Ресги бугони, резги бугони, кIигоги ячуней

Цо лъади — цо унти, кIиго лъади — кIиго унти

 

Сентябрь моцIалъул ахирисел къоязда «Россия-24» телеканалалдасан кьолеб букIараб передачаялда Россиялъул бусурбабазул идараялъул нухмалъулев, муфти Равил ГIайнудиница бицана цIикIкIарасеб къадаралда бусурбабаз гIумру гьабулел регионазда цо яги кIиго лъади ячин законияблъун гьабуни лъикIаб букIинаанин.

 

 

Гьединабго пикру буго Москва шагьаралъул муфти Илдар ГIаляудиновасулги. Регионал цIехечIого, улкаялдаго лъудби гIемер рачунеб къагIида тIибитIизаби лъикIаб букIинин абуна гьесги. Гьедин гьабуни, гIемерго дагьлъила киса-кибего тIегьалеб бугеб хъахIбалъи. Гьеб къагIида цебего хIалтIулеб буго Татарстаналда, Чачаналда, Дагъистаналда ва цо-цо цогидалги регионазда. Россиялда бихьиназдаса руччаби I0 миллионалъ цIикIкIун руго, гьединлъидал лъудби гIемер рачин законияблъун гьаби рикIкIине ккола бихьинчияс кIиабилей ва лъабабилей лъадиялъул ихтиярал цIуни жиндего тIаде босилъун.

 

 

Лъудби гIемер рачиналъул суал гьанже борхараб жо гуро. 20I5 соналдаго Чачан республикаялъул бетIер Рамзан Къадировас абун букIана: «Лъудби гIемер рачиналъул аслияб магIна ккола цIуял жалазда сверун бихьинал сентIечIого рукIиналъе ва гIемерал лъимал гьариялъе умумузго ургъараб камилаб тадбир. Щай бегьулареб бихьинчияс кIигоги, лъабгоги, ай жинда хьихьун бажарулеб къадаралда (шаргIалда рекъон) лъудби рачине», — ян.      

Казаналъул мажгиталъул имам Илнар Зиннатулиница бицана: «ЧIужугIадан киданиги разилъуларо росас кIиабилей лъади ячине. Амма росас гъоркь йигелда кIиабилей чIужу ячараблъи бицинчIониги, ригьин хIакъикъияблъун рикIкIуна», — ян.

 

 

Россиялъул динияв ва жамгIияв хIаракатчи Андрей Кураевас абулеб буго лъудби гIемер рачин улкаялда билълъанхъизабулеб букIанила Россиялъул империялъул заманалдаги. «Дица рикIкIуна гьеб хIинкъизе ккараб масъала гурилан. Масала, Россиялда Кавказалъул бусурбабаз гIумру гьабулаан шаригIаталъул законазда рекъон, гьезул бихьиназ кIигоги, лъабгоги лъади ячин букIана гIадатияб ишги», — ян бицана А. Кураевас.

ШаригIаталъги абулеб буго лъудбузе къваригIанщинаб чIезабун бажаруларев бихьинчияс кIиабилеб ригьин гьаби хIарам кколин. ШаргIалда рекъон, бусурбанчиясул ихтияр буго ункъо чIужу ячине. Гьездехун ритIухълъи чIезабун, кванидалъунги ратIлидалъунги хьезарун ва мина-рукъалъе санагIалъи гьабун бихьинчиясухъа бажарулеб бугони, гьес ункъоги ячине бегьула. Амма исламалъ лъикIаблъун рикIкIуна цо лъиди йигеб хъизам, кIиабилей ячине бегьула рес къотIидал, масала, лъади лъимер гьабуларей йигони.

Россиялъул законалда рекъон, гьукъараб буго чанго чIужу ячине. ЗАГСалда гьабуларо кIиабилеб ригьиналъул хъвай-хъвагIайги. Амма гIемерисез гьеб иш магьариги лъун тIубазабула. Аслияб къагIидаялда кIиабилеб ригьинги гьабула ресалда ругел бихьиназ, ай кIиабилейги хьихьун бажарулез.

 

 

Гьаб макъала хъвалаго ракIалдещвана цо гьадинаб лъугьа-бахъин. Пуланаб унтиялъ кIвекIулей лъадуца, гьоркьоса къотIичIого, росасда абулеб букIун буго: «Гьаб унтудаса дун йорчIуларо, дуеги магIишат гьабизе лъади ячинчIого мун тIуваларо, дун чIаго йикIаго цIияй лъади яче», — ян. Ячун йиго гьесги. Ригьин баркизе рачIаразда унтарай лъадуца абулеб букIун буго: «Росас цIияй лъади ячараблъи лъайдал, цIадул горде ретIараб гIадаб асар лъугьана чорхое», — ян.

 

 

Гьеб масъалаялда тIасан цо-цоязул пикруги цIехана нижеца. Масала, гIалимчи МухIамад ГIабдурахIмановас абуна:

— Гъоркь йигей лъадиги къварид гьайичIого, тIаде ячаралъеги гIумру гьабиялъе лъикIал шартIал чIезарун бажарулев бихьинчиясе исламалъ изну кьола кIигоги, лъабгоги чIужу ячине. Амма кеп-гIоркьалъе гIоло кIиабилей лъади ячин ккола хIакъ бугеб жо. ШаргIалда буго, руччаби къоролъуда тогейин абун. Бесдаллъиялда, язихълъиялда ва къороллъиялда ругел руччаби кIиабилей ва лъабабилей лъадилъун ячин, кири цIикIкIаб жоги ккола», — ян.

 

 

Лейла АхIмадова, лъаялда рекъараб хIалтIи балагьулей йигей гIадан:

— Дун киданиги разилъиларо росас кIиабилей лъади ячине. Щайгурелъул, дида ракIчIун лъала нилъер бихьиназ цого хIалалда лъудби хьихьулареблъи. Щияй чIужугIаданалъе бокьула гъасда жинцаго ханлъи гьабизе. БатIияб жо буго гъоркь йигелъул разилъи бугони.

 

 

ГIали МухIамадов, мустахIикъаб хIалхьиялда вугев пенсионер:

— ШаргIалда буго хьихьизе бажарулеб бугони, гIадлуялдаги чIолел ругони, бихьинчияс ункъоги чIужу ячине бегьилин абун. Амма лъудби рачине ккела магIишаталъухъ ва гIадлу гьабизе бугеб бажариялъухъ балагьун. ГIадатияв чиясе цо лъади гIунги тIокIай йиго. Абиги гьечIищха, «цо чIужу — цо унти, кIиго чIужу — кIиго унти», — ян абураб.

 

 

Саида ТIагьирова, учительница:

— Дидаса балъго росас цоги чIужу ячун ятани, дица гьесда битIахъе «мама» бачинабила. Амма бихьинчиясда кIигоги лъабгоги лъади хьихьун бажарулеб бугони, россал гьечIел руччабазе гьеб лъикIаб садакъа букIина. Чара гьечIого гъоркь йигелъул разилъи цIехезе ккелаха.

 

 

Цо-цо экспертазул баяназда рекъон, Россиялда бихьиназул 90 проценталъ лъудбузеги, лъудбузул 60 проценталъ росабазеги хияналъи гьабулеб буго. Гьелъул хIасилалда, лъималазул 30 процент кколеб буго къватIулъа гьарурал. Гьелъул хIасилалда ккола квешал унтаби, биххула хъизамал, гIемерлъула къватIахъ хутIарал лъимал… Гьединлъидал, лъудбиги лъималги хьихьизе гIураб ресалда ватани, законалъ бихьинчиясе изну кьезе ккола чанго ригьин гьабизе.