Дагъистаналъул тарихалда 300 машгьурав магIарулав

(Цебесеб 46-номералда)

 

МухIу ГIалиев (1940)

 

 

Муху

 

ГIалиев МухIу – советияв ва Россиялъул политикияв хIаракатчи, ДРялъул тIоцевесев президент, философиял гIелмабазул доктор.

 

Гьавуна 1940 соналъул 6 августалда Хунзахъ районалъул ТIануси росулъ.

1962 соналда лъугIизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул филологияб факультет ва 1969 соналда гьенибго аспирантура. 1962-1964 соназда хIалтIана ЦIумада районалъул Гъоркьа Гьаквари росдал школалъул директорлъун.

1964-1966 соназда МухIу хIалтIана ДГУялъул ВЛКСМалъул комитеталъул секретарьлъун. 1966-1969 соназда лъугIизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул аспирантура. 1969-1972 соназда хIалтIана ВЛКСМалъул МахIачхъала шагьаралъул комитеталъул тIоцевесев секретарьлъун.

Гьелдаса хадуб, 1972 соналда, гьев вищана КПССалъул МахIачхъалаялъул Советский райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун ва гьенив хIалтIана 1983 соналде щвезегIан.

1983 соналда МухIу Гьиматович хIалтIизе вачана КПССалъул обкомалъул гIуцIиялъулаб ва кадрабазул отделалъул нухмалъулесул заместительлъун, 1984-1990 соназда — отделалъул заведующийлъун.

1990-199I соназдайин абуни М. ГIалиев хIалтIана партиялъул Дагъистан обкомалъул тIоцевесев секретарьлъун. Гьев вукIана ДАССРалъул 9-11 ахIиялъул (1978-1990) Верховный Советалъул депутатлъун, ва 1990-199I1 соназда КПССалъул ЦКялъул членлъунги.

199I соналъул декабралда М. ГIалиев вищана республикаялъул Верховный Советалъул председателасул заместительлъун, 1994 соналъул июлалдайин абуни — Дагъистаналъул Верховный Советалъул председательлъунги.

1995 соналда гьев вищана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун ва гьебго соналъул апрелалда – гьелъул председательлъунги.

МухIу Гьиматович 1996 соналдаса нахъе кколаан Россиялъул Федералияб Собраниялъул Федерациялъул Советалъул членлъунги.

2003 соналъул 30 марталда гьев нахъеги вищана Халкъияб Собраниялъул депутатлъун ва 3 апрелалда гьелъул председательлъунги.

2006 соналъул 20 февралалда Россиялъул президент В. Путинил бихьизабиялда рекъон, МухIу ГIалиев вищана Дагъистаналъул тIоцевесев президентлъун.

 

 

2006-2010 соназда Дагъистаналда кIвана 2,5 нухалда цIикIкIинабизе валовияб региональнияб продукт. Республикаялде рачIунел инвестициялин абуни щибаб рухI рикIкIун хIисаб гьабулеб къадар Югалъулаб федералияб округалда нилъер букIана бищунго цIикIкIараб. ГIемераб хIалтIи гьабуна социалияб рахъалъ гIадамазе кумек гьабиялъул мурадалда: анцI-анцI цIиял школал рана, гьениб лъималазе чIезабуна хинаб квен, кризисалъул заман букIаниги, цIикIкIинабуна лъималазе щолеб пособие, 70 проценталъ цIикIкIинабуна библиотекаразе харж, «Лезгинка» ансамблялъул, балеталъул ва операялъул театралъул хIалтIухъабазе, журналистазе I,5 нухалда цIикIкIинаруна харжал. Цересел партийниял хIалтIухъабазе борхизабуна пенсиязул къадар, чIварал милиционеразул хъизамазе кьуна рукъзал…

 

 

Амма 4 соналда жаниб Дагъистаналда кьучIдасанго ахIвал-хIал хисизабизе захIматаб суал букIана. Щайгурелъул СССР бихаралдаса анцI-анцI сонал аниги, жеги гьебгицин рукIалиде ккун гьечIелъулха.

ВатIаналъе гьабураб ракIбацIадаб хъулухъалъе гIоло М. ГIалиев мустахIикълъана 4-абилеб ва 3-абилеб даражаялъул «ВатIаналъе гьабураб хъулухъалъе гIоло» орденазе ва гIемерал медалазе. МустахIикъаб хIухьбахъиялда вугониги, МухIу Гьиматовичас жигараб гIахьаллъи гьабула республикаялъул жамгIияб гIумруялъулъ.

 

 

ГIабдула ФатагIалиев (1939)

Абдула Фаталиев

 

– Дагъистаналъул халкъияв артист. Гьавуна 1939 соналъул 22 апрелалда Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ. Анкьго сон тIубарав ГIабдула Хунзахъ гьоркьохъеб школалде цIализе лъугьана. Гьеб заманалда ГIабдулал эмен хIалтIулев вукIана Хунзахъ районалъул НКВДялъул начальниклъун.

5-7 классазда цIалана Сугъралъ школалда. 1956 цIализе лъугьана Буйнакскиялъул медучилищеялде ва 1959 соналда Советияб армиялда хъулухъ гьабизе ана.

Рагъулалгун гьаваялъул частазда хъулухъ гьабулаго, ГIабдула 944 нухалда кIанцIана парашюталдасан. Гьев ккола парашютазулабгун десантазул хъулухъалъул инструктор.

СССРалъул ВДВялда хъулухъ гьабулаго, гьес гIахьаллъи гьабуна: 1967 соналда Г1агараб бакъбаккуда ккарал лъугьа-бахъиназулъ; 1968 соналда Варшаваялъулаб къотIи-къаялъул аскаргун Чехословакиялда «Дунай» операциялъулъ; 1979-1982 соназда Советияб армиялъул аскаргун Афгъанистаналда.

Белоруссиялда армиялда хъулухъ гьабулаго, Минскалда цадахъго лъугIизабуна университеталъул тарихияб факультетги.

ВатIаналъе гьабураб хъулухъалъе гIоло ГIабдула Фаталиев мустахIикълъана 5 медалалъе.

 

 

Мутай Хадулаев

 

Мутай Хадулаев

Мутай Хадулаев (1940) — Дагъистаналъул халкъияв артист, Россиялъул мустахIикъав артист, халкъиял бакъназул устар. Гьавуна 1940 соналъул I4 маялда Лаваша районалъул ХахитIа росулъ. ГIагараб росулъ школаги лъугIизабун, Мутай цIализе лъугьана МахIачхъалаялъул Г. ХIасановасул цIаралда бугеб музыкалияб училищеялде.

Гьесул бакънал рачине бугеб гьунар лъугьана республикаялъул музыкалияб искусстовоялъул бутIалъун.

Мутайица гIемерал соназ хъулухъ гьабуна республикаялъул машгьурал творческиял коллективазда: миллиял инструментазул оркестралда, Дагъистаналъул кучIдузул ва кьурдабазул ансамблялда, республикаялъул кьурдабазул академикияб ансамбль «Лезгинкаялда».

«Лезгинка» ансамблялда кьурдулев вац МухIамадил гьунаралда рухIдаллъарав гьесул творческияб гIумру байбихьана 1956 соналда, музыкалияб училищеялъул мугIалим Х. Ханукаевасул классги лъугIизабун.

КIиго соналдасан гьес гIахьаллъи гьабулеб букIана Дагъистаналъул С. Керимовасул нухмалъиялда гъоркь бугеб миллиял инструметазул оркестралда.

Гьунарчиясул рекIелъ кIудияб лъалкI тана 1960 соналда Москваялда Дагъистаналъул искусствоялъул декадаялда гьабураб гIахьаллъиялъ. Гьел къоязда оркестр цебебахъана тахшагьаралъул гIемерал сценаязда. Гьезда Москваялда дандчIвай гьабуна машгьурав актер Михаил Жаровас. Гьел цере рахъана Кремлялъул кIалгIаялдаги.

1965 соналда коллектив ахIана Москваялда тIобитIулеб КIудияб ВатIанияб рагъ лъугIаралдаса 20 сон тIубаялъул хIурматалда гьабулеб сухIматалде. Гьениб гIахьаллъи гьабулеб букIана Совет Союзалъул маршал Георгий Жуковасги. Мутайил кеманчаялъ хIайран гьарулел рукIана балагьарал.

90-абилел соназда Мутайица, жиндир гьунар дагьабги цебетIеялъе ресги кьолаго, гIуцIана щуго чиясдаса данделъараб «Ай-лаззат» абун цIар тараб хасаб ансамбль. ГIемер кватIичIого гьелъул цIар тIобитIана Дагъистаналда гуребги, гьеб бахун къватIибги. Гьунар бугеб коллектив щвана Магаданалдаса байбихьун, Калининградалде щвезегIан ва улка бахун къватIибеги — Голландиялде, Франциялде, Италиялде, Германиялде, Бельгиялде, Турциялде.

Жакъа Мутай Хадулаевич хIалтIулев вуго «Лезгинка» ансамблялда.