ЦIияб соналда дандчIвай

Улкаби, гIадатал ва гIадамал

 

ТIоцебе Германиялда байби­хьана ЦIияб соналъул елка расанкIабаз къачIалеб гIадат.
Вьетнамалда елкаялъул ба­кIал­да рукъ берцин гьабула тIегьалеб мокьрол гъотIол гIаркьалабаз. НекIо вьетнамалъулал божулаан ЦIияб сон карп ччугIил мугъалда лъедон бачIунин абураб жоялда, гьединлъидал жакъаги гьениб гIадат буго ЦIияб соналъ чIагояб карп ччугIа хIоринибе яги гIорулъе биччалеб.
XIX гIасруялда Швециялъ дунялалъе сайгъат гьаруна тIоцересел цIорол расанкIаби.
Парангаз бежулеб пирогалда жаниб лъола багIаргьалил цо мугь. Гьеб щварав чи рикIкIуна ба­гIаргьалил къираллъун ва байрамалъул сордоялъ киналго гьесул буюрухъазе мукIурлъула.
1895 соналда тIоцебе Америкаялъул ХъахIаб рукъалда аскIор рана токалъ къалъизарулел гирляндаби.
Япониялъ дунялалъе сайгъат гьабуна, цIияб ретIелги ретIун, ЦIияб соналда дандчIвай гьабулеб гIадат. Гьезул буго цоги гIажаибаб гIадат — ЦIияб соналда цебе кьохорхо босула, ай гьел божула кьохорхоялъ гIемераб талихI данде хачалин абулеб биценалда.
Панамаялъулаз ЦIияб соналда дандчIвай гьабула кIудияб ахIи-хIуралда: ахIдола, цIурмал кьабула, машинабаз сигналал кьола, сирена биччала…
ЦIияб сон тIаде щвараб лахI­за­талда, венграл кутакалда гьеш­тIо­ла, гьел божула гьеб ахIи-хIуралъ квешаб нахъе ахIулин ва лъикIаб аскIобе цIалин абулеб жоялда.
Ираналъулаз ЦIияб соналда дандчIвай гьабула тункIал кьвагьиялдалъун.
Бищунго гIажаибаблъун ри­кIкIу­­на байрамалъул къоялъ гор­­­духъа къватIибе щиб бугони­ги рехиялдаса байбихьулеб цIи­я­б соналъул гIадат. Кубаялда, цебеккун­го лъеца цIезабун, хIа­дурун букIуна рокъоб бугебщинаб тIагIел ва къаси сагIат 12-ялда кинабго лъим гордухъа къватIибе чIе­хьола. Гьелъул магIна ккола лъим гIадаб бацIцIадаб ва гвангъараб нух гьарулин абураб.
Италиялъулаз гордухъа къва­тIибе рехула басрияб къайи-матахI ва, «гьалъул бакIалда цIияб кьеги» абун, дугIаги гьабула.
ЮАРалъул тахшагьар Йоханнесбургалъул минабазул гордухъа къватIибе рехула холодильникал ва басрияб къайи. ЦIияб сон гьениб къватIаздасан унел гIадамазул гIумруялъе хIинкъи бугеблъун рикIкIуна.
Непалалда ЦIияб соналда, тIоцебе бакъ баккулеб гIужалъ, чIахIиял цIаязде тIаде бан, басрияб къайи-матахI бухIула.
ЦIияб соналъул тIоцебесеб лъабго минуталъ болгараз киса-кибго канлъи свинабула.
Эквадоралда бихьиназ, руччабазул ретIел ретIун, ясаз гIадин гьумер-кIал белъун, къоролзабазул гIоди гьабула. Эквадоралъулал божула, ЦIияб соналъул сагIтица цIумур кьабилалде, тIогьилаб гъоркьан ретIел ретIине кватIичIони, ботIроде балеб гIазу гIадин, гIарац тIаде чвахизе букIиналда, багIараб ретIани – талихI кьезе букIиналда, гьебго заманалда кIудияб сумка яги чемодангун мина сверун векерани, тIубараб соналъ сапаралда вукIиналда.
17 соналъ, ай 1918 соналдаса 1935 соналде щвезегIан СССРалда гьукъун букIана байрама­лъу­­лаб елка. Хадуб Сталиница тIадруссинаруна елкаги бай­рамалъул тадбиралги.
Гьебго заманалда ЦIияб сонил гIа­ламаталлъун лъугьана ЦIорол Дада ва ГIазул яс. Официалияб къагIидаялда ЦIорол Дадаца гIумру гьабулеб буго Вологда областалъул Великий Устюг шагьаралда. КIудада гьавураб къолъун рикIкIуна 18 ноябрь.
МухIамад МухIамадов

 

ДугIа

Щивасе гьарула лахI бахинчIеб яхI, щивасе гьарула хIур хъвачIеб намус. Щивасе гьарула анищаб хъулухъ, щивасе гьарула ракI разияб харж. Щивасе гьарула мутIигIай лъади, лага бугей, щват бугей, чамасдакIил гъветI гIадай. Лажбаралъ бер къачIачIей, къула-йорхизе лъалей, лъималазул рукъ цIурай, цIурабакьалъ гIорцIарай. Щияй гIаданалъеги гIажаибав рос щваги, щвата ретIизе лъалев, лъалиниб ханжар бугев. Чванта гIарцуца цIурав, бетIер гIакълудал цIурав, аваданав, кополав, кепказ канлъи гьукъичIев. Министерал гIорцIаги, гIабдалзаби дагьлъаги, Дагъистаналъул хIаким халкъалъ вищизе ккаги. Рищиязда бергьаги, рощнол гохIал лъугIаги, рахъухъирщазул рукъзал гIункIкIаз пасат гьареги. Партияби цIикIкIаги кандидатал рохизе, рагъ-кьал рикIкIад гьабеги халкъалда рухI речIчIизе. Хиялал зодой аги, хурзал тIорщалил цIеги, къваригIарабщинаб щун, щваралда гIей гьабеги. Вас цIодорав лъугьаги, яс гIакъилай яхъаги, инсуда цIороберал даимго кIочон таги. ГIанкIуял кванан чудук гIорцIараб къо бачIаги, рокьи ккечIев гIолилас кучIдул хъвазе ккогеги. Намусалъул магIу цIикIкIун, чогърол рогьо дагьлъаги, дандиясул кIалдиса гьацIул махI гьарзалъаги. КIудиязул гIакълаби гIолохъабаз росаги, росаризе лъачIезул боцIи бацIаца чIваги. Ясазул гIертIал рекугеги, гIура-гIурай рукъалде юссаги, налъулаз налъаби кьун махIабат загьирлъаги. Нужеде хIапдолареб гьведуе гIумру кьеги, нужеде семуларев хIаким хIалхьун хутIаги. Оцаца бачал гьарулеб заман лъугIаги, тIотIода тIикъва чIвалеб заман мигьлъаги. Эбелалда гIодизеги, гIоралда чвахизеги малъизе ккогеги. Ццидалав чиясда макьилъ йокьулей гурони йихьугеги. Йихьа-йихьарай рокьулезул рукьбазда унти ккаги. ВачIарав гьобол хехго аги, гьудулзабаз кьвагьулеб туманкI гIужда щваги. Макьуги гьуинаб щун сордо халалъун ккаги. Сардилъ къватIир рахъунезда лъикIаб къо бихьугеги. Бикъи кIочайги, гьари рихаги, роххнол гурони гIоркь кквезе хъван батугеги. ТIаргъал гIемерлъаги, рагIи дагьлъаги, дунги, мунги, гъовги гIодов ккогеги. Лъади рихунгеги, лъимал рокьаги, рокьи гьоркьоб гьечIеб кьал бачIунгеги. ГъотIода бугеб хIинчI кквезейин абун, кодоб бугеб биччан гIицI хутIугеги. Лемагалъул къулагIи къавулъа камугеги, МВДялъгун ФСБялъ ахIизеги ккогеги. «Ле» — ян ахIараб мехалъ, «я» — йилан жаваб кьезе кIолареб къо щогеги. Чияр бадиб къараб гIучI бихьугеги, нилъерго бадиб къараб бихьизе бахьи кьеги. Гьаб кинабго гьари къабул гьабеги, тIаде жо жубазе нуж рохун таги. Тохлъукьего бараб чваххун цIад гIадин гьабунин гьаб дугIа, воре, патихIа.