Рищиялги сасана, ахIи-хIурги дагьлъана

Гьаб анкьалда «ХIакъикъат» газеталъул редакциялде рачIарал гьалбадерил цоявлъун Сиябшагь Шапиевги вукIана. 10 соналъ ДРялъул рищиязул комиссиялъе нухмалъиги гьабун, 2003 соналда гьев Москваялде РФялъул ЦИКалде вачана хIалтIизе. Гьеб заманалда жанир рищиялги гIадамалги хисараб куцалъул бицунеб буго Сиябшагь Шапиевасулгун нижер букIараб гара-чIвариялда. 

 

— Сиябшагь, 1990-абилел соназда дандеккун, рищияздехун гIадамазул бербалагьи цIакъго хисанадай?
— Социологаз цIех-рех гьабизе кколеб суал буго гьеб, цо рахъалъ босани. Дирго хIалтIул хIалбихьиялдасан балагьани, рищияздехун гIадамазул бербалагьи хисун буго.
РакIалде щвезабилин 1993 соналда тIоцебе нилъер республикаялда рищиязул комиссия гIуцIараб мех. РФялъул Пачалихъияб Думаялде депутатал рищизелъун гIуцIараб МахIачхъалаялъул 11-абилеб округалъул комиссияйин букIана гьелда цIар. Гьелъие нухмалъи гьабизе дида тIадкъан букIана. Депутаталго гIадин, Федерациялъул Советалде вакилзаби рищиги букIана гьеб комиссиялда тIадкъан. Церехун киданиги рищарал чагIиги рукIинчIо гьел нилъер гьанисан.
Гьебго 1993 соналда рукIана РФялъул Конституция къабул гьа­биялда хурхарал рищиялги. Доб мехалда Дагъистаналда гIадамазул 20 проценталъ гурони гьелъул рахъкквечIо. 80 процент дандечIана. КПРФалъул рахъалда гIемер чи вукIана доб мехалда. Пикру гьабиялъул рахъалъ гIадамал жеги советияб заманалдаго рукIана. ЦIияб къагIидаялда хIалтIулел чагIи къанагIат рукIана.
Гьелдаса нахъе кигIан заманха араб? ХисичIого гIадамалги кинха хутIилел? ГIезегIан хисанин абизе бегьула.
— Кин батаниги, доб мехалда гьаркьал кьеялъулъ кинабали ракIбацIцIалъи букIанин кколеб буго дида.
— Гьадаб гьанжего-гьанже комиссия гIуцIараб заманалда рищиял тIоритIулаан данде чиги лъечIого, цохIо кандидатги вихьизавун. Нусиде бахараб процент гьаркьазулги щун, гьевги бергьунаан (живго жиндасаго). Амма альтернатива букIинчIониги, гьеб кандидатура бокьа-бокьарав чиясда гуреб, кутакалда ургъун, гIезегIан рахъалги хIисабалде росун тIаса вищарав чиясда лъезабулаан. Доярка ятаниги, гIачивехь ватаниги, гIалимчи вукIаниги, гьев вукIунаан гIадамаз рикIкIунев, жиндир иш лъалев чи.
— Гьанжеги лъикIаб жо щибха бугеб, мажоритарияб къагIидаялдаса инкарги гьабун, партиязул сияхIаздалъун гIадамал рищийищ?
— Пачалихъияб Думаялде цин журарал рищиязул бакIалда пропорционалиялги гьарун, хадур цIидасан гьезул бакIалде журарал рищиялго тIадруссинарунаха. Щайгурелъул рищиязул мажоритарияб къагIидаялдаса инкар гьаби мекъаб букIунаан – партияз жидерго вакилзабиги рихьизарун, хасал гIадамазухъа бажарулеб букIинчIо жалго-жалго рищиязда гIахьаллъизе. Гьанже Конституциялъул Судалъ кьун буго гьединаб рес. Амма Дагъистаналда гIицIго пропорционалиял рищиял гурони рукIунаро.
— Конституциялъул Судалъ кIи­го батIияб къагIидаялда пайда боси­зе рес кьун батани, щай гьедин гьа­булеб?
— Регионалъул нухмалъиялда би­тIа­раблъун бихьулеб батилаха партиязул сияхIазда рекъон рищиял тIоритIи.
Гьанжего-гьанже рищиял тIори­тIизе байбихьарал 1990-абилел соназул авалалда аслиял кандидаталлъун рукIунаан гIицIго магIарулалги даргиялги. Гьелъ разилъи гьечIолъи бижизабуна халкъалда гьоркьоб. Гьединлъидал рищиязда щибаб миллаталъул вакил вукIине ккелин абураб закон бахъана. Гьелъул квербакъиялдалъун рачIана доб мехалда нилъер парламенталде аслиябин рикIкIунеб 14 батIияб миллаталъул гIадамалги.
1994-2003 соназда федералияб законалъ рес кьун букIана квотаби чIезариеялъе. Гьелдаса хадуб гьеб къагIидаялдаса инкар гьабуна (законги хисизабун).
Гьабуниги, республикаялъул нухмалъиялъ хIаракат бахъула гъол партиязул сияхIазда гъорлъе батIи-батIиял миллатазул вакилзаби ккезаризе. Дидагоги лъикI бихьула гьеб. Дагьалъ цеве дун щвана Румыниялде. Кьолболъанго дора гIумру гьабун ругел гIисинал миллатазе бихьизабураб 17 бакI буго гьезул парламенталда.
ГIисинал (кьолболал) миллатазул хIакъалъулъ закон бахъулеб мехалда нилъер гьанир гIурусаздаса байбихьун киналго рукIана гьединаллъун рихьизарун. Москваялъ хас гьабун Дагъистаналъе кьураб рес букIана гьеб. Гьелъул магIна кколаан законалда ругел цо-цо гIорхъабазда тIасан гали бегьизе къваригIин. Масала, цахуразда гьоркьов гьаракь кьолев чи ункъазарго гурони вукIинчIо. Амма республикаялда гIуцIараб 121 округалъул щибалда вукIине кколаан гьаракь кьолев анцIазаргониги чи. Гьединлъидал цахуразул, рутулазул къадар кIицIул-лъабцIул дагь букIунаан кидаго. Рищиязул округалъе гIурал чагIиги цогидаздаса данде гьаризе кколаан.
Доб дуца тIоцебе кьураб суалалда бан цо мисалги бачинин (рищияздехун гIадамазул бербалагьи кин хисарабали). Долго 1990-абилел соназда цо лъалев чияс бицун букIана жинцаги цогидав кандидатасги къотIи гьабун букIанила рищиязда щибниги ришват кьунгутIизе. Амма гIадамаз жидецаго риччан ратанила харбал жидер цояс кигIанали гIарац бикьулеб бугилан. Кандидатазухъа гьеб щун ругьунлъунха. 2009 соналда Дербенталда цо гьаркьихъ 20 азаргониги гъурущ кьолеб букIанин бицунаан. КъватIисел улкабазда гьединаб жо тIатани, кутакалда тамихI гьабула. Нилъер гьаниб гьеб релълъунеб жо гуро. Гьеб тIадчIезабизеги захIмалъула.
— Амма 1990-абилел соназда кутакалда чIагоял рищиялги, цIа боркьараб къецги, цоцакьа къезе чIоларел кандидаталги рукIунаан. Гьанже лъазецин лъаларо щив киве вищулев вугевали.
— Доб мехалда кутакаб ахIи-хIуралда унаанха гьел. Амма гIезегIан чIвай-хъвейги кколаан.
— Рищиязул комиссиялъе нухмалъи гьабулаго араб анцIго соналда жанив чан батIияв чиха дуда вихьун ватилев. Хасго «кьураралги кьвараралги» ссиялда ругеб мехалда рищиязул хIасилал хисизареян чIолел чагIиги рачIунел рукIун ратила духъе.
— ХIасилал хисизаризе дида кIолароан, щайгурелъул щибаб бакIалъул комиссиялъ ритIун ра­чIа­рал тарихал дандеккуни, гьединаб жо тIатине рес букIунелъул. Амма гIе­мерисезда гьеб бичIчIуларо, гьедин­лъидал гьаркьазе хIилла гьабиялъул гIайиб нижеде рехула.
ЦIияб системаги букIун, байбихьуда нижее кутакалда захIмат букIана хIалтIизе. Дандеккезаризе жалги гIемер рукIунаан. Масала, цо нухалда бюллетеналъул цо гьумер гIечIо Пачалихъияб Думаялде рихьизарурал кандидатазул сияхI хъвазе. Гьединлъидал Иляс ГIумахановасулги, МухIамад ТIолбоевасулги, Назим ЯрахIмадовасулги цIарал нахъисеб гьумералда хъвазе ккана. АхIун басмаханаялъул директоргун кIиго сагIаталъниги халатбахъараб данделъиялда гьоркьоб лъуна нижеца гьеб суал — дагьаб кIудияб тIанчида бегьуларебищ гьеб бюллетень бахъизеян. Киназулго цIарал цо гьумералда хъвани, хIарпал гIисинлъун, цIализе захIмалъулин тIирун чIана директор. А4 формат букIана гьеб.
Нахъисеб къоялъ дир кабинеталде кIанцIун рачIана доб мехалда политикаялда гьоркьов вукIарав цоявги, гьесулго ракьцояв спорстменги. РФялъул БахIарчи ТIолбоевасул цIар нахъисеб гьумералда кьезе кин нужеда кIолебилан ахIи-хIур гьабизе жувана гьев. Цоцаде квер борхиялдегицин ккун букIана иш. Гьеб мехалда дица бицунеб жо дозда бичIчIулеб букIинчIолъиялъ, басмаханаялъу­л директор ахIеян абуна дица. АхIана. Бюллетень дагьаб кIудияб тIанчида бахъизе бегьуларищан доз гьи­къидал, бегьулин жаваб кьолев вуго гьев, амма цояс кандидатура ба­хъизе кколилаха. Дун гIажаиблъана. Сонго щайха дуца нижедаги гьедин абичIебилан цIехана дица. «Ситуация изменилась» абун жаваб кьуна директорас. Ахирги дол чагIазда кIвана цо кандидатасда кандидатура бахъизабизе. Гьединлъидал кандидатазул сияхIги бюллетеналъул цо гьумералда кьезе бажарана.
— Гьелдаса нахъе гьедигIанго хисун батиларин рищиязда сверухъ ахIвал-хIалин кколеб буго дида. Масала, Россиялда тIоритIулел рищиял либералияб прессаялъ хъвалеб куцалда чорокал рукIунищ, дур хIисабалда?
— Гьури пуйчIого гIучIги багъарилищха. Гьединаб ахIи щведал, нижеда закон цIунулел идарабазда лъазабула. Амма гьелъие гьезул махщелищ гIолареб яги политикияб къасдищ букIунаребали, гьединал хIужаби тIаса-масаго тола гьез, далилал ралагьичIого, гIайиб чIезабичIого. Квешаб цIар абуни ЦИКалда чIвала.
— Рищиязде хьвадулел гIадамазул къадар цIакъго мукъсанаб щай букIунеб гьанже?
— БатIи-батIиял гIиллаби руго гьелъие. Рищиязул хIасилал гьереси гьарулел рукIиналъ бокьуларин гIадамазе гьенире хьвадизеян рикIкIуна цо-цояз. Амма дица гьаниб Монголиялъул мисал бачина. ГьанжегIагар щвана дун гьениве.
Дора щивав чиясул килщазул расеназул суратал рукIуна электроннияб базаялда. Гьеб расен гьале гьав чиясул бугилан бихьизелъун, гьесул жиндирго суратги бачIуна хасаб экраналде. ГьедигIанги рацIцIадал рищиял гьарула гьенир. Амма халкъалъул букIине кколебгIанасеб къадар гьениб гIахьаллъуларо.
Дир хIисабалда, кандидатазда гьоркьоб кутакаб къец бугони, гIемер чи вачIуна гьаркьал кьезе. Долго 90-абилел соназде тIадруссинин, дебатазда депутатлъиялде унел чагIазда гьоркьоб квешаб кьаби кколеб букIиналъ копоего гIадин гIадамалги рачIунаан рищиязде.
— Социалиябгун экономикияб рахъалъ нахъе ккаралгIан регионазда Владимир Путин щай кидаго рищиязда бергьунев? Масала, Дагъистаналдагун Чачаналда.
— Нилъер, кавказиязул, менталитеталда (гIамал-хасияталда) бараб жо батула гьеб. Масала, чIахIиязухъ гIенеккулеб гIадат бугелъулха. Гьебго суал цо рищияздаса хадуб живго Путиниеги кьуна президентасулгун ЦИКалъул букIараб дандчIваялда нижер хIалтIухъаналъ. Гьесул жавабги гьединабго букIана (Северияб Кавказалъул гIадамазул гIадат бугилан кIудияз абураб жо гьабулеб).