Миллияб хаслъи цIунулеб гьечIо

КIодолъулеб буго Дагъистаналъул тахшагьар, амма гьелъул сипат, сурун гурони, берцинлъулебго гьечIо

 

Шагьаралда гIемертIалаял минабиги, хIухьбахъиялъул бакIалги, квана-гьекъолел залалги ралеб мехалда, архитектуриял нормативалги эстетикияб искусствоги цIуниялъул хIакъалъулъ цо чанго суал кьуна нижеца архитектор, минабазул къватIисел къадазул дизайнер, художник Сайгид МухIамадовасе.

— Сайгид, МахIачхъалаялда, къанагIат гурони батуларо цоцада релълъен-хъвай бугеб кIиго мина. Тахшагьаралъул архитектураялъе щиб къимат дуца кьелеб?
— Мина базе байбихьарав чияс живго рикIкIуна архитекторлъунги, дизайнерлъунги, устарлъунги… Гьединлъидал кинаб тайпаялъул бакI базе бугебали, гьес лъиданиги дандбаларо. Абизе бегьула, гьединаб халгьаби гIуцIулеб идараги хутIун гьечIилан. Щивасда ракIалда букIуна, мадугьаласулалдаса лъикIаб, цогидазда релълъинчIеб бакIги бан, жиндиего цIар щвезе.
— Гьезда рагIи абуларищ шагьаралъул архитектураялъ?
— Архитектураялъул комиссиялъ яги цогидаб идараялъ гIицIго къабул гьабула бан бахъараб бакI, хасго гьеб жалго бетIергьанаб бакI бугони. Сверухъ ругел объектазда гьоркьоб гьеб рекъонкколищалиги халгьабуларо. Гьез бицунеб батила, минаялда хIалтIизарурал материалазул стандартал цIуниялъулги, лъелгун газалъул мухъал рекъезариялъулги – гьеб иш дида лъаларо. Амма ранги рахъун къабул гьарурал минабаз тахшагьаралъул сипат тIубанго хисизабун бугеблъи киназдаго бихьулеб буго.
20 соналъ хIалтIулев вуго дун МахIачхъалаялда. Кумек гьарун вачIарав чиясда дица гьикъула щиб гьабизе ракIалда бугебин мина бан бахъиндал. Ресторан батаниги, гостиница бугониги, тукен гьабуниги – щибаб объекталъул букIине ккола гьелда рекъараб сипатги.
— Шагьаралда объектал ралеб мехалда пачалихъалъул букIунищ гIахьаллъи?
— Бюджетиял бакIал ралеб мехалда гурони, букIунаро. Школал, лъималазул ахал ралеб мехалдаги кIочонеб буго, къватIисеб рахъалъулги берцинлъи букIине кколеблъи. Советияб заманалда щибаб балеб бакIалъул гьабулаан экспертиза. Доб заманалда киналго бакIалги ралаан пачалихъияб заказалда рекъон. Гьанже гIемерисеб буго жалго бетIергьанал компаниязухъ. Амма Россиялъул чIахIиял шагьаразда гьабсагIатги биччаларо жидее бокьухъе бакIал разе. Масала, Москваялда, Санкт-Петербургалда, Белгород областалда цониги бакI гьечIо, ахирал соназда бараб батаниги, шагьаралъул сипат хисизабулеб хIалалда бараб. Жигар бахъула къватIалъул, майданалъул, шагьаралъул тарихияб сипат цIунизе.
— Сунда бараб бугеб шагьаралъул сипат цIуни – улкаялъул законалдайищ, щибаб шагьаралъул администрациялъ къабул гьарурал законалъул актаздайищ, яги шагьаралда гIумру гьабулел гIадамазул пикруялдайищ?
— Кинабго букIине ккола законалде рекъон. Амма гьабулеб буго жидеего бокьухъе. Масала, МахIачхъалаялда цебегоялдаса нахъе чIобого хутIун буго Гьудуллъиялъул минаялда аскIоб бараб гIемертIалаяб мина. Берцинаб минаги буго гьеб. Амма къадаздаса къанал гъенезе байбихьун руго. Гьелда хьолбохъ машинаби лъалхъизаризе хIинкъуледухъ лъугьун буго гьеб. ГIилла, къадал берцин гьарулаго, нормативал цIунунгутIи. Дида, мисалалъе, кодобе босараб щибаб ганчIил тарих лъала. Амма лъай гьечIел гIадамаз кинабго гьабулеб буго ракIалде кковухъе.
— Цоги кинал гIунгутIаби ругел, дур пикруялда, шагьаралъул архитектураялъул?
— Цониги бакIалда цIунулеб гьечIо нилъерго миллияб сипат. Умумуз ралел рукIана берцинал, гIасрабаз риххун унарел минаби. Щай бегьулареб МахIачхъалаялдаги цогидал шагьараздаги миллиял хаслъаби гъорлъ рессарал минаби разе? Бегьулаан, миллияб рукIа-рахъин гIуцIизе рестораназда, гостиницабазда. Гьединал бакIал гIемер руго Россиялъул шагьаразда. ЦIунулеб гьечIо бакIалъул материалалдаса пайда босиялъул гIадатги. ТIабигIияб ганчIил бакIалда, масала, хIалтIизарула гьанжезаманалъул технологиязул кумекалдалъун хIадурарал матери­лал. Гьезул букIунеб заралалъул пик­руго гьабуларо.
— Духъе проектгун вачIарав чияс цебеккунго хIисаб гьабулищ, пуланаб бакI балаго, кинаб материал хIалтIизабизе бокьун бугебали? Масала, гIемер бицуна, букIине кколелдаса тIеренаб арматура хIалтIизабулин, хашаб цемент букIунин, мехго балелде, гьел минаби риххизе байбихьулин.
— Дир иш ккола, тIабигIияб ганчIица бан бахъараб минаялъул къватIисеб рахъ берцин гьаби. Гьединлъидал, дихъе вачIарав чиясда дицаго бицуна, кинаб гамачIги, цогидал алаталги дие хIажалъулелали. Дица бицуна гьесда дирго пикру: гьаб рекъон гьечIин, гьаб цоялъе гьадинаб материал босизе кколин.
— Дур хIалтIухъабаз къачIарал минабазул цонигияб бугищ МахIачхъалаялда?
— Нижер ахирисеб хIалтIи ккола «Россия – дир тарих» абураб музеялъул мина. Гьелъул гъоркьияб рахъ гьабуна Викри росулъа устарзабаз. Гьеб букIана захIматаб хIалтIи – сордо-къоялъ рукIунаан гьенир. Каспийскалда, «Барзу» абураб рестораналда аскIобги бан буго мина. Гьелъул къватIисеб рахъ къачIана кIиго батIияб стильги хIалтIизабун. Тахшагьаралъул ралъдал рагIалда рарал бакIалги къачIана нижеца. РукIана Чачан Республикаялдасаги Россиялъул цогидал регионаздасаги заказалги.
— Нужер хъулухъ хIажат бугин вачIарав чияс диплом бугищали цIехолищ?
— Гьеб цIехола хадуб. Цин рачIуна, цебеккун гьабураб хIалтIи бихьун хадуб. Гара-чIварулаго, хIалбихьула, дирги дир хIалтIухъабазулги кинаб бажари бугебали лъазабизе.
— Гьабураб хIалтIухъ мухь кьечIого яги кьезе бокьуларого рукIунищ?
— Дагъистаниял руго гьеб рахъалъ цIакъал чагIи. Нилъер щивасе кIудияб кIваралъул ишлъун ккола бацIцIадаб цIар цIуни. Лъиениги бокьуларо, пуланав чиясул хIакъалъулъ квешаб хабар тIибитIизе. Гьединлъидалги батила, гьабураб хIалтIухъ букIине кколеб заманалда кьола гIарацги.
Гара-чIвари гьабуна
Кавсарат Сулеймановалъ.