МагIарухъа гIиял гьан, Сибиралдаса ритIучIил тIом

ТIолабго Россиялъул гIиял 20 процент буго Дагъистаналда

 

Республикаялъул гочинабулеб гIи-боцIухъанлъиялъул центрлъун, «тахшагьарлъун» рикIкIунеб Кочубей поселокалда бугеб гьеб хъулухъалъул управлениялда 23 ноябралда тIобитIана кIудияб тадбир-данделъи.
Данделъиялда цере росарал аслиял суалал рукIана: лъарагIлъиялде гIи гочинабиялъул исанасел хIасилазул хIисаб гьаби ва хасел нухда тIамиялъе магIишатазул бугеб хIадурлъиялъе къимат кьей. Данделъиялда гIа­хьал­лъана хIукуматалъул бетIе­ра­сул заместителасул ишал тIуралев Билал ГIумаров, росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министрасул ишал тIуралев Керимхан ГIабасов, Халкъияб Собраниялъул, Ветеринарияб комитеталъул специалистал, магIишатазул нухмалъулел. РукIана Москваялдаса, Петербургалдаса, Став­рополь краялдаса гьалбалги- гIел­миялгун производствоялъулал хIалтIухъаби. 5.3 млн гIанасеб (официалиял баяназда рекъон) гIиги (гьеб рахъалъ Россиялъул киналго регионазда гьоркьоб Дагъистаналъ ккола тIоцебесеб бакI) цо миллион гIанасеб чIегIербоцIиги ругеб нилъер республикаялда, гIи-боцIухъанлъиялъул бугеб кIварги, церечIарал масъалабазул гIатIилъиги цIикIкIун рехсечIониги бичIчIула. Жакъа гьаниб тIадчIей гьабуна гьезул чангоялда. Исана ихдал магIарухъе, риидалил мучIдузде гочана цо миллионгун 229 азарго гIи, гьелдаса 208 азарго автотранспорталдалъун. ГIиял цо къадар риидал тана Ставрополь краялда, Калмыкиялда, Чачаналда. Гьеб суалалда хурхарал руго гьелда цадахъго раккулел цо-цо масъалаби. ТIоцебе, гIи гочинабулел нухазда сверухъ ккола лъугIи гьечIеб дагIба-къец: жал бетIергьанал ракьазги, гьезда тIад ралел объектазги соналдаса соналде къварид гьабулеб буго гьезул гIатIилъи. КIиабизе, гIемерал магIишатаз цIу­нулеб гьечIо 1947 соналдаго чIезабураб (жеги хисизабичIеб) гIо­доблъиялда бихьизабураб заманалъул (1 октябрь — 1 май) низам. ГIи къватIибе бахъуна кватIун, гьелда рекъон цIикIкIуна ракьалда бугеб цуй, тохлъула гьелъул даража, захIмалъула хасел тIамиялъе хIажатаб рагIи-хер хIадуризе. Лъабабизе, субсидиял, гьезда сверухъги ккана гIезегIан бахIсал. Советияб заманалда, хадубккун 2012 соналде щвезегIанги Кочубей зонаялдаса гIи мугIрузде рехулаан маххул нухдасан, вагоназда жаниб. Багьа (тарифал) цIикIкIиналда бан, гьеб къагIидаги тун, 2012 соналдаса нахъе байбихьана гьеб автотранспорталдалъун баччизе. ГIиял цо бетIер рикIкIун, гьелъул багьа бахунаан 120 гъуршиде, гьелъул 60 гъуруш кумек хIисабалда (субсидия) пачалихъалъ нахъбуссинабулаан бетIергьабазухъе. Ахираб лъабго соналда, бюджеталъул рес гIоларого букIиналъ, гьеб субсидия кьей тана. Гьелда цадахъго, цо чахъу-цIцIеялъе гьанжелъизегIан кьолаан 100 гъуруш. ХIисабалде босун буго, тIасияб соналдаса байбихьун, республикаялъул бюджет къабул гьабун хадуб, гьеб субсидиялъул къадар цIикIкIинабизе.
ГьанжелъизегIан магIарухъа гIатIиракьалде гочинабун буго цо миллионгун 220 азарго бетIер гIиял, гьелдаса автотранспорталда 183 азарго бетIер. Гочинабулеб гIи-боцIухъанлъиялъул ракьалда, гIаммаб куцалда босун, исана хасел тIамизе ккола миллионгун 546 азарго гIияца, 220 азарго чIегIерхIайваналъ, ва 3400 чоца. Гьеб къадаралъе къваригIуна 430 азарго тонна рагIи- хералъул. Гьелдаса, 20 ноябрала ругел баяназда рекъон, хIадурун буго 201 азаргоялдаса дагьаб цIикIкIараб тонна, гьеб ккола хIажаталъул бащдалде бахинчIеб къадар. Гьединлъидалги цо-цо магIишатаз дагьаб халат­бахъинабуна риидалил мучIдузда заман. ГIемерал магIишатазул рахIат­хвезабулеб масъалалъун лъугьун буго гьитIинаб гарцIалъ ракьалда бижулебщиналъе гьабулеб кIудияб заралги. Гьеб тIибитIулеб буго цIакъ гIатIидго. Исана гьеб рещтIараб ракьалъул гIатIилъи бахана 130 азарго гектаралде, амма гьелда данде 28 азарго гектаралда гурони загьру хIалтIизабун бажаричIо. Бугеб хIалалда разилъани, гарцIалъ жеги эркенго бугеб ракьги хехаб хIалалда талавур гьабизе букIин хIакъаб жо буго. ТIасияб соналда гьеб балагьалдаса цIуниялъе цебеккунго гIарцил сурсатал хIисабалде росун ругин баян кьуна министрас. Ветеринарияб комитеталъул специалистаз бицухъе, гьеб хъулухъалда тIадал, гIи-боцIи унтабаздаса цIуниялъе гIуцIарал тадбирал тIуралел руго планалда рекъон, берцинаб хIалалда. Гьезго киназдаго ракIалдещвезабуна, цIияб соналдаса байбихьун, кинабго гIи-боцIуе электронияб сертификат щвей тIадаблъун букIин. Гьелъие комитеталда рихьизарун руго хасал хIалтIухъаби. Халкъияб Собраниялъул вакилас рорхана цоги кIвар бугел масъалаби. ТIоцебесеб, гочинабулеб гIи-боцIухъанлъиялъул ракьазул чIванкъотIараб статус гьечIолъиялъ (гьеб бичIчIиялъулъ батIи-батIиял «кьерал» рукIиналъ)гьарулел кIвекIенал. Бицана гьеб суал мухIкан гьабиялда тIад хIалтIи гьабулеб букIинги. КIиабилеб, артезианазул, буругъазул хIал. Гьесул рагIабазда рекъон, гьеб зонаялда буго ункъазаргогIанасеб лъел буругъ, гьезул 40% буго къуват лъугIараб, цIигьабизе ккараб. ХIалтIулез къватIибе кьолеб лъимги буго даража чучлъараб, химиялъулаб жубаялъ инсанасул сахлъиялъе зарал кьезе рес бугеб. Гьес бичIчIизабуна, суал кIвар кьечIого тани, хадубккун гьелъ захIматал хIасилазде рачине бегьулеблъи. Министрас абуна, буругъазул иш тIубаялъе гIоло, 2018 соналда Федералияб программаялда гьоркьоре лъугьине хIаракат бахъулеб бугилан. Гьенибго бицана рагIи-хералъул стратегияб нахърател чIезабиялъе цо цо хасал магIишатазе (ГУПал) гьабизе бугеб квербакъиялъул хIакъалъулъги. МагIишатазул нухмалъулез рорхана киназего гIаммал, мисалалъе, техника херлъун букIиналъул, цIияб босизе гьечIеб ресалъул хIакъалъулъ суалалги.
Киналъулго хIасил гьабун, абизе бегьула тIадегIанаб хIалуциналда цадахъго пайдаяб куцалда анин данделъийилан.

ГIезабуна, сверизабуна, бичана

Гьелдаса хадуб вице-премьерги, министрги, гьезда цадахъ ругелги щвана Нугъай районалъул Терекли-Мектеб росдада аскIоб бугеб «Агросоюз» СПОКалъул (гIаммал магIишатазул тайпа) гьанае боцIи хьихьулеб комплексалде ва тIом-къехь къачIалеб, сверизабулеб цехалде. СПОКалъул буго гIатIидаб ракь, гьелъул цо бутIаялда тIасияб соналда рекьизехъин руго могьолал культураби, люцерна. Гьениб буго тайпадулаб боцIи гьанае хьихьулеб ферма-комплекс, къасабхана, тIадегIанаб даражаялда тIом-къехь къачIалеб цех. ТIом-къехь къабул гьабула гIадамазухъа, буго жидергоги. Сибиралдаса гьенибе бачIунеб буго ритIучIил тIомги. Гьенир къачIарал, Турциялда релъарал гьезул лакайдул хIажалъи нилъер гьаниб гуреб (хьитазе, ратIлие ва цогидалъе) буго Германиялдацин (Мерседес ва БМВ автомашинабазул салоназе). Гьазул гьан босула Ираналъги, нилъер гьанибалдаса хираго, 350 гъуршиде кило гьабун. Гьенив хIалтIулев вуго Турциялдаса специалист, гьеб масъала бигьаяб гьечIониги, Ираналъулгун Турциялъул бухьенал гIатIид гьариялда тIадги, хIалтIулел руго гьал. Къокъ гьабун абуни, СПОКалъул хIалтIул буго тIубараб, дандещвараб цикл: гIезаби, сверизаби, бичи. Министрас бицаралда рекъон, исана, конкурсалдаги бергьун, «Агросоюзалъе» щвана 43 млн гъуруш грант. Гьадинал, хIакъикъаталдаги хIалтIулел магIишатазе кумек гьабизе кидаго хIадурав вугин живан тIадеги жубана гьес. Живгоги, школа лъугIун хадув, вехьлъунги хIалтIарав, гIезегIан соназ совхозалъул директорлъунги вукIарав, росдал магIишаталъул хIалтIул тIагIамги гижиндаго лъарав ГIабасовас, кIвар кьуна дида битIараблъун бихьараб кIиго хIужаялде:
1. Советияб заманалда районазул росдал магIишаталъул управлениял рукIана Росдал магIишаталъул министерствоялъул нухмалъиялда гъоркь, гьабсагIаталда гьел руго райадминистрациязулъ. ХIалтIул низам цIуниялъеги, гьелъул даража борхизабиялъеги битIараблъун букIина гьел министерствоялде нахъруссинаруни.
2. ТIасияб соналъул май моцIалда Кочубеялда тIобитIизе буго Вехьасул къо.
ТIагIунгеги боцIухъабазул гIумру­я­лъулъ­ги Байрам.
ГIабаш ГIабашилов