Гьай хутIана даим дир учительлъун

23 декабралда 100 сон тIубала машгьурай гIалимчIужу Гулжагьан Мадиева гьаюралдаса

 

Дагъистаналъул шагIир ГIабас Шейховасул пикруялда хадурги рилълъун, «Гьай хутIана даим дир учительлъун» гьедин абула Гулжагьан ИсмагIиловналда цере цIаларал нус-нус магIарулаз. Гьей йикIана унго-унгояй педагог, машгьурай гIалимчIужу. ГIемерал гьечIо нилъер гьединал, тIолабго гIумру мацIалъе кьурал, жидер хIаракаталда бахилал руччаби. Гьей гьаюна 1917 соналъул 23 декабралда Темир-Хан Шураялда (гьелъул эбел-эмен рукIана ЧIохъа). ТIубараб гIасру сверана гьелдаса нахъе, амма гьелъул гьайбатаб гIумруялъулги хвел гьечIеб гIаданлъиялъулги хIакъалъулъ жакъаги бицуна магIарухъ.
1993 соналъул 1 январалда «ХIакъикъат» газеталъ, республикаялъул захIматчагIазда тIаде щвараб цIияб сонги баркулаго, «Кинаб божилъигун дуца дандчIвалеб бугеб 1994 сон?» — абураб суалалъе Гулжагьан Мадиевалъ жаваб гьабула «къокъидго нилъер гIумру лъикIлъиялде хьул лъезе бакI гьечIо. Россиялъул хIукуматалъул бетIерлъуда дагьа-макъабго хиса-баси кканиги, аслияб куцалда гьадалго, нилъер чунтби чIехьолел чагIи хутIана. ЛъикIалде хьул гьабун рукIани гурони, цIар лъезе лъалареб заман бачIана нилъеде», — ян. Дагъистаналъул университеталда рахьдал мацIал малъулей йикIаниги, Гулжагьан киналго студентазда лъалаан политикияб рахъалъ лъадарарай, гIумруялъул захIмалъаби раччун, къобихьарай гIадан йикIин. 1936 соналда 10 классги лъугIизабун, тохтурлъун цIализе ине хIадурлъулей йикIарай гIолилай гIолеб хъизамалде рещтIана балагь – «халкъалъул тушман» вугилан, вачун ана эмен. Заманго инелде, эбелги йитIана Сибиралде. Тохтурлъун яхъине бугеб гъираялъ чара хварай Гулжагьан, ячуна Симферополалъул медицинаялъулаб институталде. Амма гьениб цо курс лъугIарабго, биографиялда «чIегIераб тIанкI» батарай гьей институталдаса нахъе ине ккана. ТIадюссун лъугьана МахIачахъалаялъул медицинаялъулаб институталде, амма «халкъалъу­л тушманасул» яс гьенийги цIализе течIо ва комсомолалдасагицин нахъе рехана.

Хъизан гIуцIи

Гьеб заманалда Гулжагьанида дандчIвана Мадиев ХIасан, ва гьелъ гьесулгун гIумру бухьана. Гьел рукIана цIакъ цоцазе хириял рос-лъади. Хадув ХIасан вукIана Буйнакскалъул педагогияб училищеялъул директорлъунги 1941-1942 соназ «МагIарул большевик» газеталъул жавабияв секретарьлъунги. Гьесул цIалдохъанлъун вукIана дунялалдаго цIар рагIарав, Дагъистаналъул халкъияв шагIир Расул ХIамзатовги. Амма ХIасанилги гIумру халатаб батичIо – 1947 соналда гьев хвана Крымалда. Дагъистаналъул цIар рагIарав шагIир, драматург, таржамачи МухIамад Сулимановасул «Апараг» абураб поэмаялда, жиндирго гIумруялъул хIакъалъулъ бицунаго, кIудияб къимат кьолеб буго гьес жиндир вукIарав учитель, Буйнакскалда педучилищеялъул директорлъун вукIарав, Гулжагьанил рос ХIасан Мадиевасе:
Дирни талихIкъосин, гордуцин гьечIеб
ЦохIо рукъ хутIана доба магIарухъ.
Амма чехьалъ буго гIакъуба кьолеб,
ГIисинал бакьаца чIахIиял кунел…
— Документ?
— Гьалеха.
— Гьа, мадар буго!
«Неуд» бихьуларо, «хор», «отл» гурони,
-Гьобол-гьудул вугищ? Лъилъув рещтIарав?
Щиб дица гьабилеб, вуцIцIухIун чIана,
Гьелдаса щулияб жаваб кин кьелеб?
ЦIодорав директор, Мадиев ХIасан,
Мун дида хвезегIан кIочон теларо,
Дуца бестIаласул рескъотIиялда
Къалам тIасан цIана, дуе баркала.

Академиказул лекциял
ва блокадаялъул кьогIлъи

1938 соналда Гулжагьан цIализе лъугьуна Сталинградалъул пачалихъияб университеталъул филологияб факультеталъул Кавказалъулаб бутIаялде. Гулжагьан цIалуда хадуй гъурай йикIана, кинабго лъазе бокьулаан гьелъие. Гулжагьанида жиндирго пагьмуялдалъун кIвана фа­культеталда лъагIалида жаниб кIиго курс лъугIизабизе.
Кавказалдаса ячIарай цохIо яс гIодой чIараб ауди­ториялда гIицIго гьелъие магIарул мацIалъул хIа­къалъулъ лекциял цIалана гьенир дарсал кьолел рукIарал академикал И. Мещаниновасги Е. Бо­каревасги.
Байбихьана КIудияб ВатIанияб рагъ, гIоло­хъанай магIарулай ккана тушбабаз сверун ккураб Ленинградалъул блокадаялде. Гьениб бараб чанго моцIалъ Гулжагьанида гIемераб гIакъуба бихьана ва гьениса ячIараб мехалда гьей росасдагицин къосана.
Рагъул кьогIал соназда Дагъистаналъул школазул гIелмияб цIех-рехалъул институталда ва Гъуниб росдал гьоркьохъеб школалда хIалтIулаго, Гулжагьаница тIолабго къуват кьолеб букIана гIун бачIунеб гIелалъе рагъул шартIазда битIараб тарбия-лъай кьеялъе.

ГIелму – гIумрудул аслияб нух

1950 соналда гьей лъугьана СССРалъу­л гIелмияб академиялъул аспирантураялде ва, гIемер кватIичIого, цIунана филологиял гIел­ма­базул кандидатасул диссертация. Дагъистаналда Гулжагьан ИсмагIиловна ккола тIоцеесей магIарулай — гIалимчIужу. Гьей йикIана магIарул мацIалъул диалектазда тIад хIалтIи гьабулей устар, Дагъистаналъул гIелмабазул мустахIикъай хIаракатчIужу. 1969 соналда пачалихъияб университеталъул филологияб факультеталде лъугьарав дир гьей хIеренай мугIалималъулгун лъай-хъвай ккана тIоцересел дарсаздаго.
Гьелда цере цIалана хадур жал республикаялъул батIи-батIиял жавабиял хъулухъазда хIалтIарал хIакимзабиги, ва гьединго гIалимзабиги: МухIу ГIалиев, Сиражудин ХIайбулаев, Бадави ХIажиев, АхIмад МуртазагIалиев, МухIамадрасул Усахов, Казимбег АхIмадов, АхIмадпаша Зиявудинов ва гь. ц.
Гьелъул хIакъалъулъ цIалдохъабаз хъван руго хинал рагIаби рехсарал жидерго ракIалдещвеялги кучIдулги. Хъваларей гIадай гIадан йикIинчIо Гулжагьан Мадиева. ТIадехун рехсовухъе, гье­лъул вукIарав студент, Дагъистаналъул цIар ра­гIарав шагIир ГIабас Шейховас Гулжагьанил хIа­къалъулъ хъван буго кIудияб кечI. Гьале гьелъул цо чанго мухъ:

ГIасиял къоязда къваридал сагIтаз
Гьалъ пикру гьабуна бергьенлъиялъул,
Гьай, тIахьазул автор, цIакъ гьитIинго дир
РикIкIадаб росдае чирахълъун ккана.

Гьалъул гIелмияб цIар магIарулалъе
МугIрузда кунчIараб цIвалъун букIана,
Мунги, гьале гьайги, гьанир дандчIвана
КIиго заманалъул нугIзал киниги.

Гьай хутIана даим дир учительлъун,
Дунги кидагосев – гьалъул цIалдохъан,
Гьадинал мугIрузда дагьал рукIана
Дагьаб жо мугIрузда буго даимаб.

ГIолохъанго росасдаса ятIалъаниги, Гулжагьаница цIунана магIарул чIужуялъул рацIцIалъиги ритIухълъиги. ГIемераб къо бихьаниги, рехун течIо гIелмуялдехун бугеб рокьи. Жиндирго лъимал гьечIониги, хIеренлъиги рокьиги бикьана магIарул цIалдохъабазе. Киназего хIалае яхъине хIадурго йикIунаан гьей. Амма цIалудехун мугърехарал кIвахIалал лъималаздехун кьварараб бербалагьиги букIунаан гьелъул. Гьедин къадру-къиматалда йикIиналъ батила, цадахъ хIалтIулез Гулжагьан чанго нухалда шагьаралъул советалде депутатлъунги йихьизаюрай.
Гьелъ кIудияб бутIа лъуна республикаялда фи­лологияб, хасго магIарул мацIалъул гIелму це­бетIезабиялъулъ. Гьей ккола «БежтIадерил ма­цIалъул грамматикияб очерк», «Авар мацI», «Авар мацIалъул грамматика», «Авар мацIалъул синтаксис», «Аваразул литературияб мацIалъул морфология», «МагIарул ва гIурус мацIазул грамматикаби дандекквеялъул цо-цо суалал» абурал тIахьазул автор. Гьелъ нахъе тана анцI-анцI гIелмияб хIалтIи, цIуничIого хутIана «Авар мацIалъул гIелмияб грамматика» абураб цIаралда гъоркь гIелмабазул докторлъиялъулаб диссертация.
Гьединайлъун хутIила гьей гьайбатай, сахаватай гIадан гьелда цере гIемерал соназ цIаларал, гьелъухъа лъай босарал, тарбия щварал васазулги ясазулги рекIелъ.

Зикрула Илясов