Заманалда цадахъ

Телефонал те цIалдохъабазухъ

 

СШАялъул Пенсильвания штаталда «ЛъагIалил учитель – 2017» къецалда чIел босарав Майкл Соскилица абулеб буго, цIалдохъабазухъа телефонал нахъе росизе бегьуларин. Гьелъие гьадинал гIиллаби рехсолел руго педагогас:
ТIоцебесеб: лъимал хIадуризе ккола букIинеселде.
Школа лъугIулел цIалдохъаби нилъеца хIадуризе ккола букIинесеб гIумруялде. Гьединлъидал нилъеца гьезие ихтияр кьезе ккола букIинесеб гIумруялда хIажалъизехъин ругел алатаздаса пайда босизе. Нужехъа рехсон бажарулищ, школа лъугIун арал цIалдохъабазул рукIине бегьулел махщелазда гьоркьоса, телефонги хIалтIизабичIого, тIубалеб цогIаги махщел? Механиказ хIажатал алатал рачIинарула, телефоналдасанги кIалъан, планшеталда инженераз халгьабула чертежазул, тукенчияс ккараб хайирги араб гIарцул хIисабги гьабула. Гьединаб сияхIалъе ахир букIунаро. Нилъер цIалдохъабаздаса махщелчагIи рахъиналде, технологиял хIалтIизариялъул рахъ жеги камиллъизе буго. Гьединаб гIумруялде гьел хIадуричIого тей ккола такъсир.
КIиабилеб: нилъехъа бажарула цIалдохъабазе пайдаялъе дарсидаго телефонал хIалтIизаризе.
ЦIиял технологиязда рекъон школа хьезабизе бажарулеб гьечIо, кризис букIин хIисабалде босани. Гьеб гIиллаги батун, гIемерисел школазда хIалтIизаруларо технологиял. Щивав цIалдохъанасухъ кодор руго гьел технологиязе санагIатал телефонал. Абизе бегьула, щивасухъ кодоб бугин Интернеталъул бухьенги бугеб гьитIинабго компьютер. Интернеталда буго аза-азар чIобогояб цадахълъел. Гьел хIалтIизаризе бегьула дарсида цIалдохъабазул лъай камил гьабиялъе. Гьелъул бакIалда нилъеца дарсил заман чIвала, цIалдохъабазухъа телефоналги рахъулаго.
Лъабабилеб: телефоназ кумек гьабула XXI гIасруялъул бажари камил гьабизе.
Мобильниял алатазул кIудияб пайда буго XXI гIасруялъе хIажатаб бажари куцаялъе. Цоцазулгун бухьенал гьаризе лъимал куцазе къваригIун батани, телефоналдасаги лъикIаб щиб алат бугеб гьелъие санагIатаб?
ЦIалдохъабазухъа телефонал рахъизе кколин абураб пикру бугел педагогаз абула, гьез гьенир тIасан жавабал хъвалин, учитель махсараде кколин, гьел гьерсазде ругьунлъулин. Дир пикруялда, гьениб лъималазул кинабгIаги гIайиб гьечIо. ГIайиб буго, Интернеталдаса жаваб балагьун бажаруледухъ тIадкъаял хIадурарав учителасда. ЦIалдохъабазул хIакъикъияб лъаялъул халгьабизе хIалтIизарулел тестаз гьел хIадуруларо букIинесеб гIумруялде. Нилъеца гьел ругьун гьаризе ккола информация балагьизе, хIукмаби гьаризе, пуланаб масъалаялда тIад цадахъ хIалтIизе. Гьединал хасиятал хIажалъула гьезие хадур-ккун. Гьеле гьел куцазе кумекалъе батула телефон, щайгурелъул гьелъ рес кьола, дунялалъул кинаб рахъалда ватаниги, бокьарав чиясулгун бухьен гьабизе, гьевгун гара-чIваризе. Масала, дуца цIалдохъабазе тIадкъай кьола, Франциялъул гьава-бакъа­лъул хаслъи гьезда лъалищали халгьабиялъул мурадалда. Гьелдаса пайдаяб букIина, Франциялъул цIалдохъабазулгун видеобухьенги гьабун, гьезда бицинабуни, жидер улкаялъул хIакъалъулъ. Гьедин щвараб лъай – божа дида – цIалдохъабазда киданиги кIочонаро.
Ункъабилеб: нилъеца цIалдохъабазда бичIчIизабизе ккола, цого жоялъул хIакъалъулъ кIиго батIияб пикру нилъеца къабул гьабулареблъи.
Дун щвана батIи-батIиял школазул учительзабазул дарсазде. ЧанцIулго бихьана, цIалдохъабазухъа телефоналги нахъе росун, учителас дарсида телефоналдасаги планшеталдасаги пайда босулеб. Цо-цо мехалда, цIалдохъабаз тIадкъай тIубазабулеб заманалда, хъизамалъухъе СМС битIизеги социалиял гьиназда хъвараб жо цIализеги хIалтIизабулаан гьез телефон. Дида бихьарабго гIадин, цIалдохъабаздаги бихьула гьеб. Гьелде, ай цоязе – лъикIаблъун, цогидазе – квешаблъун цого жо букIине бегьиялде ругьунлъула цIалдохъабиги, ва гьеб лъай гьез цадахъ босула хадусеб гIумруялдеги. Гьеб мекъаб пикру буго ва нилъеца лъимал ругьун гьаризе бегьуларо кIигьумерчилъиялде.
Щуабилеб: нилъеца гьезда малъизе ккола гIумруялъе хIинкъи букIунаредухъ телефоналдаса битIун пайда босизе. Мобильниял алатаздаса хIинкъи тIагIунаро киданиги – педагогазда тIадаб буго гьел хIин­къабаздаса жалго цIунизе кколел къа­гIи­даби цIалдохъабазда малъизе.
Педсовет.орг сайталдаса босараб