ЧIикIаб росдал сипат-сурат цо-цо мехалда макьилъцин бихьула

 

Нижер букIана кIиго росу: Басрияб ЧIикIаб ва ЦIияб ЧIикIаб. Басрияб ЧIикIаб букIана Сулахъ гIурул квегIаб рахъалда, ЦIияб ЧIикIаб — Сулахъ гIурул кваранаб рахъалда. ЧIикIасез гьелда абулаан Авлахъ росуйин.

Нижер хъизамалъ гIумру гьабулеб букIана Басрияб ЧIикIаб. Дир эмен, ГIусманил ХIажи, вукIана кверда махщел бугев чи. Гьабулаан къебелъигун цIулал устарлъи, къачIалаан чIунтарал гьабал. Дир инсул умумулги рукIун руго гьединалго махщел бугел чагIи. Инсул имгIал ХIамзатил Авлахъ росулъ букIана мина. Гьелъул азбаралъусан бихьулаан Сулахъ гIурул хехаб чвахиги, рукIана Басрияб ЧIикIаб росдал гIор бахун дорехун рукIарал балагьарал гIажаиблъизарулел мокьрол, цIолбол ва цIулакьодул ахалги.

 

 

 

92276754d2d55ab564abf5e823b5e509

 

 

Дир инсул имгIалзабазул букIун буго 9 гьобо. Гьел хIалтIулаан сентябрь моцIалдаса бахъараб май моцIалде щвезегIан. ХутIараб заманалда, гIорги щун, гьел лъелъ тIерхьунаан. Рагъул заманалда гIоралъ босун бачIунаан билбагIараб гIеч. ГIурул кIиябго рагIал цIун букIунаан гIечул. Ниж, гIисинал лъимал, унаан гъираялда гьеб бакIаризе. ГIеч гуребги, чIалабиги рачIунаан гIоралъ росун. Лъеца рагIалде рехарал чIалаби гIадамаз жидеего росулаан.

 

Дир инсул имгIал ХIажияв, кулаклъунги гьавун, Сибиралде витIана. Туснахъалда каранзул унтиги ккун, рокъове виччан вачIана ва мехго балелде хвана I942 соналда. Вац Сибиралде витIараб мехалъ, гьесул вац ХIамзатги, гIемераб мехалъ вахча-хъван, Казбек районалда вукIана.

 

Басрияб ЧIикIаб росдал колхозалде дандеккун, ЦIияб ЧIикIаб (Авлахъ росдал) колхоз бечедаб букIана, щайгурелъул захIматкъоязухъ кьолаан ролъ, цIоросаролъ, хIан, гьан ва цогидабги. ЦIияб ЧIикIаб букIун батилин ккола I50-I60 цIараки. Росу букIана битIараб бакIалда. Щивав чиясул рукъалда аскIоб букIана ах (бахча). Росдада аскIорго рукIана колхозалъул ахалги. Ахал лъалъазеги гьекъезе лъиналъеги бахъун букIана лъим, кIиго трубаги лъун. Лъим бахъун букIана Басрияб ЧIикIаб букIараб Ахъсу лъаралдасан, Сулахъ гIоралда тIасан чIедерабго маххул кьоги лъун, I937 соналда.

 

Авлахъ росулъ колхозалъул председательлъун гIемерал соназ хIалтIулев вукIана Агъаев Юсупдибир. Гьев вукIана хIалтIи лъалев чи. Росдал колхозги, щибаб соналъ хIатIухъабазе захIматкъоязухъ доход кьолеб букIиналъ, цебетIураблъун рикIкIунаан.

 

I94I соналъул сентябрь моцIалда Юсупдибирица дир эмен ХIажи, жиндихъегоги ахIун, гьарун буго, мун гIадинав махщел бугев чи къваригIун вугин, колхозалде лъугьайилан. Эмен разилъун вуго ва нижги ЦIияб ЧIикIаре гочана. Инсуца колхозалъе гьабулаан къебелъи, гьарулаан гьакибурдул, гьакал. КватIичIого колхозалъ нижее кьуна гIакаги.

 

Исана апрель моцIалда 75 сон тIубала ниж чачаналъе гочинаруралдаса. I944 соналъул март моцIалда росулъе вачIана Буйнакск районалъул тIоцевесев секретарь ва Басрияб ЧIикIаса советалъул председатель (кIиябго росдал совет цо букIана). Бицана хабар, партиялъул хIукмуялда рекъон, ниж бечедаб бакIалде гочинарулел ругин. Гьелда гIадамал разилъичIо, киназго инкар гьабуна. Нахъеги кIиго анкьидаса вачIана гъовго тIоцевесев секретарь, гьабуна доклад, нуж бокьун ани, нужее хIукуматалъул кумекги букIине бугин, разилъичIони — чачанал гIадин, хIалица ритIизе ругин. ЖамагIат кIи бикьана. РазилъичIониги росулъа гочине ккана гьанжесеб Ножай-Юрт районалъул ГъалайтIа росулъе.

 

I944 соналъул I2 апрелалда нижер рукъалъул кIалтIа чIана кIиго гьоко: цояб нижее, цояб мадугьаласе. Цо гьакида лъезе кIвараб къайиги босун, ниж Буйнакскалъул вокзалалде щвана. Гьениб бана лъабго къо. Хадуб къайи баччулеб поездалдаги рекIун, щвана Хасавюрталде. Гьениб бана 8 къо, машинабазул ирга щвезегIан. Дунял букIана квачараб, тIаса накIкI босичIого ралел цIадалги рукIана. Гьедин ниж рукIаго, талихIалъ, ниж цIехон вачIана Хасавюрталда гIумру гьабун вукIарав умумузулго гьобол, мунагьал чураяв ЦIобокьа МахIатI. Гьес ниж рокъоре рачана. Гьесул рокъоб анкьго къо бана. Ахир-къадги «Студебекер» машинаялда къайиги лъун, ниж ГъалайтIа росулъе щвана. Нижее щвараб рукъ букIана цIи бараб, нуцIби-гордал гьечIеб. Хъата-масан ралагьана инсуца басриял нуцIби-гордал, заманалдасан цIиял лъуна. Лъим босулаан Ахъайсу лъарахъа. Гьеб букIана хIабургъараб, къоялъ тIокIкIинегIанги тун, гьекъолаан. Гьеб лъедалъун унтаралги гIемерлъана. Гьеб мехалъ колхозалъул председательлъун вукIана мунагьал чураяв МухIамадгIалиев ГIумар. КватIичIого гьев районалде вачана.

 

Инсуца бицунаан жив райкомалде ахIанин ва тIоцевесев секретарас (гьев вукIанин ккола Мачиев) абунин, нижеда мун ЦIияб ЧIикIаб колхозалъул председательлъун тIамизе ракIалда бугин. Инсуца абун буго жинда дагьабго къадаралда гурони хъвай-хъвагIай лъаларин. Гьесдаги абун буго мун гурони гьеб хIалтIи тIадкъазе чи гьечIин.

 

hqdefault

ПалхIасил, гIуцIана 4 бригада. Дагьабго бакIалда чачаназ бекьун батараб ролъ ралел цIадаз лъилъизе толеб букIинчIо. Колхозалъул заместительлъун тIамуна Дадаев Салман (МахIачхъалаялъул мэрасул инсул эбелалъул эмен). Салман вукIана ракIбацIцIадав, тIадкъараб иш тIубазабулев инсан. Гьесул вас Салманов ГъазимухIамадица лъугIизабуна ДГУялъул историялъул факультет, тIамуна МахIачхъала шагьаралъул горкомкомсомалъул секретарьлъун, хIалтIана политехникияб институталда. ЦIунана диссертация, вахъана тарихиял гIелмабазул кандидатлъун. Гьев ккола ЧIикIаб росулъа тIоцеве вахъарав гIелмабазул кандидат.

 

Эмен, хъахIлъи барабго, хурзабахъе сверизе унаан. Гьесда ратун руго 4 чIужугIадан лъилъараб хуриса ролъул тIор бищулел. Гьел хIинкъун лъугьун руго. ХIажица абун буго: «Нуж хIинкъуге, сагIат микьго тIубазегIан щвараб жоги босун, бригадир вачIиналде рокъоре а», — ян. (Гьел руччабазул цояй гьабсагIатги Буйнакскалда йиго).

 

Нижер хъизам Чачаналъа гочана Буйнакск шагьаралде. Чачаналъа гочулаго ва гочун хадуб бихьараб гIакъубаялъухъ, ккараб заралалъухъ рецIел кьечIо. Диналъулги бечелъиялъулги рахъалъ цIар рагIараб Басрияб ЧIикIаб росу ралъдал тIиналда хутIана. ГьитIинаб мехалда дир гIумру араб Басрияб ЧIикIаб росдал сипат-сурат гьабсагIатги цебечIун буго. Цо-цо мехалъ макьилъцин бихьула росу.