ЛЪИКIАЛ ИШАЗУЛ ХИНАБ ГЬОГЬЕН

 

Гьале лъагIел данде щвана Гъуниб районалъул бетIерлъун СалтIа росулъа МудунхIажи Къадиров вачIаралдаса. Гьеб къокъабго заманалда жаниб районалда гьабураб ва гьабулеб бугеб хIалтIул цо-цо рахъазул хIакъалъулъ бицунеб буго мухбир МухIамад Къебедовасул гъоркьехун кьолеб бугеб макъалаялда.

 

 

Абизе бегьула гьеб заманалда жаниб щибха хисарабилан. Гьеб суалалъул бициналде, абизе ккола МудунхIажи районалъул бетIерлъуде вачIанин цIакъ захIматаб заманалда. «ГьадигIанго гIемерал масъалаби ратилин вукIинчIо», — ян гьес чанго нухалда абизеги абуна.

 

 

Районалъул школазде бачIараб тIорччохъцин кьезе кколеб гIарцул налъи бахун батана 24 миллион гъурщиде. ЦохIо гьеб мисал гIеларищ букIараб ахIвал-хIалалъе къимат кьеялъе.

ГIемераб хIалтIи гьабизе ккана налогал ракIариялъул рахъ роцIинабизе. Исана 10 моцIида жаниб, бачIине кколелдаса, микьго миллионалдаса цIикIкIун гъурущ щун буго налогазул.

Гьелдаго цадахъ хIалтIи гьабизе ккана районалъул халкъалъул социалияб рукIа-рахъиналъул рахъ борхизабиялъул мурадалда.

ХIалтIул тIоцересел къоязго МудунхIажи Къадировас тIалаб гьабуна «Гъуниб» лъималазул санаториялда Гъуниб росдал школалъул филиалалъул хIалтIи цIигьабизе,

районалда физкультураялъулабгун сахлъиялъулаб комплекс Хьиндахъ росулъ баялъе практикаялъулал хIалтIаби гьаризе.

Ахираб заманалда Гъуниб росдаде тIаде балагьараб кьуру тIун бачIунеб хIалалда букIун, гьеб кьуру щула гьабиялъе проекталъулал хIалтIаби гьарулел руго МЧСалъгун цадахъ «Ленгидропроект» абураб гIуцIиялъ.

 

 

ХIаракат бахъана батIи-батIиял республикаялъулги федералиялги программаби районалда рилълъанхъизариялъул мурадалда хIадур гьабуна хасаб программа.

Бищунго гIемер гIадамаз кьолеб суал букIана Гъуниб районалде газ бачиналъул. МудунхIажи Къадировас гьеб суалги борхана ДРялъул промышленносталъулгун энергетикаялъул министр Сайгидпаша ГIумахановас тIобитIараб данделъиялдаги. Къокъабго заманалда районалде рачIана газалъул хIалтIухъаби. Бахъана Гъуниб районалде газ бачиналъул хасаб карта.

 

 

Жакъа райцентралде рачIунездаги бихьулеб буго гьелъул гьумер хисулеб букIин. Райцентралда гIумру гьабулел гIадамазе лъадал бугеб къварилъиги хIисабалде босун, тадбирал гьарулел руго гIурухъа лъим бачиналъеги. Гьеб мурадалда, биччан буго 35 миллион гъурущ гIарацги. Райцентралда балеб буго футболалъул майданги.

ГIемерал соназ бицунеб букIана Гъуниб цIияб ясли-ах базе хIажат букIиналъул. Гьале гьанже, райцентралда ясли-ах базе проекталъулал хIалтIаби гьаризе байбихьана.

«I50 школа» абураб республикаялъул программаялде гъорлъеги бачун, Гьонода росдал школалда хисана школалъул минаялъул тIох, гордал. Гьарулел руго ремонталъулал хIалтIаби. Гьекъолеб лъел масъала тIубазабизабиялъул мурадалда биччан буго анкьго миллионалдасаги цIикIкIун гъурущ гIарац.

Щивав цIияв нухмалъулесул гIадат буго бугеб ахIвал-хIал мухIканго лъазабизеросабалъеги ун, гьенир дандчIваял тIоритIулеб. Гьедин МудунхIажи Къадиров щвана щибаб росулъе. Ратарал гIунгутIаби хIисабалде росана лъугIизаризе кьуна тIадкъаял, цо-цоязе гьаруна бадирчIваял.

Гьанже росабалъе щвараб мехалда бихьулеб буго цебехун букIинчIеб гIадаб чIаголъи букIин. Цо-цо бакIазда хIалтIи гьабулеб батани хIукуматалъул гIарцудалъун, цо-цояз хIаракат бахъулеб буго жамагIатазул ресазда рекъонги хIалтIаби гьаризе.

 

 

Районалъул бетIер щварал бакIазул цояб букIана ЧIохъ росуги.

Гьанже гьенибги хIалтIул кор боркьараб хIисаб буго. РагIалде бахъун буго граждан рагъул гIахьалчагIазул хIурматалда бугеб парк къачIан, гьединго лъугIулеб буго КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазул хIурматалда рагьараб паркги, культураялъул кIалгIаялда хисун буго тIох.

ЦохIо гьеб росдал клуб капиталияб къагIидаялъ къачIазе биччан буго 15 миллион гъурущ. КватIичIого ЧIохъ росулъе бахъизе бугеб цIияб лъел мухъалда хIалтIи гьабизе бихьизабун буго 19 миллион гъурущ гIарацги.

 

 

Хьиндахъ росулъ, «Городская среда» абураб программаялда рекъон гьабун буго гьитIичазе расандизе санагIалъи, чIахIиязе торгIо хIазе майдан, къачIалел руго гьенире нухал…

МохIоре щведал бихьана тIохги хисун, берцинго жанисаги къватIисаги къачIараб ясли-ах.. ГIемерисеб хIалтIул хIасилги бараб букIуна бегавулзабазулги райадминистарциялъулги бугеб гьоркьоблъиялда.

Гьелъул бицуна ахирал соназда, масала, Къорода жалго гIадамазул харжаздалъун гьарулел хIалтIаби цIикIкIунел рукIиналъ. Бачана ЦIияб Къороде кIуядерил лъарахъа лъим, гьарулел руго канализацияби, некIсияб росулъ ралел руго къулгIаби, нухда бетон тIуна. Гьединго гамачI-гъегъалдаса бацIцIад гьабуна хъил тIураб шагьранухги.

Таманаб заман букIана БацIада росдал школалъул спортзал къачIазе тIалаб гьабулеб букIаралдаса. Гьебги хIисабалде босун, капиталияб къагIидаялъ спортзал къачIаялъе тадбирал гьаруна. Гьелъие биччан буго лъабго миллионгун анкьнусазарго гъурущ гIарац. ГьабсагIаталда гьенир тIад ран унел руго хIалтIаби.

Гьеб буго районалъул цIияв бетIерас тIаде гIун бачIунеб гIелалде кIвар кьолеб букIиналъул цоги мисал. ХIалтIуде вахъун заман балелдего районалда лъазабуна гIолилазда гьоркьоса специалистал тIаса рищиялъул къец. Районалда хIаракат бахъулеб буго цебе букIараб къагIидаялъул даражаялде районалъул лъайкьеялъул хIалтIи бачине. ГьабсагIат унеб буго школаздагун ясли-ахазда щартIал лъикIлъизариялъул хIаракатчилъи. Гьедин республикаялъул хIукуматалъул тIадкъай тIубаялъул мурадалда Гъоркьа-КIогьориб, ГIобохъ, Къорода-кьотIа, СалтIа, СильтIа, ГIунтIиб, Шамгъода, КIогьориб, Гъуниб, Ругъжаб росабазул школазда гьарулел руго хинал хIажатханал.

 

 

Кудалиб росдал школалъе кьуна цIияб автобус.

Исана лъагIалил ахиралде гьединалго микроавтобусал рачIине ругилан бицана районалъул бетIерас Шуланиб ва Гъуниб школазеги.

ЦохIо Гьонода гуребги, «I50 школ» проекталъул хIисабалдасан капиталиял хIалтIаби гьаруна СилтIа, ХIутниб, ЧIохъ-Коммуна, СалтIа, Сугъралъ росабазул школаздаги.

Гьединго районалда гIумруялде рахъинарулел руго «Современная школа» абураб федералияб программа ва «Точка роста» абураб регионалияб проект. Гьеб мурадалда биччараб ункъо миллонгун 800 азарго гъурущ щвана Гъуниб, Сугъралъ, Кудалиб росабазул школазе.

КъачIазе байбихьун руго росабазул ясли-ахалги: Гъоркьа-КIогьориб — цо миллионгун 34,3 азарго, СалтIа — кIиго миллионгун нусазарго гъурущ гIарац бихьизабун буго.

Цебехун букIинчIеб къагIидаялъ байбихьун буго районалъул росабазул жанисел нухаздеги кIвар кьезе. Гьедин бихьизабун буго БацIаде нух къачIазе — 14730 азарго, Ругъжабе — 20 миллион, СалтIе — 50 млн, ТIад Гъунибе — 2400 азарго, ХIотIочI-Хьиндахъ- 100 азарго, Гъуниб-БацIада-НакIазухъ нухалъе ичIго миллионгун 700 азарго гъурущ . Гьениб буго нухазда хIалтIи гьабизе букIине проект бахъизе биччарабги.

Гьелде тIадеги республикаялъул нухазулаб фондалдаса МохIоб ва БацIада росабазул жанисел нухазеги бихьизабун буго кIиго миллионгун 404 азарго гъурущ.

РакIалдаго гьечIого бухIуана Кьогъоб школалъул байбихьул классал жанир цIалулеб корпус. Гьенибги хех гьабун гIуцIана хасаб комиссия. Жеги хIинкъараб хIалалда буго Кьогъоб школалъул хутIараб корпусги. Гьениб 2020 соналда цIияб школа базе планалде босун буго.

Гьеб мурадалда МудунхIажи Къадиров щвана Минэкономикаялде ва рагIалде бахъана бачIунеб соналъ Кьогъоб I00 цIалдохъанасе школа баялъул суал.

Гьединго лъай кьеялъул министерствоялъ 2,5 миллион гъурущ гIарац биччалеб буго Гъуниб росдал школалъул спортзал къачIазеги.


 

20I2 соналдаса нахъе тIалаб гьабулеб букIараб Кьогъоб ясли-ахалъе биччазабуна гьелъие гIураб гIарац. Лъел хIалтIаби гьаризе руго СилтIа, Шуланиб росабалъги. ХIотIочIиб къачIазе буго ясли-ах. ЦеречIарал масъалабиги дагьал гьечIо. ЦIидасан базе ккун буго жеги ичIгоги школа. ГьечIо цониги росулъ типалъулаб къагIидаялъ бараб ясли-ахалъул мина.

Гьединалги цогидалги масъалаби дагьал гьечIо районалда. Цо-кIигоги соналда жаниб гьеб кинабго рагIалде бахъунеб хIалги гьечIо. Амма хьул лъезабулеб гьабсагIат гьарулел лъикIал ишаз районалде хинаб гьогьен бачун бачIунеб букIиналъ.

Гьале цебегоялдаса нахъе бицадулъ хутIун букIараб МТС — машинабазулгун тракторазул станция хIалтIизе бичана. Босана гьенибе цIияб кIиго комбайн. Гьелъ рес кьезе буго  къватIиса ккураб техникаялъухъ къватIибе унеб букIараб гIарац районалда жанибго хутIизе. Цебе лъолеб буго туризмги районалъе пайдаяб, хайир кьолеб къагIидаялъ гIуцIизе ккелилан абураб суалги.

 

 

2020 соналда бицен гьабулел программабазда рекъон хIалтIи гьабизе хIисабалде босун буго ХIотIочI, Бухтиб, Сугъралъ росабалъ. Базе буго I993 соналдаса нахъе нухдаго хутIун бугеб СалтIа-Кудали кьоги.

ТIолалъулго хIакъалъулъ гьаниб бицун лъугIиларо. Ратила районалда, гIунгутIабиги, гIоларел рахъалги, гIумруялде рахъинаризе кколел ишалги.

Гьеб киналъулго хIасил гьабун буго районалъул бетIерас ва баркала кьолеб буго районалда бугеб ахIвал-хIалги бичIчIун, сундулъго сабурги гьабун, жигаралда цадахъ хIалтIулезе.

Бихьулеб буго районалъул нухмалъиялде вачIунаго МудунхIажилги районалъул гIадамазулги рукIарал хьулалгун анищал дагь-дагьккун гIумруялде рахъунел рукIин. Гьелдаса рази буго Гъуниб районалъул захIматчагIиги.