Нухлулазе гIанса

Эбел-инсул гьабулеб адаб –  дурго лъималаздаса дуего щвезе бугеб давла

 

— Дудайищ лъалеб, эбел, гьабизе кколеб жо, дидайищ? Мун херлъун йиго, дурго херлъиялъул тIалабги гьабун йикIа, къваригIел гьечIелщинал жал рицинчIого, — ян хъачIго эбелалда кIалъалев саламатав чи вихьидал, дун битIахъе палгъан хутIана. Гьесда цадахъ, ай гьесул машинаялда рекIун шагьаралде тIадвуссинчIого ресги букIинчIо. Чияр росулъ гьев гурони лъалев чи вукIинчIелъулха.
— Валлагь, гIажаибай чIужу йиго дир эбел. Жиндего кколебги кколаребги гьабулей йикIуна. Аллагьги рехсон щай чIолареяли лъаларо, — ян дидехун ургъел бикьизе лъугьана гьев нухда рачIунаго.
— Дудаго аскIоегIаги щай ячунарей, жийго цохIо росулъ течIого, — ян цIехана дица.
— Дуца бицунеб щиб, Аллагьас цIунаги, гьей аскIое ячани дун хъизаналдаса ватIалъизе ккола, цIакъ кIал квешай гIадан йиго дир эбел, — ан гьелъул гIунгутIабазул бицине васас байбихьидал, цо кинабалиго гьаракьги бахъун, машина занкIан чIана. КигIан тIаделъаниги, я дихъа, яги гьесухъа гьеб хIалтIизабунги бажаричIо. ПалхIасил, МахIачхъалаялдаса кумекги ахIун, нахъисеб къоялъ щвана шагьаралде. Гьеб сордойин абуни бана нухда, машинаялда жаниб. Эбелалъин абуни гьарулеб букIана васасда цо сордо рокъоб байилан, дургун хабар-кIал бицине бокьун, урхъун йигилан. Амма хIалтIудеги хъизаналъухъеги щвезе кколев вукIарав гьес сордо базе ккана гIалхуда, машинаялда жаниб.
БитIараб бицани, гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб дица хIаракат бахъана гьесдаса рикIкIалъизе, хIатта рикIкIалъулев вугилан гьес чанго нухалда диде гIайиб гьабуниги. Амма щаялиго ракIалъ нахъе цIалев вукIана, эбелалъул хIурмат гьабуларев бихьинчи вихьизецин къабуллъулеб букIинчIо. Кинго кIолеб букIинчIо дида чIванкъотIун гьадинаб гIиллаялъе гIоло дудаса рикIкIалъулев вугин гьесда абизеги.
Цо нухалда живго гьавураб къо кIодо гьабизе гьоболлъухъ ахIана гьес дунги. ГIезегIан гьалбалги рукIана. Азбаралда васандулев васас гьалбадерие лазатбахъи гьабулеб букIиналъ, инсуца гьесда чанго нухалда лъазабуна чIайилан, берцинго вукIайилан. Амма вас гIенеккулев вукIинчIо. Иргадулаб нухалда инсуца дагьаб хъачIго абидал, эбелалъул цIар бахъараб чорокаб рагIиги инсуда абун, велъана вас. Гьесдасаги цIакъ, ай гьес гьабураб гьунаралдаса разилъун эменги велъана…
… АнцIила щугониги сон букIана дида гьев саламатав чи вихьичIого. Цо нухалда ракIалдаго гьечIого дандчIвана базаралда. Нижеца хъваш-баш гьабуна, бихьа-рагIараб бицана ва «гIодор чIезелъун» гьесухъе рилълъине ният ккана. Гьесги хъизаналъги гIумру гьабулеб бугоан кIиго рукъалъул секциялъуб. Гьес бицана доб хъалагIанасеб мина васасе кьунила, гьевги кинабалиго цIакъаб хIалтIуда вугила. Хабар-кIалалда рукIаго тIаде рехун вачIана галстук барав чи. Дида гьебсагIатго лъана гьев гьесул вас вукIин.
— Дада, дун налъукье ккун вуго. Рес гьечIо дур гьаб квартира бичичIого. Нуж дагьаб мехалъ магIарухъе рахъине ккола. Дир иш лъикI ккарабго, эхерего рачинарищха, — ян кIалъана вас.
— Дуца бицунеб щиб? Росулъ басриябго гурони рукъ гьечIо. Доба кин гIумру гьабизе бугеб? — ан кIалъана эмен.
— Дудего аскIоре рачеха, цо рукъги нижехъе кье, — ян абуна эбелалъ.
— Агьа, гьеб букIана дие хIажалъун. Дун хъизангун ватIалъизейищ нужее бокьун бугеб? Херал чагIи кин ва кир рукIаниги щиб? — ан васас абидал, дица дирго гьалмагъ, саламатав чилъун вукIарасда цIехана эбел чIаго йигищилан.
Саламатав чиясин абуни данде калам гьабичIо, амма ракьалде далараб бетIер эхеде борхулеб букIинчIо. Гьесда бичIчIун батила магIарухъе вахъине кколеблъи, эбелалъул хабаде вахинчIого анцIила щуябго сон сверун букIин.

 

Алжан – эбелалъул хIатIикь

КIудияв шайих МухIаммад Багьавудин Накъшубандияс гьабун буго киназего насихIатлъун букIунеб васият: «Дихъе зияраталъ рачIунел цин дир эбелалъул хабаде щва», — ян абураб.
ГIабдурахIман Жамица абун буго: «Кинха дие дир эбел йокьичIого йикIиней? Гьелъ дун ичIго моцIалъ жиндирго ургьив лъун, цинги пуланаб заманаялъ кодове вачун, къвал жемун, хадуб хвезегIан жиндирго рекIел хIалимлъиялъул ва гурхIалил бокIнилъ лъун хьихьана. Гьелдехун адаб теялдаса квешаб жо дида лъаларо».
Халифа Мансурица, Куфаялдаса Багъдадалдеги ахIун, къадиясул хIалтIи тIаде босеян абидал, АбухIанифаца инкар гьабуна. Гьелъие гIоло халифас имам жанив тIамуна. АбухIанифада цIалал кьабулаго аскIой йикIана гьесул эбелги. Хадуб, АбухIанифаца абулаан: «Доб къоялъ дидаго кьабгIулел цIалаздаса дие эбелалъул магIуги гьелъул къварилъиги захIмалъун букIана», — ян.
Аварагасул хирияб хIадисалда буго: «Алжан – эбелалъул хIатIикь буго», — ян.