МацI гьечIони миллат хутIиладай?..

АхIи базе ккараб хIал

 

 

ДРялъул хIукуматалда тIобитIана республикаялъул бетIерасда цебе бугеб ЖамгIият цебетIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул советалъул данделъи

Гьеб рагьулаго, рехсараб со­ве­талъу­л председатель Зикрула Илясовас бицана РФялъул президентасда цебе бугеб ЖамгIият цебетIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул советалъул член Александр Бродилгун дагьаб цебе букIараб данд­чIваялъул хIакъалъулъ. «Гьеб дан­делъиялда кIвар буссинабуна рес­публикаялда инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ бугеб ахIвал-хIалалде ва къотIи ккана цадахъ рекъон хIалтIи гьабизе», — ян бицана З. Илясовас. Жакъа республика­ялда цIакъ захIматаб ахIвал-хIал лъугьун буго миллиял мацIазда сверухъ. «ГьабсагIаталда Дагъистаналъул мацIал ккун руго гIурус мацIалъул къоринире ва къойидаса къойиде рахьдал мацIал лъалел чагIи дагьлъулел руго. Щибаб жоялъу­л букIуна гIорхъи. Дир хIисабалда, миллиял мацIалги щун руго жал хIажат ругищ ялъуни гьечIищ абураб бакIалде. Гьеб гIорхъи бахани, хIакъаб жо, гьел тIадруссинаризе захIмалъизе буго. Гьединлъидал къваригIун буго щиб букIаниги ургъизе. Ахирал соназда гьеб масъалаялда сверухъ республикаялда къабул гьабуна 5-6 документ, амма гьел гIумруялде рахъинарулел гьечIо», — ян абуна З. Илясовас.
КIалъазе яхъарай ДРялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министрасул заместителалъул ишал тIуралей Альбина Аруховалъ бицана республикаялъул школазда миллиял мацIал малъиялъул бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ. «Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъ мил­лиял мацIазул учительзабазе квал­квалал гьаруларо. Амма, федералияб министерствоялъул тIадкъаял тIуразаричIого тезе ихтияр гье­чIо­лъиялда бан, нижедаги гьездаги гьоркьор цо-цо ричIчIунгутIаби кке­чIогоги рукIунаро. Миллиял ма­цIал церетIезари мурадгун, нижеца тIоритIула батIи-батIиял конкурсал, къецал, олимпиадаби. Мисалалъе, рахьдал мацIазул учительзабазда гьор­кьоб щибаб соналъ тIобитIула «Лъа­гIалил учитель» абураб конкурс, лъималазда гьоркьор рукIуна олимпиадаби», — ян абуна гьелъ.
Зикрула Илясовас гьелда цIехана школазул библиотекабаздаса рахьдал мацIалъул тIахьал нахъе ра­кIа­рулел ругин абун социалиял гьиназдасан тIибитIизабураб хабар уяб бугищин. Гьеб суалалъе жаваб кьун, Тахо-Годил цIаралда бугеб педагогияб гIелмиябгун цIех-рехалъул институталъул директор Марина ХIасановалъ абуна: «Федералияб Лъайкьеялъул министерствоялъул лъазабиялда рекъон, гьезул сияхIалда гъорлъ гьечIел издательствабазда рахъарал тIахьал школаздаса нахъе ракIарулел руго. Гьебго заманалда цIалул пособияздаса инкар гьабулеб гьечIо лъицаго», — ян.
Халкъияб Собраниялъул лъай­кьея­лъул, гIелмуялъул, мадания­та­лъул, гIолилазул ишазул, спор­­талъул ва туризмалъул комите­та­лъул председателасул заместитель ХIамидулагь МухIамадовас бицаралда рекъон, ахираб ункъо соналда жаниб республикаялда къватIибе бачIун гьечIо миллиял мацIазда хъвараб цониги цIалул тIехь ялъуни пособие. «Гьеб буго нилъ пашманлъизе ккараб хIу­жа. Щай магIарул, агул, лезги я­­лъуни цогидал мацIазда хъварал тIа­хьал рецензия хъвазе, экспертиза гьабизе Москваялде ритIизе кколел? Кир гьенир ругел Дагъистаналъул мацIазул эксперталги гьеб лъалел чагIиги? Гьеб иш буго цо-цо чагIазул чванта биццат гьабизелъун ургъараб ришватчилъи. Россиялъул тахшагьаралда пуланаб тIохьое рецензия хъвазе, гьелъул экспертиза гьабизе уна 300 азаргоялде гIагарун гъуруш. Гьелъул бицун пайда гьечIо, амма субъектаздаго тIахьал рахъизе ихтияр тIалаб гьабун къеркьечIого ресги гьечIо. Школазда миллиял мацIал малъиялъул бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицани, гьеб унго-унголъунги беццизегIанасеб гьечIо. Гьелде кIвар директорзабазги буссинабулеб гьечIо. ЕГЭялде кIварги кьун, миллиял мацIал квер хьвагIун толел руго гьез», — ан абуна ХI. МухIамадовас.
КIалъазе яхъарай магIарул ма­цIа­лъул учительзабазул ассоциа­ция­лъул нухмалъулей Баху МухIидиновалъ бицана жий рахьдал мацIалъул учительзабигун гьоркьоса къотIи гьечIеб бухьеналда йикIунин. «Учительзабазул рахIатхун буго рахьдал мацIалъул тIахьал гьечIолъиялъ. Лъайкьеялъул кьучI ккола учитель, цIалдохъан ва тIехь. ХIисаб гьабеха, учитель вуго, цIалдохъан вуго, тIехь гьечIо. Кин кьезе бугеб дарс? Гьелдейищха ккун бугеб нилъер лъайкьеялъул даража?»
Дагъистаналъул Журналиста­зул союзалъул председатель, «ХIакъи­къат» газеталъул бетIерав редактор ГIали Камаловас абуна миллиял ма­цIазул суал гьоркьоб лъе­зе бугин 2018 соналъул январалда тIобитIизе бугеб Халкъияб Собраниялъул данделъиялдаги. «Нижеца яхI бахъана гьеб­го суал марталда тIобитIизе бу­геб Пачалихъияб Думаялъул ирга­дулаб сессиялда гьоркьор лъолезда гъорлъе ккезабизе. Лъаларо, хIасил кинаб ккелебали, амма миллиял мацIал цIунун хутIиялда щаклъи буго. ГIалимзабаз абулеб буго, пачалихъалда унго-унгояб демократия чIезабизе ккани, гьенир цо миллаталъул ва гьединго цо диналъул чагIи рукIине кколин. Нилъер республикаялдаги, нужеда лъалаха, руго батIи-батIиял миллаталги батIи-батIиял диналги. Гьединлъидал, гIалимзабазул пикру ритIухъаб батани, нилъер гьанибги я демократия букIине гьечIо, я мацIал цIунизе кIвезе гьечIо. Амма, гьел цIунизелъун, къеркьечIогоги гIоларо. Учительзабазде, ясли-ахазул тар­бия­чагIазде гIайибги гьабичIого, къва­ригIун буго рахьдал мацI лъималазда щивав чияс рокъо-рокъоб малъизе», — ян абуна ГI. Камаловас.
Данделъиялда гIахьаллъарай ДР­ял­да йигей инсанасул ихтия­рал цIунулей вакил Умупазил ГIу­ма­ровалъ бицана республикаялъу­л бе­тIерасда цебе бугеб ЖамгIият це­бе­тIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIу­ниялъул советалъгун цадахъ гьабулеб ва гьабизе хIисабалде босараб хIал­тIул хIакъалъулъ. Гьеб данделъиялда къабул гьабуна гьеб советалъул 2018 соналда гьаризе ругел хIалтIабазул планги.
Темирхан ХIасанов