Лъие щвезе гьечIеб лъималазул пособие?

«Эбелалъул капитал», тIоцебесеб лъимер гьабидал кьолеб гIарац ва цогидалги бигьалъаби

 

Алхар цIар лъеялъул бицен

ГIандадерил росабалъ бицуна гьеб хIор бугеб бакIалда чанго нусго соналъ цебе Алхар абулеб росу букIун бугилан. Гьез лагълъи гьабулеб букIун буго бакъуе, цIадуе, лъадае ва хIанчIазе. Гьел бусурман гьаризе ялгъузаб ретIел-хьитгун гьардухъан хIисабалда вачIун вуго Аллагьасул вали, караматлъи бугев шайих. Рагьдухъе гьев вачIаравщинас тIаде гьаби тIамун, ганчIал речIчIун хIакъир гьавун нахъе къотIун вуго. Цо херай гIаданалъ ракIгурхIун рокъовеги вачун гьоболлъи гьабун буго. Унеб мехалъ шайихас хералда абун буго метер гьаб росуги тун, нахъе айин абун. Гьес БетIергьанасда гьарун буго, гьал вахIшиял мунапикъзабазул росдаде балагь рещтIинабейин. Гьелдаса хадуб зобалги гъугъан, пасатго тIупан тIун цIадги бан, гьеб росу лъелъ гъанкъун буго, гIадамалги ччугIбузде сверун руго. Гьеб росдал цIар бугин абула хIоралда лъунги.
ГIандадерил хIор буго Болъихъ районалъул ва Чачаназул Чеберлоевск районалъул гIорхъода, ралъдал гьумералдаса 1869 метралъ борхалъу­да. ГIалимзабаз чIезабулеб буго гьеб хIор ракь багъариялдалъун лъугьараб бугилан.
Ракь бикьиялъул законалда рекъон, хIорил лъабго бутIа гьабун кIиго бутIа буго Дагъистаналъул ракьалда. ХIорихъе Чачаналдаса, Веденоса гьенибе бачIунеб нухги буго нилъер ракьалдаса. ХIарами габурлъухъе щолаго батулеб ЦIорораб иццухъан кваранидехун сверидал, лъабго километр буго хIорихъе, квегIидехун нух уна ГIандибе, Болъихъе.
ХIорил гIатIилъи бащалъула 2,4 квадратияб километралда, гъварилъи 74 метралда. Гьебго заманалда руго жеги гъварилъи чIезабизе кIвечIел гвендалги. Севералдаса югалдехун хIорил халалъи буго кIиго километр, бакътIерхьудаса бакъбаккудехун — кIиго километргун анкьнусго метр. Цо-цо бакIазда хIорил гIеблъи бахуна 735 метралде, хIорил гор сверун рагIалалъул халалъи бащалъула анцIго километралда.
Севералъул рахъалдаса хIорихъе бачIунеб буго Харсум, бакъбакку­л рахъалдаса — Кауха абулел гьитIиналго лъарал ва сверухъ ругел щобаздаса рачIунел иццазул лъинал. Аслияб къагIидаялда хIорихъе лъим ракьулъа бачIунеб буго. ХIорихъа гъоркьан бецIцIун унеб лъим ккола АнсалтIа лъарал байбихьиги. ХIорил рагIаллъаби руго лабалал, буччарал харица рахчарал. Риидалил гIужалда гIидрадул мугIрузда рукIуна гIандадерил гIиял рехъаби.
ХIорил лъим буго бацIцIадаб, тIасан балагьун гвангъараб хъахIиллъиялъул, зодилкьераб. Риидал лъел хинлъи бахуна 17-18 градусалде, гъварилъуда — 7-8 градусалдаса тIаде бахунаро. Хасало гьелда тIад цIер къала, цебе гьелъул бицалъи 65-80 сантиметралде бахунаан, гьанже, абухъего дунялалдаго хинлъиялъул асар цIикIкIунеб букIиналъ, цIорол бицалъи лъеберго-кIикъого сантиметралдаса тIаде унаро. Риидал цIадал хIалакараб заманалда хIорил лъим анлъго-микьго метралъ тIаде бахуна, хаслихъеялде букIараб гIорхъиялде ккола. ХIорихъ гьарзаго буго масакI ччугIа. Гьелъул бецIаб кьералъул хьалбазда, накъиш чIвараб гIадин, руго багIарал тIанкIал. ХIорихъ дандчIвала голавль, пескарь тайпаялъул ччугIбиги.

ГIандадерил хIор —
туристазул маршруталда

МугIрул щобазда гьоркьоб букIун гьури къанагIатаб, карачелал гьечIеб ралъдал гьумералдаса кIиазариде гIагарараб борхалъиялда бугеб мугIрузул хIор букIун дандекколеб букIиналъ, араб гIасруялъул лъабкъоялда анцIабилел соназда гьенире тренировкаби гьаризе бачIунаан академикияб греблялъул рахъалъ байдарка ва коноялъул СССРалъул тIасабищараб команда. Чачаназул рахъалда гьениб букIана туристазе бараб комплексги базаги. Советияб заманалда ГIандадерил хIорихъ бугеб турбаза букIана, Дагъистаналъул киналго турбазабазда хIухьбахъиги гьабун, Чечено-Ингушетиялдехун унеб маршрут байбихьулеб базалъун.
Гьенире туристал рачIунаан ТIандадерил хIорихъ букIараб «Болъихъ» туристазул базаялдаса. ГIандадерил хIоргIан кIудияб гьечIониги (гьеб хIоралъул буго жеги кIиго цIар – Арджи ва ГьитIинаб масакIалъул хIор), гьениб букIана туристазе киналго шартIал ругел кIитIалаял коттеджал, хIоралда тIад тира-сверизе катамаранал ва гьел гурел цогидалги квегIенлъаби. СССРалдасаго туристал рачIунаан гьенире.
Гьанжейин абуни гьеб чIунтизе тун буго, цебе гьениб туристазул база букIанин абизе лъалеб лъалкIцин хутIун гьечIо.
ГIандадерил хIорихъ цебе букIараб базаги къачIан, тIадеги бакIалги ран, чачаназ гьениб бана 1200 квадратияб метр гIатIилъи бугеб спортивиябгун туристазул комплекс. Риидалил заманалда къокъаби гьарун хIухьбахъизе рачIарал туристаз цIун букIуна хIорил рагIал. Туристаз экскурсиял гьарула сверухъ ругел мугIрузде, цере некIсиял росаби рукIарал бакIазде, русбузда лъедола, ччугIа ккола. Гьениб аскIобго буго 1972 соналда СССР гIуцIаралдаса 50 сон тIубаялъул хIурматалда Дагъистан АССРалъу­л ва ЧИАССРалъул гIолилаз ГIандадерил хIорихъ тIобитIараб фестивалалъул гIахьалчагIаз Дагъистаналъул рахъалда чIараб накIкIил рохьги. ГьитIинабго бакIалда чIун рукIарал гъутIбузул, Болъихъ рохьил магIишаталъ гьабураб тIалабалдалъун, лъеберго гектаралъул рохь гIун буго. Туристал гьениреги уна тира-сверизе гурелги, гIурдахIан, гIисинпихъ бакIаризеги.
Гьебго заманалда, абизе ккола, хIорил рагIаллъиялъул цIикIкIараб рахъ Дагъистаналъул бугониги, нилъераца гьелдаса пайда босиялъе щибго гьабулеб гьечIо. Гьанже респуб­ликаялда туризм цебетIезабиялде кIвар кьезе байбихьун бугелъул, хьул буго ГIандадерил хIоралде пикру буссинабилин.

Тарихиял
лъугьа-бахъиназул нугI

Тарихалда бихьизабухъе, ГIанди хIор ва жибго ГIанди росу букIана некIо заманалдаса нахъего кIвар бугел суалал данд­разе, гIагараб ракьалъе хIинкъи бугеб мехалъги, цогидалги политикиялги жамгIиялги ишазул рахъалъ магIарулал ракIарулеб бакIлъун.
ХIII гIасруялда монголазул аскарал Гелбахъалдаса, Гумбеталдаса ГIанди мухъалде рачIунелъул, магIарулал, чачанал, гъалгъаял ГIанди хIорихъ данделъана ахIичIев гьоболасде данде рагъизе. Амма къуват цIикIкIараб букIиналъ нухда дандчIваралщиналги талавур гьарун, монголал церехун ана.
Чан гъуруш кьезе бугеб?

Улкаялъул президент Владимир Путиницаги РФялъул захIматалъул министр Максим Топилиницаги чанцIулго бицана, 2018 соналъул тIоцебесеб январалдаса хадуб гьабураб лъимералъухъ кьолеб пособиялъул къадар хисизабизе бугин. Хиса-баси гьабизе буго 1,5 лъагIел базегIан лъимадухъ кьолеб гIарцулги. 2017 соналъул 31 декабралда гьабураб лъимадухъ цIияб пособие кьезе гьечIо.
Пособиялъул роцен чIезабизе буго, щибаб регионалда бихьизабураб лъимералъул гIумруялъе хIажалъулеб гIарцул къадаралда рекъон. Гьеб къадар къабул гьабуна 2017 соналъул кIиабилеб кварталалда. Щибаб субъекталда чIезабун буго жиндирго роцен. Масала, Ненецк округалда гIумру гьабизе лъимадуе гIолеблъун рикIкIуна 21973 гъуруш, Саратов областалда – 9159 гъуруш, Дагъистаналда – 9774 гъуруш. Гьеб гIарцуда рекъараб къадаралда кьезе буго пособиеги щибаб субъекталда.

Лъие кьезе бугеб?

ЦIияб пособие киназего кьезе гьечIо. Гьеб кьеялъе кьочIое босула гIумру гьабиялъе гIолеб добго гIарац, амма лъималазул гуреб, гьезул эбел-инсул, ай хIалтIизе бажарулел гражданазул. Гьебги батIи-батIияб буго щибаб регионалда. Масала, добго Ненецк округалда чIезабун буго 21844 гъуруш, Саратов областалда – 9159 гъуруш, Дагъис-таналда – 9922 гъуруш. ЦIияб пособие кьезе буго, хъизамалда вугев щивав чиги рикIкIун, гьоркьохъеб къадаралда гIумру гьабизе гIолеб гIарцул къадаралъул цогун бащдаб яги кIиго бутIа щивасе щолеб гьечIони. Масала, эбелги, эменги, цо лъимерги бугеб хъизамалъул хайир букIине ккола: Ненецк округалда – 98298 гъуршидаса дагьаб, Саратовалда – 41215,5 гъурщидаса дагьаб, Дагъистаналда – 29618,3 гъуршидаса дагьаб. Нагагьлъун гьеб гIарцул къадар щуго гъурушалъниги цIикIкIани, гьединаб хъизамалъе пособие кьезе гьечIо.
«ХIалтIун бажарулев чиясе гIумруялъе хIажатаб гIарцул гьоркьохъеб къадар улкаялда бащад гьабун буго 11 азарго гъуршида. ЦIияб пособие щвезе ккани, лъабго чи вугеб хъизамалъе моцIрое къваригIине буго 50 азарго гъуршидаса дагьаб хайир. ГIемерисел гIолохъанал хъизамазе гьеб гIарац щоларо. Гьединлъидал гьезие цIияб пособие щвеялде хьулги буго», – ян абуна Пачалихъияб Думаялъул депутат Ольга Баталиналъ.

Кин рикIкIине бугеб
хъизамалъул хайир?

КигIанасеб заманалъул хайир кьочIое босизе бугеб, лъимадуе пособие чIезабулеб мехалда – араб лъагIалилищ, кварталалъулищ яги ахирисеб моцIролищ? Гьеб рикIкIиналъе квалкваллъун букIине бугищ дагьалъ цебе эбелалъе кьураб декреталъухъги гьелда цебеккун кьолеб букIараб моцIрол харжги? Эбелалъе щолеб хайирлъун, лъимер гьабун хадуб, хутIула гIицIго хIалтIулаго чIезабун букIараб харжалъул 40 процент. Гьебищ босизе бугеб пособиялъе кьучIлъун? Кинаб роцен кьочIое босилеб? Гьелда тIад ургъулеб буго гьабсагIаталда хIукумат.
Масъала тIубазабиялъе гьадинаб нух бихьизабулеб буго РАНалъул Халкъазул социалиялгун экономикиял масъалабазул институталъул лабораториялъул нухмалъулев Вячеслав Боковас: «Щибго цIияб жо ургъизе кколаро. Буго пачалихъияб социалияб кумек гьабиялъул хIакъалъулъ закон. Гьелда хъван буго, хъизамалъе кумекалъе пособие кьеялъул мурадалда, гьелъие щолеб цадахъаб хайир чIезабиялъул къагIида. Буго хIисабалде босизе кколеб хайиралъул тайпабазул сияхIги. Гьезул цIидасан халгьабула щибаб кварталалда. Гьебго къагIида хIалтIизабула лъабабилеб лъимер гьабурал хъизамазе пособие чIезабулеб мехалда регионазги – щибаб кварталалда хъизамалъ ракIаризе ккола жидее щолеб хайиралъул хIакъалъулъ справкаби. Гьедин гьабизе бегьула цIияб пособие кьолеб мехалдаги. Дида бичIчIула, моцIрое 10-15 азарго гъурущ щвеялъул мурадалда, хъизамаз балъго гьабизе рес буго жидее хIакъикъаталда щолеб хайир. Амма, улкаялда гIадамал цIикIкIинариялъе гIоло ва хъизамазе кумек гьабиялъул мурадалда, дир пикруялда, низам цIакъго кьваризабичIониги бегьула».

Кида байбихьизе бугеб пособие кьезе?

Лъимер гьабураб къоялдасагойищ байбихьулеб пособие кьезе, яги гьеб кьеян гIарза хъвараб къоялдаса нахъейищ, ялъуни киналго хIажатал документал ракIарун хадубищ? Гьел суалазеги жаваб батизе ккола хIукуматалъ гьаб гIагараб заманалда жаниб.
Депутат Баталиналъ абулеб буго, пособие кьезе кколин, лъимер гьабураб къоги кьочIое босун, ай лъабго моцIидаса документал хIадурун рахъаниги, лъабабго моцIрол пособие цадахъго кьезе кколин. Гьебго пикруялъул рахъккола Вячеслав Боковасги. «ГIолохъанал хъизамазе бигьалъи гьабизе ккола, гьел тIамизе бегьуларо рекерахъдизе, гIемерал справкаби ракIаризе, ай пособие щвеялъул масъала бакIлъизабизе бегьуларо. Пособиеги кьезе ккола лъимер гьабураб къоялдасанго», — ян абуна гьес.

Эбелалъул капитал

Хъизамалъе моцIрое щолеб гIаммаб хайиралъул хIисабги гьабун, кIиабилеб лъимер гьабурал хъизамазе кьезе буго эбелалъул капиталги. Гьенибги кьочIое босизе буго 2017 соналъул кIиабилеб кварталалда регионалда чIезабураб моцIалъ гIумру гьабизе хIажалъулеб гIарцул роцен. Эбелалъул капиталалдаса щибаб моцIалъ гIарац щвезе бегьула, тIоцебесеб лъимер гьабураб хъизамалъе кьолеб пособиего гIадин. Гьеб щвезе мустахIикъаблъун бугищ нужер хъизамали, нужецаго хIисаб гьабе.

Лъабабилеб лъимадухъ пособие

2018 соналда лъабабилеб лъимер гьабурал хъизамазе хасаб гIарац кьезе буго 60 регионалда. Гьеб бащалъула регионалда чIезабураб лъимадуе моцIалъ гIумру гьабизе хIажалъулеб гIарцул роценалда. Кинал хъизамазе гьеб кьезе бугебалиги чIезабула субъекталъ. КьочIое босула добго гIумру гьабизе хIажалъулеб гIарцул роценги хъизамалъе моцIрое щолеб гIаммаб хайирги. МухIканлъи цIехезе бегьула социалияб рахъалъ гIадамал цIуниялъул отделалда яги МФЦялда.

МадихIат ХIажиева