Рахьдал мацIалъул къваридаб къиса

Жакъасеб къоялъул кьогIаб хIакъикъат

 

Дагъистаналъул мацIазул масъалаби гьоркьор лъурал данделъабазда кидаго бицунаан Татарстаналдаги Башкортостаналдаги рахьдал мацI малъиялъул иш лъикI гIуцIун бугин. Хасго кIварбуссинабулаан, республикабазда гIумру гьабулел киналго халкъазул вакилзабазе чарагьечIеб дарслъун кколин татарги башкирги мацIазул дарсалин. Ахираб заманалда ахIи бахъана кIиябго республикаялда Рос­обрнадзоралъги РФялъул генералияб прокуратураялъги халгьаби тIобитIулеб бугин. Гьелъие гIиллалъун ккана республикабазда гIумру гьабулел гIурусазги батIиял миллатазул вакилзабазги рехсарал федералиял идарабазде кагътал ритIиялъул хIасилалда РФялъул президент Владимир Путиница кьураб буюрухъ.

2017 соналъул 20 июлалда Йошкар-Олаялда тIобитIана РФялъул президентасда цебе гIуцIараб Миллиял бухьеназул советалъул данделъи. Гьениб улкаялъул президентас гьадин абуна: «ГIурус мацI ккола ни­лъер гIемермиллатазулаб улкаялъул тIолабго халкъ цолъизабулеб рухIияб къолден. Гьеб лъазе ккола щивасда. Россиялъул халкъазул мацIал – гьел ккола Россиялъул халкъазул культураялъул хаслъи гъорлъ бессараб ва гьелдаса тIей гьечIеб бутIа. Конституциялъги ихтияр кьолеб буго гьел мацIал лъазаризе. Жиндир рахьдал мацIлъун кколареб мацI чиясда зулму гьабун малъизе бегьуларо. Гьединго бегьуларо гIурус мацI малъиялъе рихьизарурал сагIтал дагьлъизаризеги. Гьелде хасаб кIваркьезе ккела РФялъул регионазул бутIруз», — ан.

Хехаб жаваб
Башкортостаналъул киналго школазда малъулеб букIана башкир мацI. Гьениб гIумру гьабулеб халкъалъул 25 процент ккола татарал, нусазаргоялдаса цIикIкIун руго чувашалги, марийцалги, цогидалги халкъал. Башкириялдаги улбуз гIарза хъван букIана республикаялъул прокуратураялде. «РФялда лъайкьеялъул хIакъалъулъ» федералияб законалъул 14-абилеб статьяялде мугъги чIван, Башкириялъул прокуратураялъ гьадинаб жаваб кьуна: «Гражданазул ихтияр буго Россиялъул халкъазул рахьдал мацIал лъазаризе. Законалда рекъон, рахьдал мацI малъизе ихтияр буго, амма тIадаблъун гьабун гьечIо, РФялъул субъектазул пачалихъияб мацIлъун кколелги рахьдал мацIалги чарагьечIого малъизе. Гьединлъидал, цIалдохъабазул эбел-инсул разилъи гьечIони, гьезда рахьдал мацIал, гьездаго гьоркьоб – башкиразул мацIги – малъизе бегьуларо» -ян.
Йошкар-Олаялда Владимир Путиница абурал рагIабаздаса хадуб, кьучIдасанго хисана школазда рахьдал мацI малъиялде БРялъул бетIер Рустэм ХIамитовасул букIараб бербалагьи. Гьесул бихьизабиялда рекъон, башкир мацI малъизе байбихьана факультатив хIисабалда. Амма гьебго заманалда, гьес лъазабуна, рахьдал мацI цIуниялъул мурадалда, батIи-батIиял тадбирал хIадуреянги. ХIамитовасул пикруялда, школалда малъунин абун, рахьдал мацI цIунун бажаруларо – гьелъие гIуцIизе ккола хасал шартIал. Гьес абуна, цо миллаталъул анкьго цIалдохъанасе рахьдал мацI лъазабизе бокьун бугони, масала, классалда ватани гьединав анкьго чувашав, школазда гьелъие шартIал гIуцIизе ккелаянги.
Рустэм ХIамитовас гъолбасана «Башкортостаналда пачалихъиял­ги гьенир гIумру гьабулел халкъазулги мацIал церетIезариялъул хIакъалъулъ» указалда гъоркь. ГьабсагIаталда гьеб указ рикIкIуна миллиял мацIал церетIеялъе квербакъулеб аслияб законлъунги. Исана тIобитIараб августалъулаб учительзабазул данделъиялда аслияблъун букIана рахьдал мацIал малъиялъул масъала. Гьениб бицана, рахьдал мацI лъазабизе рес букIине бугин, ригьалъухъ балагьичIого, щивав башкирасе. Гьединаб рес щвезе буго интерактивиял дарсазул кумекалдалъун, ай интернет-порталалдасан цIалиги гIуцIун. Гьеб данделъиялда Рустэм ХIамитовас цIалдохъабазул умумузда гьарана башкир мацI цIунизе кумек гьабеян. «Нужее батIияб мацI малъизе къваригIун батани – малъила. Амма башкир мацIалъе кумек хIажат буго. РачIа гьелда тIадги ургъизе. Гьеб буго нилъгоги нилъер маданияб бечелъиги цIуниялъул суал. Гьабе кумек. Кумек гьабиялъухъ балагьунги кьола жамгIияталъе къимат», — ан абуна гьес. Башкир мацIалъул цониги учитель хIалтIудаса махIрум гьавугеянги лъазабуна бетIерас.

Татар мацI — индусазе гIака гIадабго жойищ?
Татарстаналда цIалдохъабаз ча­рагьечIого кьезе кколаан рахьдал мацIалъул экзамен ва гьелъухъ щвараб къиматги лъолаан аттестаталда. Татар миллаталъул вакилзабазецин рекIее гIолеб гьечIо гьеб иш, щайгурелъул лъималазул аттестаталъул балл гIодобегIан кколеб букIун. Ахираб кIиго соналъ Татарстаналда лъугIулеб гьечIо рахьдал мацI хириязулги гьеб рихаразулги дандечIей. Улкаялъул президентасул рагIабаздаса хадуб гIемерлъана Путинихъеги федералиял идарабазу­хъеги цIалдохъабазул улбуз хъварал кагътал.
2017/2018 цIалул соналъул байбихьуда президентас Генералияб прокуратураялдаги Рособрнадзоралдаги лъазабуна, РФялъул субъектазул школазда гIурус мацI къварид гьабулеб бугищали, ай Россиялъул халкъазул мацIазда гьоркьоса рахьдал мацI жидеего бокьун малъиялъул ихтияр цIунулищали халгьабеян абун. Гьеб мехалда цIикIкIана татар мацIалде данде рагъбая­лъул жигарги. Казаналъул школазда тIоритIизе байбихьана улбузул дандеруссинал. «Вечерняя Казань» газеталда рахъарал гьединаб дандеруссиналъулги татар мацIалъул масъалабазулги хIакъалъулъ бицунел макъалаби цIалидал, бичIчIулеб буго жамгIияталъул пикраби рикь-рикьун ругеблъи. Гьел пикраби релълъун руго дагъистаниязул харбазда. «Щай нижее татар мацI? Дир лъимер цIализе ине буго Москваялде». «Биччанте букIине татар мацI! Аслияб жо – дир вас гьаб гимназиялдаса махIрумлъунгутIи».
Татарстаналъул бетIерасги, Лъайкьеялъул министерствоялъги, школазул нухмалъулезги цогояб пикруги ккун, хIаракат гьабулеб буго школазда рахьдал мацI цIунизе. Гьеб мурадалда цIалул ва хIалтIул планазда, классазул журналазда ва цогидал документазда, татар мацIалъул бакIалда, хъвана «рахьдал ма­цIилан». Гьебги гьабуна, федералиял стандартазда «татар мацIилан» хъван гьечIин, «рахьдал мацIилан» бугинги абун.
«ТРялъул пачалихъиял мацIалги рахьдал мацIалги малъиялъул хIакъалъулъ» суал лъун букIана Татарстаналъул парламенталъул данделъиялда. Амма Рустам Миннихановас абуна, масъала жеги дандбан бахъун гьечIин федералияб нухмалъиялъулгун. Гьединлъидал гьеб нахъе бахъана. Татарстаналъул лъайкьеялъул министр Энгел ФаттахIовас хIаракат гьабулеб буго РФялъул лъайкьеялъул министр Ольга Васильевагун дандчIвазе ва рахьдал мацI хIисабалда татар мацI школазда цIунизе.
Татарстаналда буго ункъо цIалул план. Дагъистаналда – кIиго. №1 ва №2 цIалул планазда рекъон, цIали гIуцIун буго Татарстаналъул гIурус мацI рахьдал мацIлъун кколел школазда. №3 цIалул планалда рекъон, анкьида жаниб букIине ккола татар мацIалъул лъабго сагIат. №4 цIалул план хIадурун буго гIурус мацI рахьдал мацIлъун кколарел школазе (цебеккун гьединал школазда абулаан миллиялин). Гьелда рекъон, базаялъулаб бутIаялда чарагьечIого рукIине ккола «рахьдал мацIалъулги» «литературияб цIалиялъулги» дарсал ва аттестаталда лъола гьезухъ щварал къиматалги. ГIурус мацIалъего гIадин, бащадго кьун руго татар мацI малъизе сагIталги. Гьеб цIалул планалда рекъон гIуцIун буго цIали Татарстаналъул киналго школазда. ЦIалдохъабазул улбуз №3 цIалул план тIасабищаниги, аттестаталда къиматал лъезе руго. Гьелде дандечIун руго цIалдохъабазул улбулги.

Законалъ кин малъулеб бугеб?
Татарстаналдаги Башкортостаналдаги къабул гьарун руго респуб­ликаялда пачалихъияб мацIалъул хIакъалъулъ законал. Гьединаб закон Дагъистаналда жеги къабул гьабун гьечIо. Татарстаналъул законалда хъван буго, татар ва гIурус мацIал ращадго малъизе кколин школаздаян. Башкириялъул законалда хъван гьечIо, башкир мацI щивав чияс чарагьечIого лъазабизе кколин абун; гьелда абулеб буго, щивасул ихтияр бугин рехсараб мацI лъазабизе. Гьединлъидал Татарстаналъул закон федералияб законалда рекъонкколаро, Башкортостаналъул – рекъонккола. Гьединлъидалги батила, БРялъул нухмалъиялъ, улкаялъул президентасул рагIабаздаса хадуб, хехаб куцалда факультативалде сверизабуна рахьдал мацIалъул дарсги. Татарстаналъе бокьун гьечIо хиса-баси гьабизе. Гьезул хьул буго федералиял идарабазда жал ричIчIилин ва татар мацI цIунизе бажарилин.

Нахъарокъобе ккараб
рахьдал мацI
Исана сентябралдаса нахъе цIидасан ахIи бахъана нилъер республикаялдаги. Редакциялде кIалъан рачIана цIалдохъабазул умумул. Гьез бицана, жидехъа тIалаб гьабулеб бугила рахьдал мацIалда цIали гIуцIеян-гIуцIугеян гъолбасарал кагътал. Цояз разиго къабул гьабуна гьеб иш ва, рахьдал мацI хIажат гьечIин, хехал гъолбасалги гьарун, кагътал тIадруссинаруна школазде. Цогидал (гьел ратила дирго гIадин рахьдал мацIалъул къисматалъ ракIунтарал магIарулал), суал гьедин лъеялъулъго инсанасул ихтияр хвезаби кколин абун, кагътазда гъоркь гъолбасине инкар гьабун чIана.
Кинаб хIал бугеб Дагъистаналъул, хасго магIарул росабазул школазда? Гьеб суалалъе жаваб батизелъун, нижеца цIех-рех гьабуна Буйнакск районалъул ТIаса Гъараниб росдал гьоркьохъеб школалда. Рехсараб школалъул директор Наби СалахIудиновас гьадин бицана цIалдохъабазухъе кьурал кагътазул хIакъалъулъ: «ЦIалдохъабазул улбузда гьоркьоб цIех-рех гьабун букIана, «Кинаб мацIалъул дарсал цIикIкIинаризе нужее бокьилеб: рахьдал мацIалъулищ яги гIурус мацIалъулищ?» — абун. ГIемерисел цIалдохъабазул эбел-инсуца тIасаби­щана гIурус мацI», — ан.
Рахьдал мацIалъул учительница Сиядат Сагитовалъул дарсиде хьвадула школалъул киналго цIалдохъаби. «Авар мацIалъул дарсазде киналго лъимал рачIуна. Школалда дарсал кьолел руго кIиабилеб цIалул планалда рекъон. Ахирисеб ункъо-щуго соналъ рахьдал мацIалъул дарсал дагьлъизарун руго. Гьанже рахьдал мацIалъул ва рахьдал адабияталъул дарсал анкьида жанир цо-цо нухалъ гурони гьечIо.
ГIисинаб гIелалда бичIчIулеб гье­чIо магIарул мацI. ТIоцебесеб класса­лъул лъималазда, цIирачIарал цIал­до­хъабазда лъалеб гьечIо магIарул мацI. Эбел-инсуца хасаб тIадчIей гьабулеб буго гIурус мацIалда. ЕГЭ кьолеб мехалъ, гIурус мацI лъикI лъазе кколинги абун, улбуз гьелде цIикIкIараб кIвар кьолеб буго. МагIарул мацIалда тотальнияб диктант хъвалеб мехалъ, гьеб лъималаздаса лъикI хъвана гьезул улбуз», — ан абуна Сагитовалъ.
Ахиралда гара-чIвари гьабуна цIалдохъабазул улбузулгунги. МагIарул мацI хIажат бугищан, школалда гьеб малъизе кколищан суалал кьуна 15 гIаданалъе, кIиго-лъабгоялъ гурони тIасабищичIо рахьдал мацI.
Дагъистаналда рахьдал мацIал зулму-хIал гьабун малъулел гьечIо батIиял миллатазул вакилзабазда (дагIба базе бегьула гIандалгун цезазул группаялда гьоркьоре унел магIарулаз – гьеб батIияб масъала буго). Гьединлъидал рахьдал мацIалда цIали гIуцIизе бокьун бугищан цIалдохъабазул улбузухъа кагътал ракIари нижеда мекъаблъун бихьулеб буго. КигIан такрарлъулеблъун бихьаниги, рахьдал мацI буго нилъер тарихги, маданиятги, къокъго абуни, тIолабго рухIияб бечелъи гъорлъ бессараб нилъер хазина. Гьеб цIунизе къуват гIезе ккола, Татарстаналъулги Башкортостаналъулги нухмалъиялъулго гIадин, нилъер республикаялъул бетIерасулги, Лъайкьеялъулги гIелмуялъулги министерствоялъулги, гIадатиял дагъистаниязулги. Жакъа лъималазухъа гIурус мацIалъул ЕГЭ кьун бажаруларинги абун, гьелъие рахьдал мацIалъ квалквал гьабулеб бугин бихьизаби ккола нилъеца нилъецаго къабихI гьари.

Кавсарат Сулейманова,
ХIалимат МухIамадова,
ДГИялъул студентка