районалъул гIолилал» жамгIияб цолъиялъул нухмалъулев:
Дун цIа­лулеб заман цIакъ захIматал, рахIат­хва­рал соназде данде ккана. Эбел-инсуе­ги нижееги ургъел бугеб мех бу­кIана. Бугониги, гьезие кIудияб кIвар букIана дун тIадегIанаб цIалул идараялде ворчIиялъул. Доб мехалъ дие бокьун букIана мединституталде лъугьине, амма доб мехалъ рукIарал тIалабазда рекъон, дие битI ккечIо гьениве лъугьине. Гьединлъидал дица тIаса бищана политехникияб институт ва гьелдаса пашманлъичIо. ГIумруялъул лъикIаб школа батана дида гьениб. Общежитиялда гIумру тIамизе ккарав чиясда гурони бичIчIуларо гьеб. ЗахIмалъиги ракъи-къечги бихьичIого хутIуларо студентасда, амма захIмалъиялъ лъадараравгIан лъугьуна инсанасул къвакIараб пикруялъул ва щулияб хасияталъул чи. Гьединго гIемераб буго гьениб цадахъ ругел къайи-цадахъазда бараб жоги. Гьелъул рахъалъги битI ккана дие. Сахал гIолохъаби рукIана цадахъ.
Му­гIалим­за­биги ру­кIана ка­милал. Ки­даниги кIо­чон теларо Абакар Адуевич абун дие дарсал кьурав мугIалим. Дидехун кидаго хинаб бербалагьи букIана гьесул. Гьелдаса пайдаги босун, цIалулъ нахъе кколел гIолохъабе кумек гьарун аскIове индал, гьес абулаан жиндие кумек гьабизе бокьулин гьунарги пагьмуги бугел студентасе, гьел дуца бицунел гIоркьилазе гьеб хIажат гьечIин, гьезда гьадинги батулин гIумруялда жидерго бакI. Гьес абухъе ккезеги ккана.
ЦIалуде рокьи гьечIевгIан­щи­нав чи нахъа лъикIаланго магIишатги дандебилълъун руго жакъаги. Гье­лъул магIна кколаро цIали хIажат гьечIеб жолъун бати. ГьечIо. ЦIализе ккола. Амма кин букIаниги, щивасда батулеб буго гIумруялда Аллагьас къачIараб бакI.
Жакъа ругел студентазулъ, дун цIалулеб мехалда рукIаралги данде ккунани, доб цебе нижер цIалуде букIараб гъира, чIаголъи гьечIо гьезулъ. Эбел-инсуца квер чIвалеб букIиналъ тIаса-масагояб буго гьезул цIалуде бербалагьиги. Студентлъун вугеб мехалда диего щвечIеб жо гьезие щвезе бокьун вукIуна дун, гьел рекIеда ратизарулев. Амма гьелдаса пайда босулев чи гIемер вугищали лъаларо.

Жамалудин МалламухIамадов, гIелмияв хIалтIухъан:
90-абилел соназул бищун захIматаб мехалъ кка­на дун шагьаралде цIа­лизе. Мискинго рукIана гIа­дамал. Студентал абуни бищунго хъарцинаб куцалъ хутIун рукIана. Тукадаса чед босизе ирга кквезе гIоло къаси кватIараб гIужалъ ине кколаан гьениве. РогьинегIан хутIараб мехги букIана чанги. Гьедин къо бихьун щвараб чадида тIагIамги батIияб букIунаан. Эбел-инсуца магIарухъа битIун щиб-щибниги нигIмата­лъул квен гьабуни, гьебги ун батулаан бикъун. Общежитиялда дунго гIадин ракъарал студентал гIемер рукIаралъул, хъаравуллъи ккун бажарулароан. Квен бикъаниги кIваричIин, хьаггIаги нахъбуссинабейилан лъазаби чIван толаан цо-цояз.
Общежитиялда рукIа-рахъина­лъул суал цIакъго захIмалъидал, гIагарал чагIазул бакIалдаги вукIана рукъалъ. Автостанция бугеб районалдаса вахъарав лъелго унаан педуниверситеталде щвезегIан. Транспорталъухъ кьезе гIарац кидаго букIунароан, гIарац букIаниги, жибго транспортги къанагIалъун букIана.
Амма гьединаб бигьалъи гьечIеб заман букIаниги, цIалудехун рокьи сундаго къезабизе кIвечIо. Бищун талихIаб заманлъун хутIана студентлъун вукIарал сонал. Гьанже ругел студентазухъги балагьула дун. Сундулго рахъалъ санагIалъаби ругеб гIасруялда цIализе щваниги, гьезие гьелъул ургъел гьечIо. РакI унтун цIалулел гIолилал жакъа дагь руго. Узухъда, гьезул щивасда батила жиндиего насибаб бакI. Амма жанисан, рухIияб рахъалъ, цIакъ мискинго рукIине руго гьел.

МухIамад АхIмадов, халкъияв шагIир:
Бищун талихIал сонал рукIана Москваялъул Литературияб институталда цIалулеб заман. Гьенир гIадал мугIалим­заби цоги цIалул идарабазда рукIанадайилан ккола дида жа­къаги. Достоевскиясул творчествоялда тIасан хасаб курс бачунев профессор вукIана Виктор Артурович Богданов абун. Гьесул гIадат букIана лекция цIалун лъугIулеб мехалъ килищ эхеде борхулеб. Борхараб килщиде студентасул цонигияс кIвар буссинабулеб бугищали халгьабун чIолаан гьев. Амма гIемерисезе гьелъул кIвар букIунароан. Цоял кучIдул хъвалелниги, конспектазде тIаде къулунниги, жидерго пишаялде машгъуллъун рукIунаан. Цо нухалъ иргадулаб лекциялда килищ борхидал, дун валагьун чIана гьесухъ. Гьебги цIакъ рекIее гIун, дида аскIове вачIана профессор. ХутIарал студенталги къватIире ритIун, цохIо дие цIалана кинабго лекция. Гьелъ цIакъ асар гьабун букIана диеги.
Гьединго гIурус мацI кьолаан цIакъ хIалимай кIиго чIу­жу­гIаданалъ. Кидаго радал тIоцебесеб гьезул дарс букIунаан. Лекция байбихьилалде, лъимал, нуж радал ква­нан ратуларинги абун, кидаго цадахъ букIунеб термосалъусан бу­хIараб чай яги кофеги тIун квана­зарулаан, данде бутербродалги кьун. Гьезул адабги хутIана кидаго ре­кIелъ.
Гьанже ругел студентазул гьединаб аваданабги чIагоябги гIумру букIинин кколаро.

Рабадан МухIамадов, гIалимчи, археолог:
1980 соналъул 10 январь. Доб мехалъ дун вукIана Ростовалъул пачалихъалъул университеталда историялъул факультеталда ункъ­абилеб курсалда цIалулев. Гьеб мехалда нижеца гьабуна «бакъвараб» студентазул ригьин. Цудунго радалиса ЗАГСалде рачIана автобус цIурал бахIарасулги бахIаралъулги гьудулзаби. КIиабилеб машина букIана, автобусалда дандеккун, цIакъго чIухIараб – ГАЗ-24 «Волга»! ТIад рухьарал шариказ ва лентабаз жанив вугев чи вихьизе толев вукIинчIо.
ЗАГСалда ккарабщинаб дица гьанже гьоркьоб биччалин. Регистрация лъугIун хадуб кIиябго машина къокъана. Светофоралда нижер машина лъалхъарабго, дида вихьана нухда эхетарав дир гIелмияв нухмалъулев, машгьурав археолог. Гьев вукIана хасалил тIагъурги лъун, хинаб хъабарчаги ретIун. ХIатIазда – валенкаби, кодор – ччугIа кколел алатал. Дида лъалаан дир «руководитель» гьеб къоялъ ччугIа кквезе Дон гIурухъе унев вукIин, амма гьадинан ниж нухда данде ккелилан ракIалде кисаха кколеб.
Бащдаб сагIаталдасан кафеялде автобусалъ рачун щварал ни­жер гьалмагъзабаз бицана «ччу­гIихъангун» азул ккараб лъугьа-бахъин.
Нижер «Волгаялда» хадуб гIедегIулеб букIараб автобус водителас чIезабун буго (дос квер борхидал):
— Херав, вокзалалде щвезегIан вачинин, рекIая, — йинги абун.
Жанир ругел «пассажираз» гьасде гьедигIанго халгьабун гьечIо, жидерго харбида, бицунеб-толелда рукIун. 10-15 минуталдасан маххул нухлул вокзалалда гIодове рещтIунаго, «ччугIихъанас», надалде далараб тIагъурги тIаде борхун, абун буго:
— Гьалмагъзаби, нужеца Рабаданидаги Зинадаги дир салам бице! — ян.
Киналго гIажаиблъун хутIун руго, кисандай гьав херасда нижер бахIаравги бахIарайги лъалел абун. Дица гьев дир «научный руководитель» вугин абидал, киналго ре­лъанхъана…
Нахъисеб къоялъ дицаги чIу­жу_ялъги кьуна хасалил сессиялъул иргадулаб экзамен, щвана «щуйилал». Бакъанида ниж жиндихъего гьоболлъухъ ахIана дов дир гIелмияв нухмалъулес:
— Гьа, щванищ нужее сон дир салам, — абун велъанхъана ав, къокъаб магжида кверги бахъулаго.