ТIагIамабги регьунебги гьан бокьани…

Гьал къоязда ниж щвана Ленинкент поселокалде. Гьенибе сапар бухьиналъул мурадги букIана поселокалъул ветеринарияб участкаялъул фельдшер, ЧIарада районалъул Нукъуш росулъа ГIабдулагь ГIабдулаевасулгун накъит гьаби.

1980 соналда росдал магIи­ша­талъул институталъул зооинжене­рияб факультетги лъугIизабун, ГIабдулагь хIалтIана Астраханалда, Гъизляр районалъул Урицкиясул цIаралда бугеб совхозалда. 2000 соналдаса нахъе гIумру гьабун вуго Ленинкенталда.
— ГIабдулагь, щиб хъулухъ тIу­балеб нужер участкаялъ?
— Нижер участкаялъул ветврачасулги дирги аслияб хIалтIи ккола гIадамазул боцIуе ветеринарияб хъулухъ гьаби, гьел унтабаздаса цIуни.
Амма, ахираб заманалда, поселокалда боцIи дагьлъулеб буго. Дир пикруялда, гIадамазул ракIбуссун буго росдал магIишаталъул хIалтIудаса. ГьабсагIаталда гьаниб буго азарго­гIанасеб бетIер чIегIербоцIул. Дагьал церегIан соназцин букIана къватIибе гъолеб боцIул лъабго рехьед, гIемерал рукIана гIи-цIцIани, гьабсагIаталда гьел гьезего гьечIо.
— Аслиял унтаби кинал данд­чIва­лел гьезда гьоркьор бо­цIуе ва инсанасе хIинкъи бугел?
— Риидалил заманалда тIибитIула харил унти. Гьаб заманалда гIемераб боцIи холеб буго авлахъалда пластикалъул къучIби кванан, гьеб балагьалде данде гьабизе кIолеб жоги гьечIо. ХIинкъи бугел, захIматал унтаби гьанир гьечIо – нижеца жидер заманалда бахъула би, халгьабула киналъухъго ва, нагагьлъун унтаби загьирлъани, тIагIинабула унтараб боцIи. Гьединал унтабаз унтичIого рукIиналъе цереккунго гьарула тадбирал (вакцинация) – гьелъие дарабиги пачалихъалъ чIезарула чIорого.
— Аслияб хIалтIудаго цадахъ дуца хьихьулел руго гIанкIал. БоцIуде, гIияде ругьунав мун гьел хьихьизе лъугьиналъе гIилла щиб ккараб?
— Мадугьалас кьун букIана дие кIиго гIанкI. ЗахIматго унтарав дирго васасе мадар лъугьана гьезул гьан, кьураб заманалда. Гьелдаса нахъе хиял ккана гьел хьихьизе. ГьабсагIаталда гьезул 200-гIанасеб бетIер буго.
— КигIан кIалцIи-хер лъагIалие къваригIунеб, кин дуца гьеб хIадурулеб?
— Дирго букIарабани гьеб хIадуризе рес, лъикIаб букIинаан, дие гьеб гIемерго учузгоги чIелаан, амма гьединаб рес гьечIолъиялъ кинабго босизе ккола. ЛъагIалие хIажалъула харил 200-гIанасеб танг.
КIудияб гIанкIие мехелалъе къваригIуна 100 грамм кIалцIул, гьитIиналъе — 20-50 грамм.
— Щибха дуца гьезда гьабулеб?
— Гьел ричизе базаралде арав чиги дун гуро, хIалтIизарула рукъалъеги, гьанире рачIун гIадамазги уна росун. Гьезул гьанги бичула 400-450 гъурщиде кило хIисаб гьабун, базаралда гьелъул багьа бахуна 600 гъурщиде.
— Советияб заманалда цIакъ къиматалда букIараб къехьалъул бугищ тIалабго?
— Доб заманалда цохIо гьелъул кумекалдалъун тIубалаан кIалцIи-хералъул суал, бихьизабураб къадар гьезул кьуни, щолаан къанагIатаб импорталъулаб къайи. ГьабсагIаталда гьелъул кинабгIаги тIалаб гьечIо.
— Гьел гIемер унтулищ?
— УнтичIого рукIиналъе гьаризе ккола гьадинал дараби – гьекъезе кьолеб лъел литралде гъорлъе тIезе ккола кIиго миллилитр щуго проценталъул йодалъул, гьедин гьабизе ккола моцIида жаниб лъабго къоялъ, тIатIалаго. Гьезие чара гьечIого къваригIуна рацIцIалъиги.
— Бихьулеб захIматги, тIад унеб харжги, гьел ричун щвараб хайирги данде босани, гьабизе бегьулеб, пайдаяб хIалтIи бугищ гьеб?
— Мисалалъе, мехелалда жаниб гьаб хIалтIуда тIад дир уна кIиго сагIатгIанасеб заман. ЦIикIкIараб харж тIад унеб ишги гьаб гуро. Гьаб буго пенсиялде арав, жиндирго мина бугев чияс гьабизе бегьулеб, рекъараб хайирги кьолеб хIалтIи.
— Дур вуго лъабго вас. Дуца гIуцIараб магIишат гьез кодобего босиладай?
— Дие кумек гьабула гьез, амма мухIканго лъала гьаб хIалтIи гьез гьабизе гьечIеблъи.
— РакIалда бугищ магIишат гIатIид гьабизего?
— Буго. ГIагараб заманалда цо-кIиго лъикIаб, тайпадулаб бихьинаб гIанкI босизе ине вуго Богатыревкаялде, гьенир ругин рагIана дида гьел ричулел.
Гьезул багьа-къадаралъул бицани, лъабазарго гъурщиде щвезе бегьула. Базаралда гьел ричулел рукIуна анлъ­азарго гъурщидеги.