«Шамилие къимат кьуна 160 соналъ цебего»

 

(Дагъистаналда динияб гуреб цIалул идараялъе тIоцебе кьуна имам Шамилил цIар)

 

19 ноябралда Гуманитариябгун-гIемеррахъазулаб колледжалде гIезегIан батIи-батIиял гIадамал ракIарун рукIана гьелъие имам Шамилил цIар кьеялда бан.

ТIоцебе гьеб пикру ракIалде ккун буго колледжалъул учредитель Тавлу Казакбиевасда. МухIамадгIали МухIамадов ДРялъул бетIерлъун вугеб заманалда Пачалихъияб Советалда гъорлъги вукIарав, машгьурав чилъун рикIкIунаан гьев.

 

IMG 3407

 

Цинги чанго соналъ Турциялда вукIана. Доба Расул ХIамзатовасул памятникги бана. ГIезегIан магIарулалги нилъер тарихги бокьулев, дагъистаниял миллатаздеги рикьуларев, роцIцIараб гIакълуялъул чи вугоан гьев. Тавлуян цIар букIиналдасанго бихьулеб гьечIебищ гьебилан махсараги гьабуна гьес.

 

 

«Дица имам Шамиль гIицIго магIарулав гIадин гуро къабул гьавулев. ТIолгодагъистаналъулго БахIарчи вуго гьев. ГьабсагIаталда гьечIо миллияб идея абураб жо. Цере рукIунаан Ленин, коммунизм абун батIи-батIиял цIарал. Гьединлъидал гьанже жинда сверухъ унголъунги дагъистаниял цолъулеб цIар Шамилил бугин рикIкIуна дица», — ян абуна Тавлу Казакбиевас «ХIакъикъаталъулгун» букIараб гара-чIвариялда.

 

 

Гьев асир вукIанин абураб пикруялдасаги рикIкIалъизе къваригIун бугоан гьесие. Асирлъуде ккарал чагIазе гьадалгуниял шартIал чIезаризе рес букIинчIила гIурусазул ханас.

Гьеб пикру гьоркьоб лъураб халкъазда гьоркьосеб конференция тIобитIизе ракIалда буго Казакбиевасда тIасияб соналъ. Гьединго Шамилил хIакъалъулъ батIи-батIиял мацIазда хъварал кучIдул ахIулеб фестивальги гьабизе бокьун буго гьесие.

«Имам асир гьавиялъул бицине байбихьана Александр КIиабилевги, Барятинскийги, полковник Лазаревги хун хадур раккарал тарихчагIаз. Гьев лъабавго чияс кибниги абичIо жидеца Шамиль асир гьавунилан», — бицана 19 ноябралда имамасул цIар кьезе колледжалде ракIарарал гьалбадерида Шамилил фондалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Хархачаевас.

Гьес ракIалде щвезаруна гьанже цо-цо хасал чагIаз Шамилиде ралел рогьралги: «Дунялалда бищунго церетIурал гIадамаз Шамилие къимат кьуна 160 соналъ цебего. Гьанже рахъун гьеб гьабизе лъилниги ихтияр гьечIо».

Хархачаевас тIаде жубана жив бищунго разияб жо кканин советияб заманалда Светогорск абун букIараб посёлокалда цIар Шамилхъалаян лъейги, Калугаялда имамасул музей рагьиги, гьанже гьаб колледжалъе Шамилил цIар кьейгиян.

 

 

Гьалбадерида гьоркьой йикIана Халкъияб Собраниялъул Комитеталъул председателасул заместитель Анна Безруковаги.

Жиндие кутакалда асар гьабулин гьесул гIумруялъин бицана гьелъ: «Шамилица щивниги тIамулароан хIалица жинда цадахъ вукIине. Жидеего рекIее бокьунлъиялда чIолаан гьел киналго имамасда аскIор. Гьединго гьесул лъудбиги. Щайгурелъул тIадбалагьун гIадатиявин кканиги, кутакалда къуватаб хасият бихьулаан гьезда гьесулъ.

Дида ккола гьаб колледжалъги имамасул къагIидаялда куцан риччалин гIолилал гьаниса къватIире.

Бокьилаан гьез Шамилил гIумрудул нухги Дагъистаналъул тарихги соцсетаздасан гуреб, хIакъикъиял тIахьаздасан цIалун лъазабизе».

Юрист хIисабалда жив гIажаиблъулин киндай Шамилица, цо хасаб академикияб лъайги гьечIого, додинал, унголъунги пайдаял, ритIарал законалги рилълъанхъизабулеб пачалихъ гIуцIун букIарабин кIалъана МахIачхъалаялъул депутатазул собраниялъул председатель Абулмуслим МуртазагIалиев.

 

 

Хасавюрталдаса чачанав, Шамилил фондалъул нухмалъулесул заместитель ГIумар Жавтаевас бицана жиндир тухумалдаса 11 чи хванин муридзабилъун Шамилида цадахъ рагъулаго.

Гьезул цояв хун вуго 19 сон байдал. Гъазаваталде унелъул эбелалъ гьесие хъахIаб буртина букъун буго. Дуца гьеб ургъунгойищин букъараб, бидул тIанкIал лъазе рукIинеян махсара гьабула гьес эбелалъе. Цинги гьебго сордоялъ чIван, доб буртинадулъги жемун вачIун вуго гьев рокъове.

 

 

«Гьеле гьедин, унголъунги жидер ишалда ракIги чIун, цевехъанасда божилъи гьабун рагъарал умумузул адаб хвезе тезе бегьулеб жойищ? 25 соналъ вагъулаго имамасда бихьараб гIазаб цо къоялъгицин бихьичIел чагIи руго гьанже кIалъазе рахъун», — ян абуна ГIумар Жавтаевас.

Тадбиралъе хасаб берцинлъи кьуна Авартеатралда цебе гIуцIараб «ЧIарадисезул хоралъги».

 

IMG 3498

Цинги, гьеб конференция лъугIун хадуса, киналго рахъана колледжалъул азбаралъуре. Гьенив «балагьун чIун» ватана «имам Шамильги» — гьитIинабго театралъул гIадаб церерахъиналда гьесул роль хIалеб бугоан Даку Асадулаевасул фондалъул нухмалъулев АсхIабгIали ХIасановас.

АхIун рачIун рукIун ратаниги, жидеего бокьун рачIун ратаниги, азбар цIурал (батIи-батIиял миллатазул) чагIи данде гьарун рукIана гьеб тадбиралъ.