Гъуниб районалъ – 90 сон

МугIрузулаб Дагъистаналъул бакьулълъиялда, ралъдал гьумералдаса 1200-1400 метралъул борхалъуда буго Гъуниб район.

 

Гьелъул гIатIилъи буго 609,5 кв.км. Районалда буго 67 росу (кулабигун цадахъ), 18 росдал администрация. ГIумру гьабулеб буго 25800 чияс.
Бищунго борхалъуда бугеб бакIлъун рикIкIуна «Маяк» (2387 метр).
ТIоцебе Гъуниб район гIу­цIа­на, кантон хIисабалда, 1928 соналда, ВЦИКалъул къотIиялда рекъон, районлъун гьабуна 1929 соналъул лъабабилеб июналда.
Гъуниб районалъул гIорхъода руго Хьаргаби, Лаваша, Лак, ЧIа­­рада, Шамил ва Хунзахъ райо­нал.
Районалъул центр ккола Гъу­ниб росу. Гьениса Ма­хIач­хъалаялде буго 150 км. Района­лъул нухазул халалъи бащалъула 447 километралда. Руго гьенир вертолетал чIолел майданалги.
Районалъе кьучI лъуралдаса 90 сон тIубаялда бан, 12 октябралда тIобитIизе бугеб байрамалъулаб программа:
1) 09:00 — 09:30. Гьалбадерида дандчIвай.
2) 09:30 – 10:30. Районалъул машгьурал ва тарихиял бакIазде экскурсия гьаби.
3) 10:30 – 11:00. Тадбиралъул байбихьи. «Къункъраби» мемориалалда цере тIугьдул лъей.
4) 11:00 – 11:30. «Тарихияб ракIалдещвей» парад тIобитIи.
5) 11:30 – 12:00. Росабазул миллиял майданазде щвей.
6) 12:00 – 13:00. Баркиялъулаб митинг.
7) 13:00 – 13:30. ЦIалдохъабазул флешмоб ва палугьабазул церерахъин.
8) 13:30 – 17:00. Концерт.
9) 14:00 – 16:00. Гьалбал къабул гьари.
10) 17:00 – 17:30. Гьалбал нухарегIи. Байрамалъулаб фейерверк.