Цоцада пикраби лълъурлъузе гьарун, гьелдаса пирхараб канлъухъе рилълъа!

16 декабралда «ХIакъикъаталъул» редакциялде бакIарараб интеллигенциялда гьоркьов мацI батIияв чи гIицIго информациялъул, бухьеналъул ва массовиял коммуникациязул министр Сергей Снегирёв гурони вукIинчIо.

 

 

ХутIаралщинал рукIана батIи-батIияб хъулухъалда ругел ялъуни батIи-батIияб гьунаралъул бетIергьабилъун кколел магIарулал.

 

 

Масала, магIарулазул цевехъан, промышленносталъулгун энергетикаялъул министр Сайгидпаша ГIумаханов, академик Шамил ГIалиев, халкъазда гьоркьосеб Шамилил фондалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Хархачаев, медицинаялъул гIелмабазул доктор АхIмад ГIазизов, Авартеатралъул директор МухIамадрасул МухIамадрасулов, филологиял гIелмабазул доктор МухIамад МухIамадов, композитор Каримула ГIабдулаев, машгьурав тарихчи – Хунзахъа ГIалибег Хъазамбиев, педагог ва жамгIияв хIаракатчи Шамил МухIидинов, шагIирзаби – Залму Батирова, ТубхIат Зургьалова, жамгIиял хIаракатчагIи МухIамад Шамилов, МухIамад Къебедов, Гъайирби Гъайирбиев ва жеги гIезегIан гIадамал.

 

 

Миллияб басмаялда дандчIвалел цо-цо суалазда тIасан байбихьуда гьез кIалъа-басай гьабуна министр Снегирёвасулгун.

 

 

Грант сундуе хIалтIизабилеб?

 

 

Хадуб Сайгидпаша ГIумахановас бицана гьеб дандеруссиналъе гIиллалъун ккараб цо хIужа бугила федералияб централъ Дагъистаналъе кьолеб бугеб грант (I, 2 млрд гъурущ) сунда тIад харж гьабилебали дандбай.

 

2

 

Гьедин цояз абуна магIарухъ росаби чIунтиларедухъ гьарулел хIалтIабазде буссинабизе бегьилин гьеб, цогидазда лъикIаблъун бихьана рахьдал мацIал цIуниялда, лъай камил гьабиялда тIад харж гьабизе. РукIана цойги пикрабиги.

 

 

Гьединлъидал Сайгидпаша ГIумахановас абуна рачIайин нилъеца щивасул гьел пикраби къалмиде росулеб хасаб комиссия гIуцIизе, цинги гьелъул хIасил республикаялъул тIалъиялда цебе лъезе.

 

 

Автономиялъул цIияв нухмалъулев

 

 

Гьелдаса хадуб гьоркьоб лъуна магIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев вищиялъул суал.

Киналго разилъана гьеб хъулухъ ДНЦялъул ИЯЛИялъул директорлъун вукIарав МухIамад МухIамадовасда тIадкъазе.

2013 соналда автономия гIуцIараб мехалда гьелъул тIоцевесев нухмалъулевлъун вукIана Сайгидпаша ГIумаханов.

2015 соналъул декабралда гьев хисана тарихчи ШагIбан ХIапизовас (Маркъо ШагIбанов).

 

 

Исана декабралда гьес лъазабуна жиндие тарихалда тIадчIезе заман гIолеб гьечIила, гьединлъидал автономия цогидасда тIадкъани бокьилаанилан.

 

 

Гьелъие малъа-хъваял гьарулеб мехалда «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевас абуна кIвар бугел темабаздаса тIасан батIи-батIиял проектал ургъани лъикI букIинила автономиялъ. Масала, магIарул росабазул, некIсиял кучIдузул, тIахьазул проектал.

 

 

Туркиялдаса гьобол

Гьеб мажлисалда вукIана Туркиялдаса гьоболги – гIурусазулгун кавказиязул рагъ лъугIун хадур Дагъистаналдаса гочарал магIарулазул наслуялъул чи МухIамад (Мехмет) Айдемир.

Яловаялда гIумру гьабулел Северияб Кавказалдаса гIадамазул диаспораялъул нухмалъулевги ккола гьев.

Гьесулги дора гIумру гьабулел кавказиязулги квербакъиялдалъун санайилго лезгинкаялъул фестивалал, умумузул гIадатал рихьизарулел дандеруссинал тIоритIула Туркиялда.

 

0000000 3

 

Сайгидпаша ГIумахановас бицана кватIичIого Туркиялда тезе ругила Шамилил фондалъулги магIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъулги вакилзаби. Яловаялда базе рагIула Дагъистаналъул культурияб центр. Шагьаралъул нухмалъиялъ гьелъие ракьги бихьизабун бугила.

 

 

Гьединго хIадурун буго Стамбулалда лъезе Шамил имамасул бюстги.

 

 

МухIамад Айдемирица бицана гьабсагIаталда Дагъистаналде вачIиналъе гIилла – ДГУялъулги Яловаялъул университеталъулги къотIи ккун буго кIиябго рахъалъул гIолилал цIализе цоцахъе ритIизе. Хасго магIарул мацI къваригIун бугин жидее жидерго лъималазда лъазеян вукIана гьев. Жинцагоги мадар гьабулеб бугоан гьеб бицине. Амма жиндир васасда лъалеб гьечIила гьеб. Гьеб мехалда гIурус мацIалъ Сайгидпаша ГIумахановас махсара гьабуна инсуда аскIов эхетарав МухIамадил васасе — бихьулищин, Гъази, гIурус гуреб, магIарул лъазабизе кколеб букIун бугин дуцагиян.

 

Чанго соналъ цебе магIарулайги ячараб саламатаб бертин гьабуна Хасавюрталда гьесие.

 

 

Чагучиевасгун Халидовас гьаризехъин ругел съездазул хIакъалъулъ

 

МагIарул интеллигенция данделъараб гьеб мажлисалда кIалъазе рагIи щвара-щварас рорхулел рукIана жидедаго рекIеда хIунсулел суалал.

 

 

Масала, жамгIияв хIаракатчи, закон цIунулел идарабазулги прокуратураялъулги хIалтIухъабазул профсоюзалъул нухмалъулев МухIамад Шамиловас бицана гIалимчи, Кавказалъул халкъазул Союзалъул Миллияб Советалъул председатель МухIамад Чагучиевас съезд тIобитIизе бугин кватIичIого, нилъ киназго гьениб гIахьаллъиги гьабизе ккелилан.

 

 

Амма гьелъ суалал рижизаруна данделъаразул: кинаб ахIиялда гъоркь гьеб гьабулеб бугеб, щиб гьелъ кьелеб, къваригIунго бугебдай гьеб? Москваялдаги дора-гьанирги ругел политиказ жидерго мурадазе гIоло гIадатиял гIадамал цере тункийищ гьеб?

 

 

ТIадежоялъе гьелдаго релълъараб съезд гьабизе хIадурулев жамгIияв хIаракатчи Денга Халидовги вугилан тIаде жубана цогидаз.

Гьединалги гьелда релълъаралги суалал дандразе магIарулазул миллиябгун маданияб автономиялда цебе оргкомитет яги совет гIуцIизе кколин абуна «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул ишал тIуразарулев ГIумахан ГIумахановас. Цинги гьелъ къотIилила хIукмуги.

 

 

Тарихалде тударулел чагIазда бадибе рагIи абизе ккела

 

 

МагIарулал цолъиялъе «ХIакъикъат» газеталъ тIамизе байбихьараб тIоцебесеб галиялъул бицана газеталъул бетIерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевас: щибаб номералда гIадин кьолел руго жидерго мацIалда кIалъалел росабазул маданият бихьизабулел гьурмал.

«Гьединго, лъаялъул рахъалъ тарихчи вукIиналъ, гьелъулги абила дица: гьагъал, нилъер тарихалде тударулел, чагIаздаги бадибе рагIи абизе ккела. ГIарцухъ тIахьалги риччан, бокьа-бокьарал жал хъвалел руго. Масала,Надиршагь щущахъ виххизавурал маг1арулазе цевехъанлъи тумазул хан Муртазаг1алица гьабунин хъвалеб буго», — ян кIалъана Пайзула Пайзулаев.

 

 

Хвалченги кечIги

 

 

Хадуб хабар ккана гIурус мацIги цебе биччан, рахьдал мацIазде гьарулел гьужумазул.

Гьелда тIасан автономиялъул цIияв нухмалъулев МухIамад МухIамадовас гьадин абуна:

 

 

«ГIурус мацI рихарал чагIи нилъ гуро, гьеб нилъее хIажат буго гьавагIанги. Амма нилъерго мацIги нахъе цун, гIадат-гIамалги нахъе цун цогидаб мацI бицин рекъараблъун бихьуларо. Нилъер миллаталда цебе чIараб масъала буго гъунки, цолъи. Нилъ гъункизе, цолъизе ккун руго — чиядехун кьал ахIизе гурелха, нилъерго гIадат-гIамал цIунизе. Ахираб заманалда нилъ бечелъиялда хадур ун, дагьал рикIкIалъун, ратIалъун руго цоцаздаса.

 

 

ГIемер суалал руго кIвар кьезе ккарал.

 

 

Масала, магIарул росаби чIунтулел руго. ХIукуматалъул кумек гьечIони, цIакъ захIмалъила гьел цIунизе. Щибниги шартIал гьечIел бакIазда гIумру гьабун чIаян чиясда абуни, жиндир мадугьал гочараб мехалда жив бегьуларищ гьениса гочинеян жаваб кьезе рес буго гьес. Амма магIарухъ гьел росаби цIуничIони, гьаниб, гIатIиракьалда нилъерго мацIги цIарги тIагIуна.

Нилъер умумуца нахъе тарал пирамида гьечIо, кутакаб рикъзи гуро. Амма буго рухIияб бечелъи. ТIубанго лъугIун-тIагIун иналде гьелде кIвар кьезе къваригIун буго. БукIине кколедухъ къимат кьолеб гьечIо журналистал ратаниги, хъвадарухъаби-шагIирзаби ратаниги, гьездеги. Спорталде руссун руго киналго. ГIалимчиясда дандчIвазе киданиги унаро.

Амма лъай гьечIони, миллат букIине гьечIо».

 

 

Гьеб пикруялъул рахъги ккун академик Шамил ГIалиевасда лъикIаблъун бихьулеб бугоан «МагIарул классикияб кочIол сордо» тIобитIизе.

 

 

— Ункъо-щуго кечIалдаса тIокIаб тIаде кечIги букIине бегьуларо гьениб. Цересел кьеразда гIодор чIезаризе ккола кечI ахIулеб мехалда гьаракь гьабулел гIолохъабиги, — ян абуна Шамил ГIалиевас.

Данделъиялдаса хадуб гьес «ХIакъикъаталъе» баян гьабуна нилъее умумухъан щварал жал ругила хвалченги кечIги. Амма гьабсагIаталда нилъее хвалчен къваригIинарила, кечIалъин абуни данде гьаризе бегьулила.

 

 

РекIедаса рекIеде кьоги лъун…

 

 

Мажлисалъул хIасил гьабулеб гIадаб кIалъай букIана жамгIияв хIаракатчи Шамил МухIидиновасул.

 

 

Гьес ракIалде щвезаруна ЦIадаса ХIамзатил мухъал:

«Цоцада пикраби лълъурлъузе гьарун,

Гьелдаса пирхараб канлъухъе рилълъа».

 

 

«Дида кколаха тIубараб поэмаялъулгIанасеб магIна бугин гьезулъилан. Амма гьел лълъурлъизарилалде цере жалго гьел пикрабиги рукIине ккелаха гIакъилал, кьучIал, нилъее хIажатал. Гурони, гьездалъун пири пирхуларо.

 

 

Гьединлъидал нилъеца баян гьабизе ккола щиб нилъее къваригIун бугебали. Гьеб лъазе ккани, щивав чи вукIине ккола рекIедаса рекIеде кьоги лъун, гьуинлъиялда, вацлъиялда. Гьедин букIине ккани, нилъ Аллагьасе гIоло цоцаздаса тIаса лъугьинеги ккола», — ян абуна Шамил МухIидиновас.

 

 

Гьесул пикруялда рекъон, жакъа магIарул халкъалъул, мацIалъул унтуца унтичIев чи магIарулав гуро.

 

 

МагIарул мацI лъугIун-тIагIун иналда бугеб хIинкъиялъул бицунаго, МухIидиновас мисалалъе бачана «ЦIадаса ХIамзатги, Расулги, Фазуги жанир рахъараб, поэзиялъул Макка гIадинаб Хунзахъ мухъ». Ясли-ахаздаса байбихьун гьенибгицин гIурус мацI бицин модаялде бачIун бугеб мехалда цогидалъул бицун пайда щибин рекIекълъана гьев.