Бокьараб мацIалда кIалъала гьанир

 

КIиго батIияб мацI лъалеб бугони, цоялдаса цогидалде щиб бугониги буссинабизе расги захIматаб иш букIинарин абизе бегьула гьеб хIалтIиги жиндаго хъинтIичIев, гьелъул хаслъиги лъаларев чиясда.

 

Амма, хIакъикъаталда, гьеб буго цIакъго кIвар бугеб, таржама гьабиялъе камилаб махщел къваригIунеб хIалтIи. Ингилисгун паранг гIадинал мацIаздаса бокьараб текст гIурусалде буссинабун бажарулел гIадамал гIезегIан руго. Амма расги бигьаяб иш гуро къватIисел пачалихъазулгун Россиялъул цо-цо регионазул къанагIатал (хасго миллияб мацIалда хъвай-хъвагIай гьечIел миллатазул) мацIазда ругел баяназул таржама гьаби. Гьел ва гIемерал цогидал суалал тIурала таржамаялда хурхараб кинабго хIалтIи нухда бачунеб «Таржамаялъул идара — мацIазулаб маслихIат» абураб жамгIияб гIуцIиялъ. Гьелъул нухмалъулев ИсмагIил Таймасхановасулгун гьабураб гара-чIвари бахъулеб буго гъоркьехун.

 

 

— ИсмагIил, дуца нухмалъи гьабулеб гIуцIиялъул аслияб хIалтIи щиб?

 

 

— Нижер аслияб хIалтIи буго батIи-батIиял мацIазда ругел хъвай- хъвагIаял, баянал гIурус мацIалде руссинари. Жибго жиндаго чIараб жамгIияб гIуцIи букIаниги, ниже къайимчилъи гьабула Дагъистаналъул мацIазул, адабияталъул ва маданияталъул институталъ. Нижер идара хIалтIулеб буго 20I4 соналдаса нахъе, гьабсагIаталда гьелда гьоркьов вуго 200-гIанасев таржамачи. ГIемерисеб мехалда таржамаби гьаризе ккола батIи-батIиял судазул гьариялда рекъон. Законалда рекъон, судалде гъоркье ккарал гIадамазул ихтияр буго хIажатал баянал рахьдал мацIалда щвезе. Гьезие гьединаб рес кьезе тIадаб буго пачалихъиял идарабаздаги. Гьединлъидал гьел хIажаталлъун ккола нижер гIуцIиялде хитIабал гьаризе. ХIисаб гьабидал, щуго лъагIалида жаниб нижер хIалтIухъабазул кверзукьан ун буго 46 азаргоялдасаги цIикIкIун документ.

Нижер гьанив гьечIев вакил вуго цохIо монголазул. ВукIана гьеб мацIалъул таржамчиги (Россиялъул гражданин-монголав), амма гьесул хIажалъи букIинчIолъиялда бан, гьев нахъе ана.

 

 

-ТаржамачагIазе харж кин кьолеб?

 

 

— Гьезие чIезабураб харж гьечIо, гьабураб хIалтIухъ мухь кьола сайгъат хIисабалда. РФялъул хIукуматалъул №12040 хIукмуялда рекъон, гьедин гьабураб хIалтIухъ кьезе бегьулеб сайгъаталъул роцен мухIканго чIезабун буго. ГIемерал рукIуна, кумек хIисабалда, ай гIарац босичIого гьарулел хIалтIабиги.

 

 

— Нужерго гIадинал гIуцIаби жеги ругищ Дагъистаналда?

 

 

— Нижеца гIадин рагIа-ракьанде щун, пачалихъиял тIалабазда рекъон хIалтIи гIуцIараб идара Россиялдацин къанагIат гурони гьечIо. Гьединлъидал, Россиялъул гIемерал регионаздаса кумек гьарун нижехъе рачIуна батIи-батIиял идарабазул вакилзаби ва нижер хIалтIухъаби щвечIеб регионги къанагIат гурони батиларо. Дунгоцин щвана Воркутаялде гIунтIун.

 

 

— Таржама гьабизе бокьарал кире, ай щиб адресалда рекъон рачIине бегьулел?

 

 

— МахIачхъала шагьар, Йирчи Хъазахъил къватI, №2 «б». ГIицIго кагътида бугеб таржама бугони, хасаб къотIи-къай гьечIого тIубазе бегьула мурад, кIалзулаб таржама бугони, хъвала къотIи-къай. Масала, Аргъвани росдал рахъалдасан бачIун букIана VII-VIII гIасрабаздаса хадуб, Шамалдаса (Сирия) рачIарал гIарабаз гьезул кIиго росдада гьоркьоб ккараб бахIсалъул хIакъалъулъ гьабураб хъвай-хъвагIай. ХIажат букIана хIакъикъат загьир гьаби. Нижеца данде гьаруна лъикIаб хIалалда гIараб мацI лъалел, рехсарал хIужабазе къимат кьезе кIолел гIалимзаби ва рагьана некIсияб заманалда букIараб тарихияб хIужа.

 

 

— Таржама гьабизе бищун захIматаб мацI щиб батараб?

 

 

— ЗахIматаллъун рикIкIине бегьула рутулазул, цIахуразул, цIакъго гIемерал свералаби ругеб табасараназул мацIал. Жибго мацI гIемер захIматаб гьечIониги (гIуцIиялъул рахъалъ гьеб гIагараб буго магIарул мацIалде) гIараб мацIалда хъвараб документги буго таржама гьабизе цIакъго захIматаб.

 

 

— ГьабсагIаталда магIарул мацIалъул бугеб ахIвал-хIалалъе щиб къимат дуца кьолеб?

 

 

— Дир пикруялда, росабазул администрациязда тIадаб буго административияб нухмалъиялда гьарулел хъвай-хъвагIаял рахьдал мацIалда гьаризе. Гьедин гьабизе лъицаниги гьукъунги гьечIо. Киналго кагътал гьедин хъвалел ругони (загIипго гIурус мацI лъалев чияс шагьаралъул бокьараб идараялдаги хIалтIизабизе бегьула рахьдал мацI, гьебги гьукъун гьечIо) гьелдалъунги мацI цIуниялъе квербакъи щвелаан. Дагъистаналъул мацIал лъугIун иналъе хIинкъи букIиналъе гIилла буго нилъеца гьел хIалтIизарулел гьечIолъи. Советияб заманалда пачалихъиял документалцин (лъимер гьабиялъул, хIалтIул ва гь.ц.) рукIана гIурус ва миллиял мацIазда хъварал. Миллаталъул, маданияталъул, тарихалъул бечелъи рахьдал мацIалда гIадин загьир гьабизе кIоларо. Таржама гьабураб мацI релълъуна тIансаялъул нахъисеб рахъалда, гьединаб накъищ гIемер загьираб жо букIунаро. Рахьдал мацIалда гIадин гъолъул берцинлъиги, тIокIлъиги, гьайбатлъиги цоги мацIалда загьир гьабизе кIоларо.