ГIагараб районалъул тарихги хъвалаго…

«ЦIумадисезул гьаракь» газеталъе кьучI лъуралдаса 80 сон сверана

 

ВКП(б)ялъул ЦIумада райкомалъул ва райисполкомалъул тIалабалда рекъон, ВКП(б)ялъул Дагъистан Обко­малъул ва Совнаркомалъу­л хIукму­ялдалъун бихьизабуна ЦIу­мада районалъул газета биччазе. 1937 соналъул тIоцебесеб декабралда «Ленинил нух» абураб цIаралда гъоркь къватIибе бачIана гьелъул тIоцебесеб номер.
Гьелде щвезегIан ЦIумаде бачIунеб букIана, республикаялъулаб газеталъунги букIун, 1934 соналдаса нахъе Болъихъ, ЦIумада, ГIахьвахъ ва Гумбет районазда гьоркьосеблъун гьабун, Болъихъ бахъулеб букIараб «Социализмаялъулъ байрахъ» газета. Гьелъул бакIалда «МагIарул большевик» абураб цIияб цIаралда гъоркь 1934 соналъул сентябралдаса нахъе МахIачхъалаялда бахъизе байбихьана магIарул областалъулаб газета.
Болъихъа Агъвалибе рехана типографиялъул хIарпал рищулеб станокги цогидаб хIажатаб алатги. Болъихъ редакциялде хIалбихьи босиялъе, махщалие ругьун гьариялъе ритIун рукIана рукIинесел редакциялъул хIалтIухъаби. Байбихьуда газета бахъиялъе, гьеб къватIибе биччаялъе кумек гьабуна «МагIарул большевик» газеталъул редактор Ражаб ДинмухIамаевас, «Социализмаялъул байрахъ» газеталъул редактор Абакар ТIагьировас. Авалалда гьитIинабго букIана «Ленинил нухалъул» коллектив, лъабго-ункъо чи вукIана гьенив хIалтIулев.
1938 соналъул ахиралде щвезегIан «Ленинил нух» бахъулаан латиналъ, хадуб, хъвай-хъвагIай кириллицаялде бачиндал, газета биччазе байбихьана гьеб алипалда.
Ункъого сонил тарихалда жаниб газеталъ нахъа тана захIматаб ва гьайбатаб нух. Советияб пачалихъалъул хIалуцарал соназда, социалияб гIуцIи хисидал, жамгIияталда кколел рукIарал лъугьа-бахъиназда рекъон, къокъине ккана газетаги гьелъул журналисталги. Арал соназда жаниб газеталъе нухмалъи гьабуна анцIила ункъо редакторас, хисана журналистазул чанго гIел, газеталда цIарал. Амма хисичIого хутIана газеталда тIадаб борчги кку­раб нухги: районалъул гIумру би­хьизаби, гьеб рухIиябгун культу­рияб, социалиябгун лъайкьея­лъул, сахлъицIуниялъул рахъалъ цебе­тIезабиялъе квербакъи. Газеталъ хъва­­на захIматалъул церехъабазул­ги, гIаммал магIишатазда бугеб ахIвал-хIалалъулги, щварал бер­гьен­лъабазулги хIакъалъулъ ва тIа­тинаруна гIумруялъулъ данд­чIва­лел гIун­гутIаби.
МагIарухъ радиоги хIалтIуларел, телевизорги гьечIел дол соназда «Ленинил нух» букIана районалдаги республикаялдаги лъугьунелъул хIакъалъулъ халкъалъухъе щвезабулеб чапарлъун.
Районалъул газеталда цебечIараб масъалалъун букIана жамгIияталъул рухIияб гIумруялъул тIолалго рахъазда цIияб, социалистияб идеология бергьинабиялъе гIоло захIматчагIи магIишатияб, пачалихъалъулаб ва культурияб гIуцIарухъанлъиялде гьор­кьоре цIай, лъикIаб хIалби­хьия­лъе, халкъияб лъай ва сахлъи цIуни цебетIезабиялъе, рукIи-рахъиналъе гIоло къеркьей.
ЦIумадисезул газеталъул архи­вал­да ругел цересел номеразул тIогьил­лъарал тIанчал регулаго, сурат бахъараб гIадин, якъинго цебечIолеб буго ункъого соналда жаниб районалъ нахъа тараб нух: культура, лъай, росдал магIишат, гIадамазул гIумру, инсанасул къисмат. ХIакъикъаталдаги газета лъугьун буго районалъулги гьелъул гIадамазул гIумруялъулги хIа­къалъулъ хъвараб кIудияб тарихияб тIехьлъун.
Газета гIуцIулеб мех букIана ма­гIарухъ гIаммал магIишатал-кол­хозал гьаризе байбихьараб, ликбезал, мактабал рагьун лъавукълъи лъугIизабиялде тIаделъараб. Гьеб ишалъулъ кIудияб бутIа лъуна газеталъги.
Газеталъул рубрикабаз бицунеб буго дол хIалуцарал соназул, цIияб идеологиялда рекъон ра­хъулел ру­кIарал макъалабазул хIакъа­лъулъ. «Коллективизация – нилъер бу­кIинесеб», «ГIаммал магIишатал ни­лъер талихI ккола», «Кулакал яри­за­ре», «Кулакал – халкъалъул тушбаби», «Лъавукълъи лъу­гIи­за­бизин», «Басриял гIадатал гIум­ру­ялдаса рачахъилин», «Киналго – ликбезазде», «РухIанияб тайпа ни­лъер чагIи гуро» ва гь.ц.
Хасго цIикIкIараб хIаракатчилъи га­зеталъ бихьизабуна КIудияб Ва­тIа­нияб рагъул соназда. «Кинабго фрон­талъе, кинабго бергьенлъиялъе гIоло», «Фашистазе хвел», «Бергьенлъи нилъехъ букIине буго» абурал рубрикабазда гъоркь газеталда рахъана анцI-анцI макъалаби. Сов­информбюроялъул лъазабиял, фрон­тазда бугеб ахIвал-хIалалъул хIа­къалъулъ бицунел макъалабиги, районцоял фронтовиказул кагъталги, гьезул бахIарчиял ишазул, районалъул захIматчагIаз бергьенлъиялъе гIо­ло бакIарараб гIарцул, гIи-боцIул, хIакъалъулъ материалалги.
ЦIумада районалъул газеталъул ва мухбирзабазул кидагосеб бухьен бу­кIана республикаялъул магIарул аслияб газеталъулгун. «БагIараб бай­ра­хъалде» хъвадарулезда гьоркьор ру­кIана Ж. ГIабдусаламов, М. ГIа­ли­къадиев, ГI. ГIабдусаламов, ГI. ХIам­затов, ГI. ХIажимухIамадов, М. Му­хIамадов, М. Закаряев, М. Абакаров, ХI. ГIумаров, М. Ибрагьимов, А. Камилов, С. Давудов ва гIемерал цогидал.
ЦIумадисезул «Колхозчи» газеталдаги «БагIараб байрахъ» газеталдаги гьоркьор рукIарал гъункарал бухьеназул бицунеб цо мисал. Араб гIасруялъул ункъоабилел соназул авалалда кIиябго газеталъул редакциялде гIемерал гIарзал-кагътал рачIунел рукIана ЦIумада районалъул росабалъа гIумруялда дандчIвалел захIмалъабазул, гьечIел шартIазул хIакъалъулъ бицун. Масала, росабалъе нухал, ток гьечIолъиялъул, тах­шагьаралдаса Агъвалибе автобус хьва­диялъул гьечIеб гIадлуялъул хIа­къалъулъ, сахлъицIуниялда, лъай­­­кьеялда хурхарал ва гь. ц. ХIа­къи­къаталдаги, гIадамазул тIалабал, гIар­зал кьучI бугел, ритIарал ру­кIана. Гьебги хIисабалде босун, «БагIараб байрахъалъул» редактор ХI. ГIариповас КПССалъул ЦIу­мада райкомалъул тIоцевесев секре­тарь Ш. МухIамадовасулгун, райисполкомалъул председатель ХI. МухIамад­каримовасулгун дандги бан, «Колхозчиялъул» ва «БагIараб байрахъул» хIаракаталдалъун 1983 соналъул июналда Агъвалиб тIобитIун буго «Кагътазул къо». Гьелда гIахьаллъун руго Дагъавтодоралъу­л, Дагъэлектросетьстроялъул, Дагъпотребсоюзалъул, ДАССРалъул Сахлъи­цIуниялъул министерствоялъул ва цогидалги республикаялъул идарабазул нухмалъулел. Гьелъул хIакъалъулъ гIатIидго хъван буго кIиябго газеталъ гуребги, «Дагестанская правда» газеталъги. БакIалдаго тIубан буго районалъул гIадамазул чанго гьари ва тIалаб, цогидал тIураялъе, заманги цIан, рагIи кьун буго. Лъалеб цебетIей, туркIи ккун буго районалъул гIумруялъулъ «Кагътазул къоялъул» баракаталдалъун.
ЦIигьабун гIуцIиялъул заман тIа­де щведал, хадуб коммунист партиялъул кверщелги тIаса индал, газеталъе эркенлъи щвана гьан­желъизегIан тIаде нуцIа къан букIаралъулги хIакъалъулъ рагьун хъвазе. Масала, газеталъ халкъалъе цIидасан рагьана имам Шамилил тема, гьесул нухмалъиялда гъоркь эркенлъиялъе ва тархъанлъиялъе гIоло XIX гIасруялъул тIоцебесеб бащалъиялда магIарулазул къеркьеялъул Кавказалъул рагъул, ба­хIарчиял гIахьалчагIи Хъварщиса Загъаласул, ТIиндиса Буса­гIиласул, ГIаличуласул, Гьигьалъа Има­мухIамадил ва анцI-анцI цоги­дал гъазаватазул бахIарзазул хIакъа­лъулъ. Гьайгьай, заман хисиялда ца­дахъго хисана газеталъул гьурмалги. Щибаб моцIалда гIадин, газеталъ кьолеб буго «Исламалъул нух» абураб гьумер. Гьелда рахъулел руго росабазул имамзабазул, диниял хIаракатчагIазул макъалаби. Бицунеб буго районалдаса рахъарал исламалъул церехъабазул, гIалимзабазул ва гь.ц.
БатIи-батIиял соназда ЦIумада районалъул газеталъул гIумруялъулъ гвангъараб лъалкI тана цересел редакторал – М. Загьидовас, къогоялдаса цIикIкIун соналъ газеталъе нухмалъи гьабурав М. Залимхановас ва хехгого нилъедаса ратIалъарал М. ЖахIпаровасги М.-С.ЖахIпаровасги.
«ЦIумадисезул гьаракь» газета буго районалъул халкъалъе бокьулеб басмалъун. Гьелъие нугIлъи гьабула газеталъул тираж 4400-ялде бахун букIиналъги. МагIарул цониги районалъул газеталъул гьечIо гьединаб тираж, хIатта цо-цо республикаялъулал газетазулцин тираж гьелде бахунаро. Жакъа ЦIумада район экономикиябгун, социалияб ва культурияб рахъалъ ракIчIарал галабигун цебехун унеб букIиналъулъ «ЦIумадисезул гьаракьалъ» лъураб ва лъолеб бугеб бутIа кIудияб бугин абуни, щибго гьереси букIинаро.
РакI-ракIалъго баркула «ЦIума­дисе­зул гьаракьалъул» 80 сонилаб юбилей, цебесебги цIунун, цIиябги батун, цIалдолезе бокьулеблъун газета гьабулеб редакциялъул коллективалда ва тIолалго газета цIалулезда.
Пайзула Пайзулаев